ЗахIмат бихьунгутIиялъул хIасил
Россиялда щивав лъабабилев чиясул буго бидул тIадецуй
Цебе бидул тIадецуялъ 40-йилъа арал чагIи унтулел рукIун ратани, жакъа гипертониказул 33,4 процент ккола гIолилал, 7,2 процент балугъаб ригьалъул ва кIиго процент — лъимал. Россиялъул 63 процент халкъалъул унтун буго бидул тIадецуй цIикIкIиналъ. Ахираб кIиго соналда жаниб гьеб унтиялдалъун Россиялда хун вуго 1 млн 200 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабун буго бидул тIадецуй цIикIкIарав 105028 чиясул.
Бидул тIадецуй цIикIкIарал чагIаз гьабизе кколеб цIуна-къаялъул, гьезул букIине кколеб хьвада-чIвадиялъул, гьабизе кколеб тадбиралъул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна республикаялъул кардиологияб диспансералъул бетIерав тохтурасул заместитель, тIадегIанаб категориялъул кардиолог Сапият ГIалиевалъулгун.
— Сапият, бидул тIадецуй цIикIкIарал чагIазул къадар гIемерлъиялъе гIилла щиб?
— Аслияб гIилла буго жакъа инсанасул черхалда захIмат бихьунгутIи, гьесул гIемерисеб заман компьютералда, планшеталда ва телефоналда нахъа унеб букIин. Цоги, пайдаяб куцалда гIуцIичIеб квана-гьекъей, хIайваналъул кьаралъи ва цIам гIемер хIалтIизаби, жа гьекъей, хъалиян бухIи.
– Бидул тIадецуй цIикIкIиндал, кIусизе яги регизе лъикIаб букIунилан абула. Гьеб битIараб бугищ?
– Гипертониказ гьабизе бегьуларо черхалде хIалкколеб хIалтIи. Амма, кидаго регун чIани, ай черх кIвекIичIони, къаркъалаялде цIайи бахуна, бидурихьазда жанир холестериналъул бляшкаби лъугьуна. Гьелдалъун би хьвади хIинцлъула, рекIел хIалтIи хьадарлъула ва цогидалги унтаби тIатуна. Инфаркт, инсульт гIадал унтаби хIехьарал чагIазе тохтурзабаз тIуразаризе рихьизарула хасал упражнениял. Тохтурасул халкквеялда гъоркь артериалияб бидул тIадецуй цIикIкIарал чагIазги тIуразаризе ккола гьелго упражнениял.
– Абулеб рагIана «гIажаибаб» таблетка бугила, гьеб хIалтIизабуни, бидул тIадецуй тIубанго унилан. Бугищ гьединаб таблетка?
– ГьечIо. Артериалияб бидул тIадецуй гIодобе ккезаби ккола гIадатияб гуреб ва заман унеб хIалтIи, гьелъие чанцIулго хисизе ккола дараби, гьезул къадар ва хIалтIизе кколеб заман. Гьеб гуребги, цохIо дарабаздалъун унти къинабизе кIоларо. Кванилъ кIванагIан цIам дагь гьабизе, цо-цояз гьелдаса тIубанго инкар гьабизе ккола. БукIине ккола сахаб гIумру: дурусаб квен, физзарядка, хъалияналдаса инкар гьаби, бацIцIадаб гьава ва лъикIаб хIухьбахъи.
– Бидул тIадецуй 180/90–200/100-ялде бахун бугониги, цо-цо чагIазе ургъелго букIунаро. Гьел сахгьаризе кколарищ?
– Лъалеб гьечIин абун, унти сахгьабичIого тезе бегьуларо, бидул тIадецуй цIикIкIиндал, инсанасул чорхолъ унел рукIуна сахлъиялъе хIинкъи бугел лъугьа-бахъинал. Заманалдасан бидул тIадецуй жеги цIикIкIуна, жанисел лугбузда унтаби тIатуна ва унтарав сакъатлъула. Гьеб гуребги, гьелъул хIинкъи букIуна инфаркт ва инсульт ккеялда.
– КIикъого соналдаса тIаде арал чагIазе гурони гьеб унтиялъул хIинкъи букIунарин абула. Гьеб пикру битIараб бугищ?
– КигIан бокьичIониги, жакъа рекIелгун бидурихьазул унтаби гIолохъанлъун руго. Гьелъие квербакъулеб буго тIадехун рехсарал гIиллабаз: сахаб гуреб квен, сах-саламатаб гуреб къагIидаялъ гьабулеб гIумру, чорхол цIайи, хIалхьиялда цIунараб черх. Гьелъие квербакъула хъалиян цIай, мехтизарулел жал гьекъей гIадал квешал гIамалазги. Гьединго нерваби хвезари (стрессы), макьу гIунгутIи, черх чIвалеб хIалтIи гьаби.
РекIел ва бидурихьазул сахлъи гIолохъанго цIунизе ккола. Херав чиясул киналго унтаби ккола гIолохъанал соназ гьес гIумру гьабураб куцалъул хIасил.
– Аптекаялдаса кинал дараби росизе бегьулел, бидул тIадецуй цIикIкIиндал?
– Гьеб суалалъе жаваб кьезе кIола сахгьавулев тохтурасда, гьесда лъала унтарасул сахлъиялъул гIунгутIаби, бидул тIадецуй цIикIкIиналъе бугеб гIилла, чорхолъ ругел цоги унтаби, жинс, цIайи ва рарал сонал. Сахгьариялъул хIасил кканин рикIкIуна, артериалияб бидул тIадецуй 140/90-ялдаса гIодобе ккезабизе кIвани. Хасгьабун батIияб къагIида букIине ккола чакрил ва ургьисалазул унтаби ругел чагIазул бидул тIадецуй сахгьабиялъул. Къокъго абуни, тохтурасда дандбачIого, бидул тIадецуй сахгьабизе нилъго лъугьине бегьуларо.
– Бидул тIадецуй сахгьабиялъе цо дару хIалтIизабуни гIолищ яги цо чанго даруйищ лъикIаб букIунеб?
– Ахирал соназда гьарурал цIех-рехаз бицунеб буго цо дару хIалтIизабиялдалъун гьеб унти сахгьабизе кIолареблъи. Бидул тIадецуй цIикIкIиналъе ругел гIиллаби тIагIинариялъул мурадалда тохтурас хъвала, батIи-батIияб хIасил кьолеб, кIиго-лъабго дару. Унтаразул 80 проценталъе мадар лъугьиналъе чара гьечIеб буго цо чанго батIияб дару, гьединлъидал жакъа аптекабазда руго гьеб мурадалда чамалиго даруялдаса хIадурарал таблеткаби, ай 2-3-4 даруги босун, гьабула цо дару.
— Унтараз абула бидул тIадецуй борциналъе жидер гьадинал-додинал цIакъал алатал ругилан, гьеб хасаб къагIидаялда борцине кколилан. Кинаб букIунеб артериалияб бидул тIадецуй битIун борцине кколеб къагIида?
— 1. Бидул тIадецуй борцине ккола гъажалда балеб манжеталъул кумекалдалъун. Кверзул рищиялдасан ва килщаздасан борцараб гIемерисеб битIун букIунаро.
2. Бидул тIадецуй борцине ккола бакIида кIусун.
3. Борциналде цебе щуго минуталъул хIухьбахъи букIине ккола.
4. Кваранабги квегIабги квералда батIи-батIияб бидул тIадецуй батани, цIикIкIараб батараб квералда гьеб цIидасан борцине ккола.
— Бидул тIадецуй халкъияб медицинаялъ малъухъе сахгьабун бажарулищ?
— Халкъияб медицинаялъ кумек гьабула унти къинабизе, амма гIадатияб медицинаялда гурони гьеб сахгьабун бажаруларо.
— Магнитазул бураназ кинаб асар гьабулеб бидул тIадецуй цIикIкIарал чагIазе?
— Магнитазул бураназул хIинкъи букIуна бидул тIадецуй цIикIкIарал, бидул тIадецуй гIодобе ккарал ва рекIел унтаби ругел чагIазе. ГIага-шагарго инфарктазул, инсультазул ва бидул тIадецуялъул 70 процент цIикIкIин букIуна бакъул буранал гучлъараб заманалда. Цоги, медиказ чIезабуна бидул тIадецуй цIикIкIарал чагIазе маркIачIул сагIтал бищунго загIипаб заман кколилан. Гьеб заман щвелалде цо-кIиго сагIаталъ цебе дару гьекъани, балагьалдаса рорчIизе бегьула. Гьеб гуребги, бидул тIадецуй цIикIкIуна гьава-бакъалде ва хинлъи-цIороялде балагьун. Масала, цIорораб хасало гIемерисезул бидул тIадецуй лъалаго цIикIкIуна.
Нури Нуриев