Новость на родном

МацIаз буцIцIараб квацIи

— Нилъ руго батIи-батIиялги ва цоцазда релълъаралги. Цого анищалги, цого пикрабиги, мурадалги цохIо нилъер. Ва гьеб кинабгоги нилъе-нилъер мацIалда. Бакъги гьеле гьеб мацIалда гьимула нилъее, талихIалъги гьеб мацIалда бала нилъеда къвал – гьеле гьединаб букIана Каспийск шагьаралъул №2 школалъул рахьдал мацIазе сайгъат гьабураб, учительзабиги цIалдохъабиги гIахьаллъараб тадбиралъул ахIи. Байрамалда гIахьаллъизе рачIун рукIана Дагъистаналъул Тахо-Годил цIаралда...

Новость на родном

МагIарул Лиза

(Цебесеб 6-абилеб номералда) Жинда хIал лъалареб бакIалде ин гьелъги, гьейго гIадал цогидал гIолилазги тIаса бищана, мугIрузул улкаялда мугIалимзабазде цIакъго хIажалъи букIинги хIисабалде босун. Дагъистаналде гьеб къокъаялдаса 15 чи унев вукIана. Гьезда гьоркьор рукIана, гьайги малъун, лъабго ясги. Цоги-цоги бакIаздасаги рукIана республикаялде гьедин ритIун рачIунел мугIалимзаби.Лизаца бан букIана 16 сон. Гьеб ригьа-лъул гIолилазухъа бажарула хехго хIукмаби...

Новость на родном

ГIакълабазул гъамас

• Хъулухъалда вукIаго ракIалда чIезабе кIиго хIакъикъат: «РитIухълъиялъулъ загьирлъула гIакъиллъи. ХъантIи гьечIолъиялъ борхизабула къадру». Рокъове тIадвуссиндалги ракIалда чIезабе кIиго хIакъикъат: «Рази-ракиго вукIиналъулъ батула рахIат. ЦIуна-къаялъ гьарза гьабула буголъи». • БугьтанчагIи релълъуна бакъалда цебе бачIараб накIкIуда: гьезда гIемераб мехалъ бахчизабизе кIоларо лъикIлъи. ХIелхIелчагIи релълъуна тIеренабго гьорол хIухьлада: гьел аскIоса тIагIараблъиго лъаларо.• КъабихIав чиясулгун тушманлъи гьабуге, жиндаго...

Новость на родном

Пикрабаз квегъидал, хъвала асарал

Адабият бокьулезда лъикIго лъала шагIир ва хъвадарухъан Париза Гереева. Хасго гьелъие машгьурлъи щвана «Къисмат» абураб роман хъван хадуб. Париза ккола Хубар росулъа. Чанго соналъ мугIалимлъунги хIалтIун, гьелъ жиндирго гIумру бухьинабуна журналистикаялда. ХIалтIана Гъизилюрт шагьаралъул «Къасисеб Гъизилюрт», республикаялъул «ХIакъикъат» газетазул мухбирлъун, Казбек районалъул «Чапар» газеталъул бетIерай редакторлъун. ГьабсагIаталда хIалтIулей йиго Хасавюрт шагьаралда авар мацIалда бахъулеб «НасихIат»...

Новость на родном

Афгъаналъул рагъухъаби ракIалдещвеялъе

Афгъанистаналъул ракьалдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса 31 сон тIубаялда хурхараб тадбир букIана араб рузман къоялъ Авартеатралда. «Афгъанистан – дир рекIел унти» абураб цIаралда гъоркь Авартеатралъгун Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Хал­­къазда гьоркьосеб жамгIияб фон­далъ цадахъ гIуцIараб гьеб тад­биралда гIахьаллъана Дагъистаналъул министерствабазул, жамгIиял гIуцIабазул вакилзаби, МахIачхъалаялъул рагъулабгун ралъдал училищеялъул курсантал, кадетазул корпусалда цIалулел васал, школазул цIалдохъаби. Бищунго...

Новость на родном

ТIоцересел сапарал

Араб анкьида Авартеатралъул тIоцебесеб сапар букIана Казбек районалде. Лъималазе ва чIахIиязе хIадурараб кIиго спектакль бихьизабуна актераз Дилим росдал культураялъул кIалгIаялъуб. ДРялъул мустахIикъав артист НурмухIамад НурмухIамадовас сценаялда лъураб «Навруз» спектакль кIудияб рохелгун къабул гьабуна Дилим росдал лъималаз. Режиссерас спектакль гIуцIун, букIана жалго лъималазги жигараб гIахьаллъи гьабулеб хIалалъ аваданго. Гастролазул къасисеб программаялда бихьизабуна РФялъул мус­тахIикъав артист МухIамад...

Новость на родном

ГIакълуялъул ралъад

Инхоса ГIалихIажияв гьавуралдаса — 174 сон   «Бусурманав инсул капурал лъимал,Кинаб наслуялъул рижарал нужго?ГIантаб гIанкIуялъул гIадалал ханал,ГIакълу кьезе варис восилев киса?» «ХIамий сарин ахIун мун сверданиги,Дур сариналъ хIамил хIал хисиларо».«Гьересияв гьоролчи чидае басралъула,БитIараб бицаниги, божи гьечIев вукIуна».

Новость на родном

Балеб ахIи буго мацI цIунейилан…

МагIарулазул гIаммаб данделъи бугин рагIигун гьенибе ракI гIедегIулеб батила миллат бокьулезул. Амма цIакъго цIикIкIун гьечIищ мацI цIунеян ахIулел, холеб бугин зигардулел, щиб бицунги чIоларел.Бухари тIагъур лъун, чухъа ретIун, гормендо-чохтIоялъ гьурмал гургин гьарун рахъулел руго суратал, малъа­рун кIалъалел руго данделъабазда. ГIицIго гьел суратал гурони цогидаб лъалкI рекIелъ, ракьалда толарезда хIалкъала цо-цо. КIудияб ахIи-хIуралда жалгоги рихьизарун, кьибил...

Новость на родном

МагIарул Лиза

(Цебесеб 5-абилеб номералда)   ГIарахъ магIардаги, канлъи-бакъ тIаса инчIого, цоги нухалъ кваназаруна магIарулаз чуял. Гьезул букIана сардилъги цере ине нигат. МагIарул тIабигIаталъ цIидасан гIажаиблъизаруна гIурус гIолилал. Гендерил магIардасан рихьулел рукIарал мугIрул тIогьазулги, согIал кьурабазулги, гъваридал къварилъабазулги бакIалда, гьезда цебе рагьун бачIана, жидерго беразе ругьунаб, гIурччинаб авлахъ. Гьеб букIана Хундерил тIалъи. БакI-бакIалда рихьулел рукIана магIарул росаби....

Новость на родном

Реццани — рохун, какани — барщун

Гьанже магIарухъе инсул рокъове щвараб мехалъги, гьадингоги гIемер ракIалде щола дида инсул гьеб мина балеб мехалда гьенив хIалтIулев вукIарав кIиго устар. Цояв — ХIамзатил ГIали, ГIурухъ-СотIа росулъа цIар рагIарав къадал устар, сверухъ росабалъги районаздаги лъалев. Цогидав — гъалай биччан гIертIал, цIа-рагI къачIалев нижер Гьочоб росулъ вукIарав ТIелекьа МухIамад. Сверухъ росабалъгицин тIокIалъ къачIазе цIа-рагI хутIун букIинчIеб...