КунчIараб къисматалъул гъанситохъ… МухIамад Ибрагьимович МухIамадов. ЛъикIав гьалмагъ. МагIарул мацIалда тIад хIалтIулев гIалимчи. Жеги гIемер лъикIалги тIокIалги рагIабазе мустахIикъав вуго МухIамад. Исана гьев гьавуралдаса тIубала 60 сон. Киналго курсцоязул рахъалдасан баркула МухIамадида гьайбатаб ва бацIцIадаб гIумруялъул завал. Гьарула гьесие дагьалги тIадегIанал гIелмиял рорха-лъаби мукIур гьаризе жанги, жигарги, хъизамалъул гъасда бакараб цIадуе гвангъиги, гвангъарал къасдазе...
