Республикаялда халат бахъунеб буго «Тохтур щвезаве» абураб, тохтурзабазе кумек гьабизелъун гIуцIараб, волонтеразул акция.
Жиндирго машина бугев чияс радал хIалтIудеги, хIалтIудаса рокъовеги, гьединго, унтаразухъеги щвезавула тохтур. Гьеб акциялъул кумекалдалъун, гьанже тохтурзабазе рес щвана ковидалъ унтарал гIадамазухъе кIиго нухалъ цIикIкIун щвезе. Гьаб анкьил байбихьуда гьединал волонтераз МахIачхъалаялда, Избербашалда, Дербенталда ва Хасавюрталда кинабниги 50 батIияб адресалде щвезавуна тохтур.
Гьеб акциялъе тIоцебесеб къоялдаса нахъего кIудияб квербакъи гьабулеб буго республикаялда бугеб автоспорталъул рахъалъ федерациялъги.
«Нижее цIакъ бокьана гIадамазул сахлъи цIунизе ва чиясе лъикIлъи гьабизе гIоло гIуцIараб гьеб тайпаялъул проектазда гIахьаллъизе. Гьединго хитIаб гьабизе бокьун буго, щвараб ресалда пайдаги босун, гьединал лъикIал ишазда гIахьаллъи гьабе нужецаян цогидаздеги», — абун бицана Автоспорталъул федерациялъул вице-президент Эльдар Цахаевас.