«Мун унтизе ресго гьечIин, парахат рокъой чIа», — янги абун, март моцI бащалъуде щвараб заманалда, самоизоляциялде йитIана дун нижер бетIерав редакторас. Гьалеха, лъабабилеб моцI гирулеб буго, тIегь-хералдеги юссун, Гьидалъ яхчун йигелдаса. ГIаламалдего рокъор чIаян ахIи балеб гьаб заманалда, щибаб цIияб номералде хъвазе цIиял-лъикIал харбалги кирха ратилел. Архивалда хъирщардулаго, тIаде ккана 2015 соналъ Турциялде гьабураб сапаралдаса...
