Зоб роцIун цIад банани, цIакъ бохула тIабигIат, ГIадамил ракI роцIунеб цIад хIажатаб ракьалда. (Инхоса ГIали-хIажи) ГьацIул хъабинибе хъублъи ккараб, нилъго кирехун унел ругелали нилъедагоцин лъалареб гьаб хIабургъараб заманалда, шагIир, гIакъил, гIалим Инхоса ГIали-хIажил асараз къобахъанагIан гIажаибаб асар гьабулеб буго дие. Гьале жакъаги, кодобе гьесул тIехьги босун, гIакълудал ралъдалъ бищунго гучал карачелазул цояллъун ругел кицабазулги алфазазулги...

