РикIкIадал сапаразда ракI гъолареб мехалда, Мех-мехалъ дун дидаго кIалъала магIарулалъ РекIел ургъел чучула, чияр бакI кIочон тола, Чанги лъелго сверарал сухъмахъал цере чIола… М. ХI. Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго магIарул мацI цIунизе хIажат букIиналъул, рокъоб гьеб бицунел хъизанал, хасго шагьаралда гIумру гьабулел магIарулазда гъорлъ, къо бахъанагIан дагьлъулел рукIиналъул...

