Руччабазе бегьулебщинаб бихьиназе бегьуларо Рукьалда курхьен баялъ, килщида баргъич ххеялъ инсанасе гьабулеб асаралъул бицун гIемерал тIахьал хъван руго гIалимзабаз. ГIемерисез абулеб буго меседил баргъич даимго килщида ххун тезе лъикIаб гьечIин, хасго бихьиназе. Заман банагIан гьеб магIданалъе химиялъулаб асар гьабулеб гIаламат лъугьунеб буго. Гьелъ бихьинчиясул лугбузул низамги хвезабулеб буго. Амма руччабазе гьелъ зарал гьабулеб гьечIо....
