Новость на родном

Мовчанил экспедицияги ГIашуратил музейги  

       БежтIе щвезегIан, кутакаб берцинлъиялъул бакIлъун рикIкIунаан дица ЛъаратIа район. Чанго соналъ цере ЦIамагIурухъе щун рукIана ниж. Гьелдаса нахъе таманаб заман аниги, щибаб нухалда тIун унаан ракI, сверухълъиялда нур базабулеб гIурччинлъиги, сураталда гурони рихьичIел, керчал рохьаз рацарал мугIрулги, гъора кирали, гъварилъуда кенчIолел тIокIкIарал лъаралги цере рачIиндал.     Амма бежтIадерил сверухълъи жеги гьайбатаб батана.   ...

Новость на родном

МухIидин МухIамадов: «ГьитIинаб ватIан цIунулев кIудиялъеги хилиплъуларо»

         Цо бащдаб сагIат гурони дица дур заман бахъинарин махсараги гьабун, рагьана дица ЧIарада районалъул бетIерасул нуцIа. Нижер гара-чIвари халат бахъун батана лъабго сагIаталъ. РакIалде щвезабуна цебесеб, бицана жакъасеб цебетIеялъул, масъалабазул, цIваби гIадал цIаразул, гьездаса бугеб баракаталъул, миллатцоял цолъун гьаризе бегьулел ишазул хIакъалъулъ. ТIад юссун диктофоналъухъ гIенеккидал, гьеб батана магIарухълъи къиматал, гьеб цIилъизабизе бокьарал...

Новость на родном

Гьалагал цIадаз «кеп» гьабуна магIарухъ

  24-25 маялда мугIрузул районазде гьалагал чвахунцIадал ран, гIемерал росабазе къварилъи ккана. Минабазул къадал риххун, нухал хвезарун, иххаз ахал-хурзал арал хIужабицин ккана.   ХУНЗАХЪ      Гьалагаб чвахунцIадалдаса хадуб рахъарал кIудиял иххаз гIураб зарал гьабуна 24 маялда Хунзахъ тIалъиялъе.       25 маялда бараб цIадалъ биххизабуна ГьитIинаб ГьоцIалъ гIумру гьабун вугев чиясул мина. Иххица босун ана полициялъул...

Новость на родном

АнсалтIа чуял тIамуна

  ЖамгIиявгун политикияв хIаракатчи, Хелекьуриса МухIамадтIагьир ГIабдулбасировасул хIурматалда, 15 маялда Болъихъ районалъул АнсалтIа тIобитIана чуял тIамиялъул тадбир.   Гьелда гIахьаллъана ДРялъул физкультураялъулгун спорталъул министр Сажид Сажидовги, ГIабдулбасировасул гIагарлъиги, районалъул нухмалъулелги, республикаялдасаго гьалбалги. Чуял рукIана мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялдаса рачIа­ ралги. ЧIалде щварал чуязул бетIер­ гьабазе кьолеб гIарцул фондалъе биччан букIана кинабниги 320 азарго гъурущ. ХIасилал...

Новость на родном

ГIемеразда релълъараб… ва лъидаго релълъинчIеб

  Гьал къоязда Дагъистаналда букIана «Россия — жакъа» абураб федералияб каналалъул ункъо журналистгун операторасдаса гIуцIараб къокъа. Гьел ккола Эрик Фонсека, Илья Енин, Эдуард Горборуков, Анна Куропатова. Гьезул мурад букIана Испаниялъул ва испан мацIалъул телезрителазе Дагъистаналъул хIакъалъулъ документалияб фильм (26 минут) хIадур гьаби. Гьеб мурадгун гьел щвана Гъуниб районалде, Сулахъ къварилъухъе, Кубачиялде, Дербенталде ва данде гьабуна...

Новость на родном

Лъеца гъанкъараб магIишаталъул «дандерижи»

          15 апрелалда Унсоколо районалде щвана республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирханов.       Рихьуниб ГЭС балаго лъеда гъоркье ракьал араб щуго росу буго гье­ниб: Унсоколо, Рихьуни, Зиранигун Майданское, ГьаракIуни ва Хьарга­би районалде гьоркьобе унеб Къудукь. Амма 10-ялдасаги цIикIкIун сон буго гьезул пачалихъалъухъа рецIалихъ гIарац щоларого. Гьанже гьеб суал тIубаялъул иш...

Новость на родном

Данухъе газ бачана

               Гумбет районалъул росабалъе газ бачиналъул тадбирал гьарулел руго «Газпром газораспределение Даге­стан» идараялъул махщелчагIаз.        Проект гIумруялде бахъинабу­на РФялъул регионазде газ бачиналъул программаялда рекъон. Гьелъ­ие гIарац кьуна «Газпром» ПАОялъ. Проект хIадурана ва рогIрал рачи­налъул хIалтIи гIуцIана «Газпром межрегионгаз» ОООялъ. Техникияв заказчиклъун ккола «Газпром ин­вест» ОООялъул вакиллъун бугеб...

Новость на родном

ЖамагIат гъункулеб байрам

      ГIаздакьан баккараб дерец гIадин бачIана исанасеб их. Сверухълъиялда жеги хасалил кьер бугониги, оцбаялъул байрамал тIоритIулел руго росабалъ. Их цIилъулеб гIуж цIакъго пашманаб букIана араб соналъ. МагIирукъаз къулизарурал, къварилъиялъ чIунтизарурал ракIал чIаголъизариялъул мурадалда гIуцIун батила гIемерисел росабалъ иса- на гьеб байрам.       ГIемериселго бакIазда гьеб лъугьунеб буго ихдалил хIалтIабазе байбихьи лъолеб...

Новость на родном

Аргъвани: гIарацги иманги-цого гьакида

      Шамалдаса умумул        Араб анкьалда магIарухъе гьабураб нижер иргадулаб сапар Аргъванибе букIана. Хасго чанго соналъ цебе гьеб росдал тарихалъул хIакъалъулъ тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ хъвараб тIехь цIалун хадуб цIакъго гъира ккун букIана ГIанди округалъул диванчи Абакар-дибирасулги, имам Шамилил разведчик Барбарал Ибрагьимилги, репрессиязул кIичIикье ккарав магIарул газеталъул бетIерав редакторлъун вукIарав машгьурав гIалимчи ГIабдулатIип Шамхаловасулги,...

Новость на родном

Салам, гIагараб тIалъи! Салам, дир Хунзахъ район!

    Гьале гIедегIулей йиго нахъеги магIарухъе, гIагараб Хунзахъе. Гьаб нухалдаги- гIажаибго берцинаб байрамалде, умумузул гIадатал тIад руссунел талихIал лахIзатазухъе гьоболлъухъ. Хъил тIун цIвакизарурал кIичIарал нухалги нахъа толаго, яхуней йиго хунздерил тIалъуде.     Хунзахъ «шагьаралде» гIагарлъулелъул, дандего бачIана гьелъул тарих.     НекIсияб Хунзахъ. Дуца ракьалда бекьанщинаб гьунар, наслабазе тарабщинаб гIакълу.     Гьаб...