ЦIалкIиниб лъим чIоларо

Пенсиялъул реформа ургъарав чиясул гьоркьохъеб моцIрол харж бахуна кIиго млн гъуршиде

 

РФялъул Финансазул министерствоялда цебе бугеб финансазул гIелмиял цIех-рехал гьарулеб институталъул (НИФИ) директор, 35 сон барав Владимир Назаровас кьучI лъуна пенсиялъул ригь цIикIкIинабиялъул хIакъалъулъ теориялъе. Рехсараб институталъул директорлъун гьев хIалтIулев вуго 2013 соналдаса нахъе.

ГIанкIуялда малъарулеб «хоно»

Алексей Кудринил квербакъиялдалъун 29 сон барав Владимир Назаров вахъана Россиялда финансазулгун экономикаялъул реформаби гьарулеб институталъул директорлъун. НИФИялда ургъана гьаб ахIи бахъинабураб пенсиялъул реформаги, ва Назаровасги лъуна гьелъие кьучI.
90-абилел соназул реформаторал ХIайдар, Чубайс ва Кудринго гIадин, Владимир Назаровги киданиги хIалтIичIо хIакъикъияб экономикаялъул цониги бутIаялда. Гьесда гьеб щиб жояли лъалебцинги батиларо. 2005 соналда гьес лъугIизабуна финансазул академия ва хIалтIана Канадаялъул Финансазул министерствоялда. Гьелдаса хадуб гьев тIамуна РФялъул хIукуматалъул аппараталъул экспертлъун. Ва цадахъго хIалтIулев вукIана ХIайдарил цIаралда бугеб экономикаялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъанлъун.
Кин экспертлъун ва гIелмияв хIалтIухъанлъун вукIунев 22 сон барав гIолилав? Гьеб суалалъе жаваб батиялда тIад ургъунго ватиларо цониги хIаким. Амма Владимир жигаралда гIахьаллъула бюджеталъул реформа хIадуриялъулъги, пенсиялъул данде гьабулеб (накопительная) бутIаялъул букIинеселъул бицунел бахIсазулъги. Хадурккун гьес хIадурула регионазул экономикияб цебетIеялъул хIакъалъулъ программаби (Кострома ва Томск областазулги Пермь краялъулги)… Ва тIамула НИФИялъул директорлъун.

Аслияб масъала – «пенсия щолезул къадар дагьлъизаби»

Назаровас байбихьана пенсиялъул ригь цIикIкIинабизе ва хехаб куцалда пенсиялъул реформа гьабизе кколин абураб хабар бицине. 2016 соналъул январалда «Финансазул журналалда» бахъараб гьесул макъа­лаялда хъван буго: «Пенсия­лъул хайир цIикIкIинабизе рес гьечIеб мехалда, гьабизе ккола реформа, гурони гьабсагIаталда бугеб хIал цIунизе захIмалъизе буго. Реформаялъул аслияб мурадлъунги букIине ккола пенсиялъул фондалде взносал кьеялъул иш камил гьаби. Гьеб гьабизе ккола хъвай-хъвагIай гьабичIого хIалтIулезулги, пенсия щолел гIадамазулги (тIоцебесеб иргаялда – цоги бакIаздасаги хайир щолезул) къадар дагьлъизабиялдалъун. Гьеб рахъалъ пайдаяблъун бихьула пенсиялъул ригь цIикIкIинабиги, болжал щвелалдего пенсиялде иналъул къагIидаялъулги, хIалтIулел пенсионеразе кьолел пенсиязулги реформа гьабиги», — ян.
2016 соналдаго абун букIана гьес гьедин. Ва гьесул пикру гIумруялде бахъинабуна кIиго лъагIалидасан. РФялъул хIукуматалъ жеги хIукму гьабичIо болжал щвелалдего пенсиялде унел аскариязулги низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазулги рахъалъ. Амма гьединаб хIукму гьабиги кватIиларин абулеб буго экспертаз. Назаровас мухIканго бицунеб бугелъулха пайдаял нухазул хIакъалъулъ.

Пенсия кьечIониги кIваричIо

Пенсиялъул реформаялъул автор вакъунги мукъсанаб пенсиягунги хутIиларо. «Интересант» абураб Санкт-Петербургалъул интернет-журналалъ кьолел руго РФялъул Минфиналъул сайтазда батараб Владимир Назаровасе щолеб хайи­ралъулаб декларация. НИФИялда хIалтIулаго, гьелъул директор хIисабалда, Назаровасе щолеб букIун буго лъагIалие гьадинаб харж:
2013 с. – 28 489 440 гъуруш.
2014 с. – 13 675 800 гъуруш.
2015 с. – 16 894 450 гъуруш.
2016 с. – 41 581 026 гъуруш.
2017 с. – 18 831 019 гъуруш.
Щуго соналда жаниб гьесие щун буго 119 471 735 гъуруш, ай щибаб моцIалъ щола гIага-шагарго кIиго млн гъуруш. Гьединлъидалги батила, добго декларациялда рекъон, Назаровасул хъизамалъул Германиялда буго ункъо квартира.

«Дица ургъичIо гьеб кинабго»

Владимир Назаровасе рекIее гIо­ла­ро «пенсиялъул реформаялъул авторилан» жинда цIарчIвай. «Новая газеталъул» мухбирасул суалазе жавабал кьолаго, гьес инкар гьабулеб буго авторлъиялдаса: «Бегьилищ реформаялъул автор дун кколин абизе? Гьайгьай, бегьиларо. Реформаялъул автор ккола хIукумат», — ан абуна гьес.
Амма живго веццизеги нахъе къаларо. «Гьеб темаялда тIад хIалтIараб ахирисеб 10 соналда жаниб дица кидаго абулаан, пенсиялъул ригь цIикIкIинабизе кколин. Гьанже, ай хIукуматалъ ахир-къадги гьединаб хIукму гьабураб мехалда, дица абухъе гуреб, батIияб къагIидаялда гьез цониги жо гьабулеб бугин абуни, гьеб букIина гьереси. Дир пикруялда, гьеб буго ритIухъаб ва цебего гьабизе ккараб хIукму», — ян бицана гьес.
Пенсиялъул ригь цIикIкIинаби­ялде дандечIарал гIадамал Назаровас рикIкIуна тIадагьаб пикруялъул чагIилъун. «Гьез абулеб буго, цин рищватчилъи тIагIинабеян, пачалихъияб секторалъул пайда буголъи цIикIкIинабеян ва гьелдаса хадуб пенсиялъул ригьалде руссаян. Дир пикруялда, гьеб буго гIантлъи», — ян абуна гьес.
«Новая газеталъе» кьураб жавабалда буго: «СандукIалги хъирщун, батизе рес буго пенсия цIи­кIкIинабизе гIарац, амма метералде гьеб гIезе гьечIо… Гьеб релълъуна цIалкIинибе лъим тIеялда: кигIан тIуниги, гьеб чIобого хутIизе буго», -ян.
Владимир Назаровасул гьеб пикруялда тIадрекъезе бегьула. Щайгурелъул магIна гьечIеб института­лъул директорасе кIиго млн гъуруш моцIрое кьолеб, гьевго гIадал бюрократазе ругьунаб гIумру цIунизе квербакъулеб ва гIадатияб халкъ жеги 5-8 соналъ хIалтIизе тIамулеб хIукумат хIакъикъаталдаги релълъунелъулха цIалкIида.
P.S. «РФялда пенсиялъул хIакъалъулъ» законалъул проекталда хиса-басиял гьаризе рес букIана 24 сентябралде щвезегIан. 26 сентябралда цIияб законалъухъ гIенеккана Пачалихъияб Думаялъул данделъиялда. Гьанже гьелда абулеб буго «президентасулгун хIукуматалъул реформаян». Щайгурелъул Владимир Путиница халкъалде хитIаб гьабун хадуб, гьелда гьаруна гьадинал хиса-басиял:
1. ЧIужугIаданалъе пенсиялде ине ихтияр кьола 60 сон бараб мехалда ва 37 сонилаб хIалтIул стаж гIун батани, гьелдасаги кIиго соналъ цебе. Бихьинал хIалтIизе ккола 65 сон базегIан ва букIине ккола 42 сонил хIалтIул стажги.
2. 2019-2024 соназда пенсиялде унел гIадамазул пенсиялъул индексация гьабизе буго лъагIалида жаниб цо нухалда – тIоцебесеб январалда. Цебеккун гьеб гьабулаан кIицIул – тIоцебесеб февралалдаги (цебесеб соналъул инфляцияги кьочIое босун) тIоцебесеб апрелалдаги (пенсиялъул фондалъул хайиралъул хIисабги гьабун). Страховияб пенсиялде тIаде бачIине буго, гьоркьохъеб куцалда, лъагIалида жаниб азарго гъуруш – гьелъие хIисабалде росизе руго щивасул пенсиялъул баллалги гьесие чIезабураб пенсиялъул къадарги.

Алексей НИКОЛАЕВ,
«Интересант»
интернет-журнал