СултIан ГIабдулмажидов ккола БежтIа росулъа. Гьоркьохъеб школа лъугIун хадув цIалана ДГУялъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталда. Школалда хIалтIана учительлъун, директорлъун. ВукIана райгазеталъул бетIерав редакторлъун. Партиялъул тIадегIанаб школаги лъугIизабун, хIалтIана партиялъул идарабазда. 1981-1982 соназда вукIана райкомалъул гIуцIиялъул отделалъул заведующийлъун, 1982-1989 соназда – кIиабилев ва 1990-1991 соназда — тIоцевесев секретарьлъун.1992-2001 соназда вукIана БежтIа участокалъул бетIерлъун, 2001-2016 соназда хIалтIана РФялъул...

