Новость на родном

Дагъистаналдаса Рамазан Гъазимухlамадов — Россиялъул рахьдал мацlазул учительзабазул бищун лъикlaзул цояв

Гьал ахириял соназ «Бищун лъикIав рахьдал мацIалъул учитель» абураб ТIолгороссиялъул конкурсалдаса бергьенлъаби ва призалъулал бакIалги росун тIадруссунел Дагъистаналдаса мугIалимзаби. Гьезул цIикIкIуниселги ккола авар мацIалъул учительзаби. Гъоркьиса гьеб конкурсалда кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана Хунзахъ районалъул Уздалросдал гьоркьохъеб школалъул авар мацIалъул учитель Саида ХIусенова. Гьаб нухалда, регионалияб этапалда чIелги босун, Дагъистаналдаса гьениве гIахьаллъизе ана Гъуниб районалъул Гъоркьияб КIогьориб...

Новость на родном

Лъимер куцазе ккола кинидаго

  Республикаялъулаб Лъай кьеялъул централда гьал къоязда тIобитIараб данделъиялда бицана школазул цIалдохъабазеги гIолилазеги тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Данделъиялъул гIахьалчагIазул пикруялда рекъон, лъай кьеялъул идарабазда щолеб тарбия ккола рухIиябгун муруватияб бичIчIи лъугьиналъе кьучIлъун. Лъица кьезе кколеб лъималазе тарбия – эбел-инсуцайищ, лъай кьеялъул идараялъищ? Гьанир кьолел руго гьеб суалалъе нижер цIалдолез кьурал жавабал.   Интернеталъ кьола...

Новость на родном

Чирахъул канлъухъе

     ХIажимухIамад Жамалудинов гьавуна 1949 соналда, ЧИАССРалъул Ведено районалъул Октябрьское росулъ. 1957 соналда гьезул хъизам гочана ватIаналде.    ХIажимухIамадил эмен Жамалудин хIалтIулев вукIана БежтIа росулъ. 1959 соналда, 29 сон барав Жамалудин хвана ва БежтIаса цогидал цIалдохъабигун цадахъ ХIажимухIамад витIана Гъуниб школа-интернаталда цIализе. «Дида цадахъ интернаталда рукIана ГIабдулмажидов Султан, Иманов ИбнухIажар, ХIажимухIамадов МухIамад, ГIумалов МухIамад...

Новость на родном

ТIахьал росизе рес гьечIо

     Тахшагьаралъул ва Каспийскиялъул гIемерисел школазда лъабго сменаялда цIалулел руго цIалдохъаби. Умумузул гIарз буго лъабабилеб сменаялъ школалде хьвадулел лъимал къаси сагIат анкьгоялда гурони рокъоре щоларин абураб. Гьединго гIемерисел школазда цIалдохъабазе тIахьал гIолел гьечIо. Цогидазул гIарзал руго цIали байбихьизегIанго класс къачIазеян, техника босизеян, уборщицаялъе ва хъаравуласе харж кьезеян абун гIарац бакIарулеб бугин абунги. Щибаб соналда...

Новость на родном

Буртунаялда — цIияб ясли

1 сентябралда Казбек районалъул Буртунай росулъ рагьана 60 гьитIичасе бакI бугеб цIияб ясли-ах.      Гьеб рохалилаб тадбиралда гIа­хьаллъи гьабуна ДРя­лъу­л ви­це-премьер Ризван Гъа­зи­му­хIа­мадовасги.     ГьанжелъизегIан лъикIаб гье­чIеб минаялъуб хIебтIун бу­кIана буртабазул ясли-ах. Гье­динлъидал, цIиял, гьанжесел шартIазул ва санагIалъабазул хIажатабщинабги жаниб бугеб ясли-ах щвеялдаса цIакъ разиго руго росдал гIадамал.    Гьез кIудияб баркала загьир...

Новость на родном

Лъаялъул къебелъухъ къалъун буго нур

  КIиго миллиард гъурщил къуват, цIиял ясли-ахал ва школалъул минабахъ рещтIараб цIилъи      Хириял «ХIакъикъат» газеталъул гIисинал гьудулзаби, васалги ясалги. Гьале ахиралде щвана нужер каникулал, къо-лъикI гьабизе хIадурлъулеб буго рииги. ТIаде щвана цIияб цIалул сон. ТIоцебесб сентябралъ нужее нуцIби рагьана гIагараб школалъ. Чангиял ана гьанжего гьанже бан бахъараб цIияб школалде, гьединго цIигьарун къачIалел руго...

Новость на родном

Шамил районалда анкьго школа къачIана

       Шамил районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулесул заместитель Иляс ХIусеновас кьурал баяназда рекъон, районалда буго 43 школа: 22 – гьоркьохъеб, анкьго – аслияб ва 14 – байбихьул. Гьенив цIалулев вуго 2653 цIалдохъан. Исана тIоцебесеб сентябралда школалде вачIине вуго 290 цIалдохъан. КIиго сменаялда хIалтIула микьго школа.    Районалда буго 20 лъималазул ах, лъабго спортивияб...

Новость на родном

  ГIаймакиса гьитIичалги рачина цIияб школалде

             Дагьаб цебегIан тIобитIараб пресс-конференциялда ДРялъул лъай кьеялъул министр ЯхIя Бучаевас абуна: «Капиталияб ремонт гьабиялъул программаялда гIахьаллъана 192 школа. Жакъа къоялдехун, 70 бакIалда цIараб заманалдаса цебего гьарулел хIалтIаби рагIалде рахъинарун руго, хутIараб 110 мина гIага-шагарго 20-25 августалдехун хIадур букIине буго», — ян.    Амма киналго бакIазда гуро цIараб заманалде хIалтIаби...

Новость на родном

Капиталияб ремонт гьабулеб буго кIинусиде гIагарун школалъе

Республикаялъул пагьму-гьунар бугел лъималазул гIемеррахъазулаб лицей-интернаталда тIобитIана ДРялъул лъайкьеялъул минстр ЯхIя Бучаевасул пресс-конференция.     Министрас хIасилал гьаруна ГИА-2022-ялъулги риидалил сах гьариялъул кампаниялъулги. Гьединго баян гьаруна республикаялъул школазда капиталияб ремонтал рагIалде рахъинариялда ва цIалул соналде школазда унеб хIадурлъиялда хурхун раккулел суалазе жавабалги.     ЯхIя Бучаевасул рагIабазда рекъон, лъабго сменаялъул лъайкьеялъул къагIида лъугIизабиялъул мурадалда республикаялда...

Новость на родном

ХIикмалъабазул дунялалде сапар

     Москваялда бугеб рахьдал мацIазул федералияб институталъ санайил лъазарула рахьдал мацIал церетIезариялъул мурадалда батIи-батIиял конкурсал. ТIобитIана гьединаб конкурс исанаги. ТIолгороссиялъул гьеб конкурсалъул «Рахьдал мацIалъул кумекалдалъун – хIикмалъабазул дунялалде» абураб номинациялда гIахьаллъарай дие регионалияб этапалда щвана тIоцебесеб бакI. ХIалтIи битIун букIана федералияб этапалде. Гье- ний дун яхъана лауреатлъун. Дидаго цадахъ Москваялде шапакъатал кьезе ахIун рукIана...