МагIарул Лиза

  

(Цебесеб 8-абилеб номералда)
 
Нахъисеб къоялъул рогьалил гIужда гIурус мугIалимзаби Буйнакскиялдаса, жиде-жидее бихьизабухъе, рахъ-рахъалде нухда ана. Гьалмагъзабигун Лизаги сапаралде яхъана Хунзахъе унезда цадахъ. Гьалбал магIарухъе регIизе тIадкъайгун, жавабиявлъун витIарав магIаруласда загIипго гурони лъалеб букIинчIо гIурус мацI. Гьесулги гьалмагълъун вукIана сапаралде цадахъ ккарав цоги нухлулав.
…Гьел гьалмагъзабазда цадахъ ячIун, щун йикIана Лиза 1930-абилеб соналъул августалъул бакьулъ Хунзахъ росулъе, цIар рагIараб магIаруллъиялъул некIсияб тахшагьаралде. Жеги лъалеб букIинчIо гьелда кинаб росулъе жий къисматалъ ячинеяли.
 
— III —
 
Инкъилабалда цебе, пачаясул заманалда Хунзахъ округалъул Гъойс-убола участоклъун букIараб Хьиндаллъи, Дагъистаналда тIоцере районал гIуцIулелъул Хунзахъ районалде гьоркьобеги бачана. ГьитIинлъулаго, гьеб районалде сверун букIана цебегосеб гучаб магIарул пачалихъ. Гьаб улка-ракьалъул бечедаб ва бахIарчияб тарих жеги лъаларей гIурус яс йикIана, магIарулазул тарихалда жиндирго лъалкI тезе нигаталда, Хунзахъе щун. Жинда цIехарал суалазе жавабалги кьун, гьей ялагьун чIун йикIана хIакимас хIукму къотIиялъухъ.
— Ассаламу гIалайкум! ГIайиб гьабуге, цIакъ гIедегIун вуго. Цо суал букIана цIехезе, — янги абулаго, районалъул халкъияб лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулесул рокъове ваккун вачIана къамартIав гIолохъанчи.
 
— ВагIалайкуму салам! ЛъикI щварав! — ан жавабги кьун, гьесда дандчIвазе рахъана нухмалъулевги гьенир рукIарал бихьиналги.
— Рихьуниве мугIалим витIизе рагIи кьун букIун буго нужеца. Дида тIадкъана бегавулас ва росуцояз, щоларищ гьевали цIехезе.
 
— ГIодов чIа, хIалчIахъад, цIакъ лъикI ккана мун вачIин, — ан гьимана идараялъул хIаким.
Гьес Лиза ахIизе чи витIана. Киехун йигониги хIалтIуда юхьинаюн лъай кьеялъул отделалъухъа бажаричIого, чанго къо базе ккун букIана гьелъ Хунзахъ хъалаялъуб. ХIакимас гьоболасда цIех-рех гьабун бахъиналде ячIун, гIодой чIана гьейги.
 
— Гьале нилъехъе мугIалимлъун ячIун йиго гIурус яс — Семенюк Елизавета Матвеевна. Гьай бегьуларищ нужее? — абун, йихьизаюна идараялъул нухмалъулес гьей.
— Лъаларо… БатIияв чиго гьечIищ, гьей яс гурони? — ян, дагьабго ишкалгун, цIехана гIолохъанчияс, лъикI гIурус ясалъухъги валагьулаго.
 
— ГьечIо. ТIокIав мугIалим витIун вачIинги щакаб буго исана магIарухъе. ЛъикI ургъе мун, инкар гьабилелде.
— Ургъизе бакI гьечIо. ТIокIав гьечIони, гьай йитIизе ккела.
Хехаб ва таваккалаб хIукму къотIана гIолохъанчияс. Гьоркьов хIакимгун, гьесги Лизацаги лъай-хъвай ва цIех-рех гьабуна. Цоцадаги ричIчIун, чIахIиязул гIакълуги гIадахъ босун, цо пикруялде рачIана гьел. Рихьуние ине мугIалимги, гьей цадахъ ячине гIолохъанчиги разилъана. КватIичIого рахъана сапаралдеги.
 
Живго вукIаравани, гьев сапар бухьине гIедегIизе ккелароан. Нухде вахъине гIолохъанчи тIамуна, ракIалдаго гьечIого, тIаде ккараб жавабчилъиялъ. Цо гурони гьечIеб чуги, цадахъ йигей гIурус гьоболги, кьварарал магIарул гIадаталги хIисабалде росун, къотIана гьес хехаб хIукму. Гьедин ккана сапар гIужда бухьине ва росулъе къадго тIадвуссине гьесул пикру.
Лиза яхинаюна чоде. Живго вилълъана чуги хадуб цIан. МугIрузул шартIазда лъадарарав гьесие щибниги къварилъи букIинчIо лъелго вилълъиналъул. ГIемер гьев хьвадарал нухал рукIана цере. Лизае букIана гьеб кинабго цIияб, лъалареб, балъгояб тIабигIатлъун. ХъантIун ва кIудияб гъираялда ялагьулей йикIана гьей магIаруллъиялъухъ. ЦIакъ берциналлъун рихьана гьелда хунздерил тIалъиги гьенир нахъа тарал росабиги.
 
ГIарахъ мегIералъул тIогьаздасан гьелъие нахъеги рагьана мугIрузул гIажаибаб сурат. ЦIидасан байбихьулеб букIана цин тIогьазде, цин жанирлъабазде рачунел нухал. ГIодоре лъугьиндал, буцIулдерил лъарахъ дагьабго заманалъги рещтIун, цинги рахана макIсадерил тIогьазде. БатIияб рахъалъан сонго бихьараб хьиндалазул жаниблъи цIидасан рагьана гIолилалда цебе.
 
(Хадусеб букIине буго)