Дагъистаналдаги хIалтIизабула, чIандероялда титаналъул магIалги кьурун,гьезда тIад чIухIарал цаби ххолеб къагIида
Цаби-гIусал цIунизе, къачIазе ва цIигьарун лъезе кколеблъи лъаларев чи ватиларо. Амма, гьедин бугониги, цаби-гIусазде кьолеб кIвар нилъер чучаб букIуна. Гьединлъидал, гьел цIунизеги, гьезда хадуб хъулухъ гьабизеги кколеб къагIидаялъул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна ДГМУялъул чIандерабазулгун гьумералъулаб кафедраялъул стоматологияб хирургиялъул заведующий, профессор ГIабудало Асиятиловасулгун.
— ГIабудало, кинаб къимат дуца кьолеб дагъистаниязул цаби-гIусазул сахлъиялъул жакъа бугеб ахIвал-хIалалъе?
— Жакъа дагъистаниязул лъабго-ункъо проценталъул гурони унго-унголъунги сахал цаби гьечIин абизе бегьула. 96-97 проценталъе хIажат буго стоматологасул кумек.
— Абула нилъер республикаялда стоматологияб хъулухъ цIакъго нахъеккун бугин. БитIун бугищ гьеб?
— Жакъа республикаялда гьеб хъулухъ кIийиде бикьун буго: гIага-шагарго гьелъул бащалъи буго пачалихъалъухъ, цогидаб бащалъи — жалго бетIергьанал чагIазухъ. Ахирисезул хIалтIиги квеш гIуцIун бугин абиларо: гьезул руго гьаб заманалъул алатал, хIалтIулел руго лъикIаб лъайгун махщел бугел специалистал. Амма камуларо лъайги мукъсанал, махщелги гьечIел тохтурзабиги. Гьезул гъалатIал ритIизариялъул хIалтIиги нижеде ккола. Щибаб итни къоялъ республикаялъул бетIераб больницаялъул чIандерабазулгун гьумералъулаб хирургиялъул отделениялда хал-шал гьабулаго, дандчIвала гьез «сахгьарурал ва къачIарал», жаниб рецIцI ккарал, би чвахулел, чIандеро бекарал, ай цIакъ захIматаб хIалалде ккарал унтарал. Гьебги буго жалго бетIергьанал кабинетазда хIалтIулел тохтурзабазул тIаса-масагояб хIалтIул хIасил. Гьезде дандеккун пачалихъалъул поликлиникабазда хIалтIи лъикI гIуцIун буго, гьениб букIуна тохтурзабазул хIалтIуда хадуб кидагосеб халкквейги. Советияб заманалда стоматологиялъулаб хъулухъ сагIат гIадин хIалтIулеб букIана. Жакъа пачалихъияб стоматологиялъулаб хъулухъалда хIалтIи гIуцIиги, гьелъул даражаги, ресу-къазе гьабулеб бигьалъиги гIемерго хашлъун буго. Масала, СССРалъул заманалда инвалидазе, пенсионеразе кинабго хъулухъ чIобого гьабулаан. Протезалги чIорого лъолаан. Гьеб кумек хIукуматалъ къотIизабуна, амма гьелде хIажат бугел мискинзаби абуни, республикаялда цIакъ гIемер руго.
— Ца къачIазе яги протез лъезе кколеб бугони, мунго лъихъе унев, дурго хъизамалъул чагIи кире ритIулел: пачалихъиял поликлиниказдейищ яги жалго бетIергьанал чагIазул кабинеталдейищ?
— Жалго бетIергьанал кабинетахъги хIалтIулел руго цIакъ лъикI хIалтIи гIуцIарал, камилаб лъайги махщелги бугел специалистал. Масала, гьенир цо-цоязул бугеб визиограф абулеб аппараталъ мониторалъул экраналда рихьизарула флюорографиялъ цаби-гIусазда жанир рихьизарулел киналго гIунгутIаби. Гьединго гьелъ бихьизабула цаялда пломба лъеялъул ва гьеб сахгьабиялъул даража. Пачалихъалъул цониги кабинеталда гьеб алат гьечIо. Амма нижер тохтурзабазул лъай-махщел киназдаго лъала, гьезул хIалтIул даражаялда хадуб халкквейги жавабчилъиги чIезабун букIуна. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, щивав чияс жинцаго балагьизе ккола лъикIаб клиника ва лъай-махщел бугев тохтур. Дицаги гьедин гьабула.
— Чан сон байдал инсан цаби-гIусазул тохтурасухъе ине кколев?
— Лъабго-ункъо сон барабго, лъимер лъималазул поликлиникаялде, ай цабзазул тохтурасухъе бачине ккола. Рахьдал цабзазул тIалаб гьабичIого тезе бегьуларо. Гьел гьетIун рижани яги гьезул хIанчIи (прикус) мекъи бугони, гъалатIал тохтурасги ритIизаричIони, хадур рижулел цабиги гьединалго рукIуна.
— Ахирал соназда цаби ритIизаризе ва гьезул гIунгутIаби рахчизе гIолилаз цабзазда тIад лъолел ортопедикиял капал, брекетал, скобаби гIадал жалазул пайдайищ бугеб заралищ?
— Брекетал гIатIидго хIалтIизарула, гьез лъикIаб кумек гьабула цабзазул хIанчIи битIизабизе, гьезул пайда ккечIони, операция гьабизе ккола. Скобабаз ритIизарула гьетIарал ва мекъи рижулел цаби. Жидерго гьими берцинлъиялъе, цо-цо гIолилаз цабзазда тIад ххола пластмассая-лъул капаби, ай шинал. Гьел гьарула цебеккунго рахъарал цабзазул халипазда рекъон. Гьел кидаго цабзазда тIад тезе бегьуларо, щайгурелъул гьезда гъоркь хутIула кванил хутIелал, хIацIу, гIемерлъула заралиял микробал, гьелдалъун кIалдиса квешаб махIги бахъуна. Капаз кумек гьабула лъималазул цаби ритIун рижизариялъе, амма гIолилазе, хасго чIахIиязе гьезул кинабгIаги хIажалъи букIунаро.
— Цебе республикаялъул газетазда гIемер хъвалеб букIана профессор МухIамад Макъсудовас гьабзазда цIиял цаби рижизарулеб къагIидаялъул хIалбихьиял тIоритIулел ругилан. КватIичIого рес букIине бугин гьеб къагIида гIадамазда цIиял цаби рижизариялъе хIалтIизабизегиян. Жакъа гьелъул хIакъалъулъ бицунеб жого гьечIо…
— РукIана Макъсудовас цабзазул клеткабаздаса цIиял цаби рижизариялъе тIоритIулел рукIарал хIалбихьиязул хIакъалъулъ бицунел макъалаби. Гьведул чIандероялъул тIомги къотIун, рокьода тIад гьес лъолаан таращалъул цаялдаса къотIараб цо чанго клеткаялъул кесек. Гьелдаса цIияб ца бижула, амма гьелда рокьолъе лъугьунел кьалбал рижизарун бажаричIо, тIадго бижараб ца, дагьабниги хIалккани, бортун унаан. Рокьолъе кьалбал лъугьинчIеб цаялъул пайда щибха букIинеб? Къокъго абуни, гьел хIалбихьиял рехун тана.
— Жакъа Дагъистаналда ссиялда (модаялда) буго ресалда ругел чагIаз, рокьолъеги кьурун, чIухIарал цаби лъолеб къагIида (имплантация). Нилъер гьаниб гьеб хIалтIи кин гIуцIун бугеб? ГIадамал рази рукIунищ гьединал цабзаздаса?
— Имплантация ккола цIакъ гIадатияб операция. Дагъистаналда гIезегIан гIатIидго хIалтIизабула, чIандероялде титаналъул магIалги кьурун, гьезда тIад чIухIарал цаби ххолеб къагIида. Гьелъул цIакъ лъикIаб хIасилги кколеб буго. Микьго-ичIго соналъ цере дир гIагарал чагIаз лъурал имплантаздаса гьел рази руго.
— Ахирал соназда, цебе букIинчIеб, щиб батIияб-цIияб жо бачIараб стоматологияб хъулу-хъалде гъорлъе?
— ГIемерал ресазулал цифровиял алатазул, къуватал дарабазул ва материалазул кумекалдалъун тохтурзабазе рес щвана цаби сахгьариялъул, пломбаби ва цIиял цаби лъеялъул хIалтIул даража борхизабизе. Гьединго тIубанго «хIатIазда эхетана, чIандероязда кьурун, чIухIарал цаби лъолеб цIияб къагIида»…
Цере гIадамал бор-машинаялдаса цIакъ хIинкъулаан. Жакъа стоматологасухъ руго унти къатIизабулел къуватал дарабиги, цо укол гьабуни, бор-машинаялъ щиб операция гьабуниги, унтиги лъаларо.
— Щивав чияс цаби-гIусазе хъулухъ гьабула жиндаго лъалеб къагIидаялъ. Стоматологияб гIелмуялъ цаби-гIусал кин рацIцIине кколин малъулеб?
— ГIемерисез цаби чурула цо-кIиго минуталда жаниб, гьебги цебесеб рахъалда щеткаги лъулъан. Цаби рацIцIине ккола къватIисанги жанисанги щуго-анлъго минуталъ. Цабзазда гьоркьоб къарал кванил хутIелал нахъе гьаризе хIалтIизабизе ккола цабзазул кун. Цаби-гIусал, кIал сахго цIуниялъе кумек гьабула эликсираз, кIал ххулулел лъиназ.
— Цаби-гIусал унтарал чагIазда щиб малъилеб, кинаб гIакълу гьезие кьелеб?
— Цо-цояз, жидеего гIарац щвеялъул мурадалда, цаби-гIусазул бакIалда щагIил коронкаби лъола. Цо кьибил бугел цабзазда тIад гурони щагIил коронка лъезе бегьуларо. ГIусазда тIад лъун гьел чIоларо. Къокъго абуни, щагIил коронкаби лъелалде цебе анцIго нухалъ ургъизе ва лъикIав специалистасда дандбазе ккола.
Жалго бетIергьанал чагIазул кабинетазул аслияб масъала ккола гIарац гьаби. Гьединлъидал, «зулму гуро, хIал гуроян» абухъе, къваригIел бугелги гьечIелги хъулухъал гьаризе тIамула. Цин ине ккола пачалихъалъул поликлиникаялде бугеб хIакъикъат лъазабизе, гьениб ракIрекъараб хъулухъ щвечIони, жалго бетIергьанал чагIазул поликлиникаялдеги ине бегьула.
НурмухIамад Рохоев