Хурдузул тохтур Дараби гьекъезе ккола лъиданиги лъаларедухъ, гурони гьез кумек гьабуларо Физкультурияб институт лъугIун хадув, гIолохъанав махщелчи хIисабалда, ТIагьир хIалтIизе витIана ГЭСал ралеб гIуцIиялъул школалде. Гьений завучлъун хIалтIулей йикIана Валентина Михайловнаги, Дагъистаналде хIалтIизе ячIарай гIурус мацIалъул учительница. — Дица физкультураялъул дарсал кьеялдаго цадахъ бачунаан тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ секцияги. Иргадулал къецазда нижер командаялъе щвана кIиабилеб...

