Новость на родном

Гьудуласул къватI

ГIабдула Даганов гьавуралдаса 80 сон тIубаялде)   Дун унев вуго дирго гьудуласул цIаралда бугеб къватI ккун. Унев вуго гIодове виччан. Пи­крабазда. Гьаб къватI МахIачхъалаялъул цогидал къватIаздаса берцинабги, чIухIарабги, бацIцIадабги гьечIого батизеги бегьула, амма дие гьаб бищун берцинаб буго: гьанир ругел минабиги дида берциналлъун рихьула. Дида ккола гьел дунгун гаргадулел ругин, хIатта гъветI-херцин. Дун зама-заманалда щола...

Новость на родном

МухIамад ХIасанов: Аллагьасе щукру къойилго гьабе, ЛъикIлъиялъ цIунулин балагьаздаса!

МугIалимлъиялъе гIумруги кьунин,МагIарухъ гIурал нилъ мугIруздаго лъикI.КIодолъи балагьун берал рагьичIин,Росдал агьлуялъул узденлъуда лъикI. ЛъикIлъиялъе бараб борхатаб хъала,Буго цIалдохъабаз цIунизе кьураб.Кириялъе хъвараб хазинаб зарра,Халкъул гIаламалъе лъилъизе гIураб. Ихдал балеб гIазу гIурдае регьел Будунасул как ХIамзаласе Рогьалилъ ахIулеб будунасул как,Сири балеб буго дир гьаб черхалда.Аллагьасда цеве какикьжоялда,Квералги цере ккун дугIаялда дун. РекIел тIеренлъиялъ тIинкIулеб магIу,Аллагь рехсолелъул лъугьунеб...

Новость на родном

ЯхI-намус цIунарал умумузул наслаби

«Рагъул лъимал» — гьединаб букIана 5-11 классазул цIалдохъабазда гьоркьоб «ХIакъикъаталъул» редакциялъ тIобитIараб конкурсалъул тема. Февралалдаса маялъул ахиралде щвезегIан газеталъул гьурмазда рахъана цIалдохъабазул хIалтIаби. Конкурсалда гIахьаллъарал Болъихъ, Гъизилюрт, Хасавюрт ва Хунзахъ районаздасаги Ленинкент поселокалдасаги цIалдохъабаз нижехъе ритIун рачIана КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда лъимерлъи арал гIагарчагIазул къисматалъул хIакъалъулъ бицунел макъалаби. Рахъун рукIана авторасул ва макъалаялда бицунев чиясул...

Новость на родном

«Аваразул» «Калам» — гьелъул камиллъи

ГIагараб авар калам. Дур куркьбаздаги рекIун, роржуна дир пикраби рикIкIаде магIарухъе. Гьез, кверги ккун, нухарегIана дун батIияб гIумруялде. Гьезул рагIдукь жакъаги батулеб буго дида рогьелги гьогьомиги.ГIагараб авар мацI! Унго, дур берцинлъи, дур камиллъи. Дур гьаракь рагIарабго, цIаюцIуна цIвабзахъе. Дозухъе, дур кумекалдалъун доре роржарал миллатго чIухIарал васалгун ясазухъе. Гьездаги бицине гьезул ирсилазул хIакъалъулъ. Руго жакъаги нилъеда...

Новость на родном

ГIолилазе нух къалъизабулел чирахъал

Инсанасул адаб гьаби «модаялдаса» ун буго ахираб заманалда. Адаб гьабилъун рикIкIунеб буго ресалда вугев гIагарав чиясеги, мадугьаласе­ги, гьоболасеги, хIата хIакимчиясецин хIели. Умумуздасан нилъее ирс­лъун хутIараб адаб-хIурмат гьабиялъул гIадаталги кIочон тун, халкъалъ­ул мулкалда хъат барал, жидерго чвантил гурони ургъел гьабуларел, циндаго бечелъарал гIадамазул къадру борхизабизе хIаракат бахъулел рукIуна гьезда сверухъ ракIарарал хIелхIелчагIи, гьезие лагълъи гьабизе хIадурал...

Новость на родном

ХIалалаб гIумруялда гIасрабаца хьихьаги

Нилъеца къо лъикI гьабуна, баракат-рахIматалъул моцIилан жинда цIар лъураб, хирияб Шагьру Рамазаналъулгун.     Аллагьас, нилъеца ккурал кIалалги, бахъараб сахIги, гьабураб гIибадат-гIамалги къабул гьабеги ва нилъ киналго кIиябго рукъалъул талихI кьуразул мухъилъги ратаги.     Нилъ пашманго руго гьеб баракатаб моцI лъугIиялдаса. Кинха паш­манлъиларел, жужахIалъул кавабиги къараб Алжаналъул кавабиги рагьараб моцIалъулгун къо-лъикI гьабулеб мехалъ.  ...

Новость на родном

Баба, долъул ругел хIеренал кверал!

Нусго, азарго… кверазда гьоркьосаги, эбелалъул гьумер бихьулеб гьечIониги, лъимада ратIа гьаризе лъалеб куц эбелалъул кверал.     ГIадалъ кьабураб тIилгIан бакIлъана Разиятие гьитIинав МахIачица, мадугьалихъ йигей Ра­исатил доваса векерун вачIунаго, «Баба, Раисатил ругел хIеренал кве­ралин» абурал рагIаби. — ЛъикI рагIула. Квералги чурун, кваназе гIодов чIа, — ян абуна гьелъ.   Гьелъухъ гIинги тIамичIого, цIидасанги байбихьана...

Новость на родном

Ислам-дин цIунараб цIар араб ВатIан, ЦIунаги Аллагьас абадиялъго

ХирамухIамадова ГIайшат гьаюна 1977 соналда Шамил районалъул ГIурада росулъ. Байбихьул классазда цIалана ГIурада росдал гьоркьохъеб школалда, хадуй — Лъахъ росдал школалда. ЛъикIал къиматазда школаги лъугIизабун, цIализе ана Буйнакскиялъул педагогикияб колледжалде. 2000 со­налъ, багIараб дипломалда гьебги лъугIизабун, тIад юссана гIагараб росулъе. Росулъ хIалтIиги щвечIого, ана Хучада росулъе. ХIалтIана лъабго соналъ гьений, хадуй — Лъахъ росдал школалдаги...

Новость на родном

МагIарул Лиза

(Цебесеб 9-абилеб номералда)   — Доле, ЦIатIанихъ, — ан магIарул мацIалдаги абун, бихьизабуна рихьунисес гьениса бакътIерхьуде кколеб росу.— Цатаних? — ан, гIажаиблъун, такрар гьабуна Лизаца цебеги рагIараб, жийго жанисан ун йикIараб росдал цIар.Балагьун гIорцIулареблъун батулеб букIана гIурус ясалда, щибаб цIияб бакIалдасан батIияб куцалда бихьулеб, цого сипаталъулин кколеб, амма такрарлъи гьечIеб магIаруллъи. ЦIодорай Лизада, гьанжеялде дандчIварал...

Новость на родном

МагIарул Лиза

   (Цебесеб 8-абилеб номералда)   Нахъисеб къоялъул рогьалил гIужда гIурус мугIалимзаби Буйнакскиялдаса, жиде-жидее бихьизабухъе, рахъ-рахъалде нухда ана. Гьалмагъзабигун Лизаги сапаралде яхъана Хунзахъе унезда цадахъ. Гьалбал магIарухъе регIизе тIадкъайгун, жавабиявлъун витIарав магIаруласда загIипго гурони лъалеб букIинчIо гIурус мацI. Гьесулги гьалмагълъун вукIана сапаралде цадахъ ккарав цоги нухлулав. …Гьел гьалмагъзабазда цадахъ ячIун, щун йикIана Лиза 1930-абилеб соналъул августалъул...