Республикаялъул онкологияб центр. Гьелъул азбаралда чIезе ккаразда бичIчIулеб батила гьел лахIзатаз унтул согIлъиги къисматалъул къварилъиги. Гьеб мехалда батIиял бераздалъун ралагьулел ратула гьел гIумруялъул берцинлъиялъухъ. Гьелде щвезегIан бихьичIеб гьеб берцинлъиялдаса гIорцIулелги ратиларо гьел. Гьелдасаги хIалуцарал рукIунел ратила УЗИ—аппараталда лъезе иргаялда чIарал минутал. Гьелъ бицаралда, бихьизабуралда бараб букIунелъулха унтарасул хадусеб къисматги. Гьединлъидал гьеб аппараталда хIалтIулезул букIине кколеб...

