Араб анкьалда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда, тIобитIана «Имам Шамилил 500 кагъат» абураб кIиго тIехьалъул цебебоси. Гьенир гIахьаллъизе рачIун рукIана гIалимзабиги, студенталги, миллаталъул тарих хириял магIарулалги, тIахьал гIуцIарал, жакъа нилъер бахIарчияб тарих хадусел гIелазухъе кьолел, миллаталъул жавгьараллъун жакъа нилъее ругел тIехь данде гьабурал гIолохъабиги. Кагътал данде гьарун руго МухIамад ХIамзаевас, МухIамад...

