МагIарулазул тIоцевесев гIалимчи

Гьавуна ГIанди округалъул Аргъвани росулъ Шамил имамасул наиблъун вукIарав МуртазагIалил хъизамалда. ГI. Шамхаловасул эбел йикIана КIаратIа росулъа. Лъабго чIужу ячарав МуртазагIалил букIана 13 лъимер – 7 вас ва 6 яс. Васазда гьоркьов бищун гьитIинав ГIабдулатIип вукIана. Гьес щуго сон бараб мехалда хвана гьесул эбел. Жеги кIиго соналдасан хвана эменги.

 

ГьитIинго бесдаллъарав ГIабду-латIип кIудиял вацазул – Асадулагьилги Пахрудинилги цIобалде ккана. 1908 соналда гьез гьитIинав ГIабдулатIип кьола гIараб гIелму цIализе росуцояв гIалимчи Гъайирбегов ГIисахъе. Хадув Болъихъ судалъул депутатлъун вукIарав Пахрудиница ГIабдулатIип жиндаго аскIове вачуна. Къад хьвадулаан Болъихъ светияб школалде, къаси кIудияв вацас кьолаан гIараб гIелмуялъул дарсал.
1913 соналда гьес тIокIлъигун школа лъугIидал, учительзабаз Пахрудинида гьарана ГIабдулатIип Темир-Хан-Шураве реалияб училищеялде цIализе витIеян. Амма Пахрудиние гьеб «капурзабазул» цIали рекIее гIечIо ва гьес чIванкъотIун инкар гьабуна. Амма ГIабдулатIипица гьесие рагIи кьуна Шураве виччани, мударисги валагьун цадахъго гIараб гIелмуги цIалилин. Училищеги лъугIун, 1919 соналда ГIабдулатIип Аргъваниве тIад вуссана ва довго ГI. Гъайирбеговасда цеве цIализе лъугьана. Дол рукIана Дагъистаналда граждан рагъул цIа боркьарал 1919-1920 сонал. ГIабдулатIипил кIудиял вацаз ХIоцоса Нажмудинил рахъ ккуна.
1920 соналда Шурагьиб Совет власть бергьанилан рагIидал, ГIабдулатIип гьениве гочана ва халкъияб лъай кьеялъул отделалъул инструкторлъун хIалтIана. Амма гьенив гIемер мехалъ хIалтIизе рес ккечIо. Октябрь моцIалда ГIандиб округалда байбихьана революциялда данде чIаразул багъа-бачари. Гьез къана киналго советиял идараби. ХIоцоса Нажмудинил ва Хъайтмаз ГIалихановасул аскараз Болъихъ росу бахъидал, ГIабдулатIип Аргъваниве лъутана. Гьев тIамуна росдал ревкомалъул председательлъун, хадув кIиго моцIалъ гьев хIалтIана МелъелтIа участкаялъул ревкомалъул секретарьлъун. Гьениса ГI. Шамхалов витIана цевехун хIалтIулев вукIараб Болъихъе, амма ЦIунтIа жеги рагъал унел рукIиналъ, лъай кьеялъул хIалтIи гIуцIизе рес букIинчIо. Цо моцIалъ гьев хIалтIана ГIанди округалъул милициялъул секретарьлъун, цинги СагIид Габиевас гьев Буйнакскиялде ахIана областалъул лъай кьеялъул отделалда хIалтIизе ва лъималазе магIарул мацIалъул дарсал кьолеб школа рагьизе тIадкъана. Гьелдаго цадахъ ГIабдулатIип цIалулев вукIана пачалихъияб техникумалъул учительзаби хIадур гьарулеб хасаб отделениялда. 1922 соналъул риидал гьес математикаялъул дарсал кьолел рукIана Буйнакскиялъул педтехникумалдаги.
1923 соналъул августалда Дагъистаналъул лъай кьеялъул комиссариаталъ ГIабдулатIип витIула Москваялде Бакъбаккул халкъазул институталде гIарабгун перс мацIазул факультеталда цIализе. 1927 соналда гьеб лъугIидал восула аспирантураялде. ГI. Шамхалов вищула РСФСРалъул ЦИКалда цебе гIуцIараб цIияб алипалъул (алфавиталъул) ТIолгороссиялъул комитеталъул членлъун, 1928 соналда – Дагъистаналъул мацIазе хIадур гьабураб цIияб латин алипалъул авторазул цоявлъунги. 1929 соналда аспирантура лъугIигун ГIабдулатIип хIалтIизе восула Бакъбаккул халкъазул институталъул гIараб мацIалъул мугIалимлъун, СССРалъул гIелмабазул академиялде гIелмияв хIалтIухъанлъунги. ГI. Шамхалов вукIана Дагъистаналда советияб гIуцIиялда вахъарав тIоцевесев гIалимчи. 1921 соналда гьев редакторлъун вукIана республикаялъул магIарул мацIалда бахъу-
леб «БагIарал мугIрул» газеталъул.
ДАССРалъул нухмалъиялъул гьариялда рекъон, гIолохъанав доцент Москваялдаса МахIачхъалаялде тIад вуссана. ГI. Шамхалов тIамуна Дагъистаналъул халкъазул миллияб культураялъул гIелмиябгун цIех-рехалъул институталда отделалъул нухмалъулевлъун. Гьес кIудияб кIвар кьолеб букIана магIарулазул некIсиял халкъиял асарал ракIариялде, гьезул гIелмияб цIех-рех гьабиялде. ТIадчIун хIалтIулев вукIана магIарул мацIалъул грамматикаялда тIад. Гьеб хIалтIул хIасилалда 1931 соналда басмаялда бахъана «МагIарул мацIалъул битIун хъваялъул къагIидабазул мажмугI», басмаялда бахъизе хIадур гьабуна «МагIарул мацIалъул диалектал» абураб монографияги. Гьес хIадур гьабураб тIоцебесеб «МагIарул-гIурус» словарь 1936 соналда басмаялда бахъана ГIабдулатIипил гьудул ва мугIалим, машгьурав гIалимчи, профессор Л. И. Жирковас.
ГI. Шамхаловас гIурус мацIалде таржама гьабун цогидал миллатазул цIалдолезе «рагьана» ХъахIабросулъа МахIмуд. ГIабдулатIипица ракIарун, гIуцIун данде гьарун къватIире риччана – «ХъахIабросулъа МахIмудил кучIдузул кIиго мажмугI» (Буйнакск, 1926 сон), «ХъахIабросулъа МахIмудил кучIдузул мажмугI» (1928 сон), «Авар миллаталъул некIо заманаялъул кучIдулги харбалги данде гьабураб мажмугI» (1929) – абурал тIахьал. Гьенире данде гьарун рукIана МахIмудил, Инхоса ГIалихIажиясул, ЦIадаса ХIамзатил, ГьаракIуниса ГIабдурашидил асарал. Гьеб тIехь хехго тIибитIана ва машгьурлъана магIарулазда гьоркьоб.
МагIарулазул гьунар бугев хъвадарухъан ва журналист, 25 соналъ аваразул республикаялъулаб газеталъул редакторлъун хIалтIарав МухIамад Шамхаловас гьеб тIехьалъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Кисаяли дида лъаларо, доб заманалда дир гьудул АсхIабихъе щвана Мавраевасул типографиялъ къватIибе биччараб аваразул кучIдузул мажмугI. Гьеб гIажам хатIалъ авар мацIалда кьабун букIана. Данде гьабун букIана Аргъваниса ГI. Шамхаловас. Гьеб тIехьалъул букIараб къиматха магIарухъ. Гьелъухъ АсхIабие маузер кьолеб букIана. Маузералъухъ доб мехалъ гIака щолеб букIана», — абун.
2011 соналда Россиялъул гIелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул мацIазул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъ къватIибе биччана ГI. Шамхаловасул «НекIсиял аваразул кучIдузул ва харбазул мажмугI» абураб тIехь. Гьеб институталъул рукописный фондалда цIунун буго Шамхаловас гIажамалъ хъварал аваразул халкъиял кучIдузул 14 папка. ГI. Шамхаловасул Аллагьасго кьураб пагьму-гьунар букIиналъе нугIлъи гьабула гьесда анлъго батIияб мацI – лъарагI, гIурус, гIараб, немец, паранг, турк – щвалде щун лъалеб букIиналъги.
Къокъабго гIумруялда жаниб магIарулазул адабияталда ва маданияталда гьес гьабураб хIалтIи бергьун кIудияб буго. Гьаризе ругел ишазул планалги къасдалги гьесул гIемерал рукIана. Пайда щиб, доб заманалъул репрессиязул квачIикье ккун талихI къосана ГIабдулатIипил.
1933 соналъул щуабилеб январалда Шамхалов ОГПУялъ жанив тIамуна. Гьебго соналъул 13 октябралда ОГПУялъул тройкаялъ хIукму гьабуна: «Гумбет района-лъул Аргъвани росулъа цIакъго бечедав кулакасул вас, 33 сон барав ГIабдулатIип Шамхалов, Уголовнияб кодексалъул 58 статьяялъул
кIиабилеб пункталда рекъон, анцIго сонил болжалалъе лагералде витIизе». Гьелдаса нахъе Шамхаловасул хIакъалъулъ хабар къотIана.
Гьанибго абизе ккола, доб заманаялъ политикиял гIайибал гIунтIизаризе ккани, гIемераб мехалъ гIелмиял хIалтIабазул жидее данде кколеб анализ гьабулеб букIана. ТIадехун рехсараб аваразул фольклор данде бачараб тIехьалъе гьабун букIана ОГПУялъе данде кколеб гьединабго анализ.
Дагъистаналъул гIелмияб цIех-рехазул институталъул директор Ибрагьим ГIалиевас Шамхаловас хъвараб тIехьалъул анализ гьабураб макъалаялда гьадин хъвалеб буго: «Гьеб буго идеологияб рахъалъ зарал гьабулеб тIехь.
…Гьениб бугеб чанго кечI халкъалъухъе кьей ккола дагъистаниязда гьоркьоб гIарабистазул, имаматалъул, шайихзабазул ва революциялда данде чIараб цоги идеология тIибитIизаби», — абун.
Гьеб анализалда рекъон ОГПУялъ ГIабдулатIип Шамхаловасде гIунтIизабуна киданиги букIинчIеб революциялда данде чIараб гIуцIиялъе нухмалъи гьабиялъул гIайиб, гьединго «национализм», «панисламизм» ва гь. ц.
Ракьцоясул къисматалъ пашман гьавурав гьунар бугев магIарул шагIир МелъелтIаса ГIабас Шейховас гьесде гьабуна рекIее асар гьабулеб магIу-кечI:

Надалде гIунтIичIеб лъедерабго кар,
ЦIороберал рараб бихьинаб гьумер.
Бице, МикагIилов, киве арав дов –
КунчIи бихьилалде
тIерхьун бугин цIва.
Хъвалаго хутIараб гIелмияб хIалтIи,
Бахъизеян абун нахъе лъураб тIехь.
ТIегь балаго хвелалъ
къотIараб гIаркьел,
ТIор балаго цIералъ
чIвараб тIабигIат.
МагIарухъе рогьел рехулеб мехалъ,
Къисматалъ вижарав
лъаялъул лъимер,
МугIрул газетаялъ бана духъ чIегIер,
ГIазул тIогьаз балъго
тIуна духъ магIу.
ТIоцевесев гIалим, гIадатав инсан,
ГIодобе биччараб тамахаб кIалъай.
ГьечIо гIадан рокъов
къан буго нуцIа,
Къеда сагIат буго досухъ гIодулеб.
Дун пикрабалъ вуго довгун сардида,
Соролеб, цIоролеб буго дир хиял.
Къисматалде гIайиб рехун щибилеб
Къваридаб гьинал ракI
лъиде чучилеб.
ЦIияб кечI хъвалищан
дида гьикъизе,
РекIелъ цIакъ рекъараб критикагун,
Пахрулъи гъанкъулеб
хинаб рецц-бакъгун,
Дун валагьилалде гьечIо ракьцояв.
ЦIакъ рикIкIада довги,
пикрабалъ дунги.
ГьечIо гIадан рокъов,
къан буго нуцIа,
Къеда сагIат буго досухъ гIодулеб.

1962 соналъул 16 марталда Дагъистан АССРалъул Верховный судалъул хIукмуялда рекъон,
ДАССРалъул ОГПУялъул тройкаялъул 1933 соналъул 13 октябралда гьабураб хIукму законияб гуреблъун рикIкIун буго ва дело къан буго гIайиб чIезабизе кIвечIолъиялда бан.