Лъималазул бахIарчилъи

«Волоколамскалъул мальчишал»

 

Москваялдаса 130 километралъ рикIкIада, Большая Сестра абураб гIурул рагIалда буго Волоколамск районалъул Стеблево росу.
1941 соналъул 15 декабралда полковник Чанчибадзел отрядалъ тушманасдаса эркен гьабуна гьеб гьитIинабго росу. Гьениса тушманги вачахъун, БагIараб Армиялъул подразделениялъги тана Стеблево. Росуцоязда лъалаан, нагагь фашистал тIадруссун рачIани, гьез зулму гьабизе букIин.

Росу цIунизе хIадурлъи

Лъималазул рокъор гIурал Во­лодя Овсяниковасги Саша Крыль­цовасги хIукму гьабуна ро­су цIунизе хIадурлъизе. Гьез гIу­цIана 11-16 сон барал лъималазул къокъа. Гьезие нухмалъи гьабулеб букIана Финляндиялъулгун рагъ­да гIахьаллъарав Иван Володиница. Гьес лъималазда малъана тун­кIаздасанги пулеметаздасанги кьвагьдезе.

Немцал тIадруссана

16 декабралъул рогьалилъ Са­ша Крыловасда рагIана бекулеб гIаркьелалъул сас. Цо заманалдасан гьесда бихьана фашистазул мотоцикл. Сашаца чанцIулго кьва­гьана гьезде. Фашистазул мото­цикл нахъбуссун ана. Къад росдаде гIа­гарлъана фашистазул цоги къо­къа, амма гьездеги кьвагьдана гIо­лилал. Фашистазда ракIалде ккана росу цIунун аскариял ругин абун ва тIубараб къоялъ гьаруна росдаде гьужумал. Ахир-къадги гьез росу тана. Гьениб БагIараб Армиялъул солдатал ругилан ракIалде ккун батила гьезда.

Нилъерал рачIана

17 декабралъул къалъул гIу­жал­да Стеблево росулъе рачIана Ба­­гIараб Армиялъул солдатал. Ко­­мандованиялъ лъималазе барка­лаги кьуна. Росу цIунарал лъималаздаги абизе лъугьана «Волоколамскалъул мальчишалин» абун.