Школалде учительлъун дун хIалтIизе лъугьаралдаса нахъе унеб буго 50 сон. Бокьун буго араб гIасруялдаги ва жакъасеб гIумруялдаги учителасдехун бугеб бербалагьи загьир гьабизе. Советияб заманалда учителасул къиматги, къадруги ва гьесул гьабулеб тIалабги тIадегIанаб даражаялда букIана. Гьесие гьарулел социалиял бигьалъабиги рукIана. Масала, чIобого кьолаан бухIизе цIулги тIурччиги. Гьебги щивасул кIалтIе щвезабулаан. МухIу ГIалиев президентлъун вугеб заманалда учителасе,...
