Новость на родном

«ХутIичIо бихьичIеб чIегIераб-хъахIаб»

Жакъа къварилъиялъ къвал бан бугони, метерисеб къоялъ гIатIилъи бачIуна. Рохелалъ хисула пашманлъи. Жакъа дица гара-чIвари гьабулев чиясги нахъа тана батIи-батIияб кьералъул гIумру. Гьал къояздайин абуни гьес тIубала 70 сон. Щивха кколев гьев, Муса Азаев?   Кинабго букIана Мусал гIумруялъулъ. Сонгицин – халкъазда гьоркьосеб ГIали ГIалиевасул тIоцебесеб гугариялъул рахъалъ турниралда, 57 килограмм цIайиялда, тIоцевесев чемпион вахъанин...

Новость на родном

70 сонил борхалъи

    25 февралалда ДГМУя­лъул гIелмиябгун лъай кьеялъул инновациязулаб централда тIобитIана профессор ГIабдурахIман ГIусмановас 70 сон тIубаялде сайгъат гьабураб, «Медициная­лъу­лаб лъай кьеялъул ва сахлъи цIуниялъул кIвар бугел масъалаби» абураб республикаялъулаб гIелмиябгун практикияб конференция.   Гьениб ГIабдурахIман ГIусмановасул хIакъалъулъ бицана ДГМУялъул ректор, профессор Сулейман Мамаевас, ДГМУялъул гIаммаб хирургиялъул кафедрая­лъул нухмалъулев Расул Ма­жидовас.    ГI. ГIусмановас Дагъистаналда...

Новость на родном

КватIун тIатараб гьунар

Дагьал церегIан къоязда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул университета­лъул пресс-хъулухъалъул фотограф ХIа­жимурад МухIамадовас рахъарал суратазул выставка.  Шамил районалъул Лъезда росулъа ХIажимурадица релъабаз суратал рахъизе байбихьана анкьго соналъ цебе ва гьеб ишалдеги гьев машгъуллъана 45 сон бараб мехалда.    Выставка рагьана ва нухда бачана республикаялъул халкъияб творчествоялъул рукъалъул отделалъул специалист Арсен...

Новость на родном

КъанагIатаб гьунаралъул разведчик

  Хунзахъа ГIабдулхаликъ ХIажиев ракIалде щвезавуна Москваялда ва Каспийскиялда   21-22 февралалда Москваялда ва Каспийскиялда ракIалде щвезавуна машгьурав разведчик ва дипломат ГIабдулхаликъ ХIажиев. 23 февралалъул байрамалде дандеккезабун гьеб кIиябго тадбир тIобитIизе квербакъана гьесул вас ХIажимурад ХIажиевас ва гьесул гIагарлъиялъ. ГIабдулхаликъ ХIажиевасул хIа­къалъулъ аслияб куцалда гIадамазда лъана гьес жиндирго хIакъалъулъ «Честь имею» абун хъвараб тIехь къватIибе...

Новость на родном

«МагIарул большевикалъул» тIоцевесев редактор

Нусго соналдаса цIикIкIараб тарих бугеб нилъер миллияб газеталъе араб гIасруялъул къоабилел-лъеберабилел соназда редакторлъи гьабуна гьунар бугел хъвадарухъабаз, гIалимзабаз. Гьезда гьоркьоб хасаб бакI ккола жив гьавуралдаса исана 115 сон тIубалев Лаваша районалъул Урма росулъа Ражаб ДинмухIамаевас, 120 сон тIубалев Гумбет районалъул Аргъваниса ГIабдулатIип Шамхаловас, 145 сон тIубалев ЧIарада районалъул Гьочоса МухIамадкъади Дибировас.Жакъасеб номералда нижеца бицунеб буго...

Новость на родном

МагIал

Цо-цо чагIи рукIуна цогидазда аскIоб согIаб махсараги гьабулел, цогидазде рагIабиги рехулел, амма жидедаго аскIоб гьебго гьабулеб бугони, кутакалда мекъи бихьулел. Хасго хIукуматалъул хIалтIуда ругел гIемерисел нухмалъулезе бегьуларо хъулухъалъ жиндаса гъоркьехун вугев хIалтIухъанас гъалатI бихьизабизе яги бадибчIвай гьабизе. Гьедин гьабуни, хIаким барщула ва гьес хIалтIухъанасе зарал гьабичIого толаро, кинаб къагIидаялъ гьабунги. Щивав чи БетIергьанас батIи-батIияб гIамал-хасиятгун...

Новость на родном

МухIамад Махулов:«Дица дунго рикIкIуна талихIав чилъун»

Гьал къоязда гIумруялъул 105 сон тIубай кIодо гьабизе буго МухIамад Махуловас. Гьев хIалтIана партиялъул Хунзахъ, Гъуниб, Хьаргаби, Казбек райкомазул тIоцевесев секретарьлъун, ДАССРа-лъул Халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъул председателасул тIоцевесев заместительлъун. Вищун вукIана СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, КПССалъул XXIV съездалъул делегатлъун, щуго нухалда – ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, 20 соналъ вукIана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул членлъун.   КIудияб ВатIанияб...

Новость на родном

Тарбия кьей — кIвар бугеб иш

Инсан куцай, гьесие тарбия кьей буго гIадан цеветIеялъе чара гьечIеб хIужа. Вижаралдаса хвезегIан инсан вукIуна сверухълъиялда ругезул мисалазда куцалевлъун. КигIан куцаниги, тарбия кьуниги, гьелъул ахир букIунаро, гьелъие гIорхъи гьечIо, амма абичIого гIоларо, щибаб пачалихъияб гIуцIиялда букIуна жиндиего хасиятаб тарбия кьей ва гIадан куцай.  Тарбия кьеялъе ва гIадан куцаялъе аслиял алаталлъун ккола радио, телевидение, телефонал, газетал,...

Новость на родном

Берцинаб къисматалъул гIадан

Исана 20-абилеб марталда СалтIаса Аминатица тIубала 100 сон. 1939 соналда ана гьей ригьнаде, росуцояв ГIабдулхIамидие.Гьезие гьабуна щуго лъимерги. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьидал, ватIан цIунизе ана ГIабдулхIамидги. Моздокалда ккарал рагъазулъ лъукъарав гьев ватIаналде тIадвуссана. ХалтIана школалда учительлъунги, советалъул секретарьлъунги, колхозалъул бухгалтерлъунги. — Рецц Аллагьасе, рос чIаго-гIатIго тIад вуссана рагъдаса, лъималазе щвана лъай, гьезул буго жидерго хъизан-рукъ....

Новость на родном

Жакъасеб къоялъул къваридаб сарин…

Гьедин абун ругьунлъун руго нилъ. Мурадис Салимхановасул тIехьалъе гьел рагIабаздалъунцин бажаруларо къимат кьун. Абизе бегьила, гьениб баян гьабулеб бугин жакъасеб къоялъул биялъ белъараб, магIилъ къаламги ччун хъвараб, чанги хъизамазул къисмат бульдозералъ чIинтIараб хIакъикъатин абун. ТIехь цIализе байбихьараб сордоялъ дида макьу щвечIо… МагIарул росулъ биология-лъул дарсал кьолев вукIарав учитель вачун уна пуланал гIадамаз. Гьесда бихьараб гIакъуба-гIазаб...