2024 соналъул 2 декабралда хасаб рагъулаб операциялде жиндиего бокьун ана ТIалхIатов Шамил. Гьев вукIана хъизамалда цохIо бугеб лъимер. Гьев цIалана ва гIуна МахIачхъала шагьаралда. 11 классги лъугIизабун, ана Хасавюрталъул техникияб училищеялде цIализе ва хадубго лъугIизабуна МахIачхъалаялъул автодорожнияб институт. ХIалтIулев вукIана автошколалда, инженерлъун. Гьал къояз ниж дандчIвана Хьаргаби росулъа бахIарчияв васасул эбел ПатIимат МусахIажиевагун. —...



