Новость на родном

Роржунел алатазул рагъ

Гьал къоязда редакциялде вачIун вукIана СВОялъул гIахьалчи МухIамадрашад Илясов. Гьев ккола Казбек районалъул Гуни росулъа. Гьес бицана рагъулаб хъулухъалде иналъулги гьенир ккарал лъугьа-бахъиназулги хIакъалъулъ.   — МухIамадрашад 60-йилъе вахарав мун СВОялде кин ккарав — мобилизациялда рекъонищ яги дуего бокьунищ? — Киназдаго тIадаб буго ватIаналъул тIалаб гьабизе. Советияб заманалда дица ра­гъулаб хъулухъ тIубана гIарадачагIи-ра­кетчиказул часталда. 2024...

Новость на родном

РачIа дир цIадухъе, кучIдул цIалулел

МагIарул машгьурав шагIир МухIамад Гунащев гьавуралдаса исана тIубала 90 сон. МагIарул бакъназ мугIрузул борхалъуде бахинабураб, мугIрузул иццаз къойилго лъалъарал, магIарухъ роол гIидраялда рижарал тIугьдуз жидерго гьуинал махIал сайгъат гьарурал МухIамадил асаразулъ нилъеда батула, тIоцебесеб иргаялда, гIагараб миллаталъул бахIарчияб тарихалдаса бугеб кIудияб чIухIиги, рахьдал мацIалдеги магIаруллъиялдеги бугеб хIасратаб рокьиги, гIумруялъул къолденлъун намус бугей магIарулайги, магIарул тарихалда...

Новость на родном

Босанищ тIаде — тIубазабе, кьунищ рагIи — ккве

БатIи-батIиял баяназда рекъон, 13 миллион чияс гIумру гьабулеб Москваялда вуго (хъвай-хъвагIай бугев) 100 азаргогIанасев дагъистанияв. Хъвай-хъвагIай гьечIелги рикIкIани, гьеб къадар гIемерго тIаде уна. Гьел хIалтIулел руго экономикаялъул, социалиябгун культураялъул, медицинаялъул, бизнесалъул, хIатта политикаялъул бокьарал бутIабазда. Дагьал церегIан къоязда Москваялде щведал, ниж дандчIвана 21 соналъ гьенив ралел бакIазул устарлъун хIалтIулев вугев Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъа Анваров...

Новость на родном

ГIумруялъул ицц

ВатIан байбихьула хъизамалдасан, гьелъул гIажаибаб къисаялдасан. Гьелъул гъасда бугеб хинлъиялдасан, хинлъи кквезе ругел лъималаздасан. ВатIаналъул талихI — талихIаб хъизан, ВатIаналъул чIухIи – гьебги хъизамин. ВатIаналъул шигIру — хъизамалъул кечI, ВатIаналъул къуват – хъизамалъул цIар. ХIикматаб гъансито, жеги чан нухалъ гIедегIун рачIинел духъе дур лъимал. Гьел хIасратлъун руго гIанчIаб дур кочIохъ, гIумрулъун лъугьараб дур рокьиялъухъ. Дадаги,...

Новость на родном

БатӀи-батӀияб би жубараб пагьмуяб наслу

Дагъистаналда гӀезегӀан руго машгьурал, тӀолабго республикаялъе гуребги, улкаялъего пайдаял ишал гьарурал ва гьарулел ругел тухумал. Гьединаб буго Гъуниб районалъул ЧӀохъ росулъа Хархаровазул хъизамги. Гьал къоязда нижехъ гьоболлъухъ йикӀана медицинаялъул гӀелмабазул доктор, Россиялъул тӀабигӀиял гӀелмабазул академиялъул (РАЕ) член-корреспондент, профессор Сакинат Хархарова. ТӀаде щолеб бугеб Хъизамалъул, рокьул ва ритӀухълъиялъул къоги хӀисабалде босун, нижеца гьелда гьарана тухумалъул тарих...

Новость на родном

«Рамазанил тIалъи тIолго халкъалъе»

Анкьабилеб июлалда МахIач­хъа­лаялда, Поэзиялъул театралда, тIобитIана Дагъистаналъул бе­тIер­лъун вукIарав, философиял гIелмабазул доктор, профессор Рамазан ГIабдулатIиповас 80 сон тIубаялъе сайгъат гьабураб «Рамазанил тIалъи тIолго халкъалъе» абураб тIехьалъул цебелъей. Къур­бан КIулизановас данде гьабураб гьеб тIехьалде росун руго Р. ГIабдулатIиповасе магIарулаз сай­гъат гьарурал шигIриял ва хабариял асарал. Дандеруссиналъул байбихьуда Ра­мазан ГIабдулатIиповас ракIал­де щвезаруна Дагъистаналъул бе­тIер­­лъуде живго вачIарал сонал,...

Новость на родном

Исламалде гIагарлъарал гьелъ мукIур гьарула

Ахираб заманалда гIемерлъулел руго исламияб диналъул цIех-рех гьабулелги, гьеб дин къабул гьабизе бокьаралги. Европаялде, Азиялде, Америкаялде, Австралиялде, ай дунялалъул батIи-батIиял бакIазде исламияб динги лъайги цебего щун букIана. Нилъеда лъала дунялалдаго машгьурал И. Гетте, Л. Толстой, Б. Шоу гIадал гIадамаз исламалъул хIакъалъулъ абурал рагIаби, гьез диналъе кьураб къимат. Гьаб макъалаялдайин абуни бокьун буго жидер цIар дунялалдаго...

Новость на родном

Гьав вукIана нижер мугIалим

Машгьурав хъвадарухъан, журналист, таржамачи Асадулагь Му­хIамаевасул хIакъалъулъ Хочо ХIамзатовасул гьаб макъала 1992 соналда бахъун букIана «ХIакъикъат» газеталда. Гьел кIиялго рукIана Хунзахъ районалдаса, гIемерал соназ цадахъ хIалтIана магIарул газеталда, гьединлъидал макъалаялъул авторасда лъикI лъалаан Асадулагь. Берцинаб мацIалъ хъвараб, хъвадарухъанасул гIумруялъул хIакъалъулъ мухIканал, дурусал хIужаби жинда жанир ругеб Хочол макъалаялъул жакъаги буго кIвар. Гьединлъидал, исана Асадулагь МухIамаев...

Новость на родном

«Хъвадарулеб ана дур тIолго гIумру»

Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъ, жиндирго гIумрудул гьудул, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Му­хIамадов хведал хъвараб кочIолъ руго «Хъвадарулеб ана дур тIолго гIумру», — ян абурал мухъал. ХIакъикъаталдаги, тIолабго гIумру хъва­дарулаго арав Муса МухIамадов гьавуралдаса исана тIубана 100 сон. Гьесул хIурматалда, гьевги ракIалде щвезавун, 28 маялда Ма­хIачхъалаялда тIобитIана юбилеялъулаб тадбир. Тахшагьаралъул майданалда аскIоб бугеб, гIемерал соназ...

Новость на родном

Дагъистаналъул Шолоховасул гIасруялъулаб юбилеялде

Араб анкьалда, 28 маялда МахIачхъалаялда, Муса МухIамадовас гIумру гьабун букIараб хъвадарухъабазул минаялъул къадада чIвана ракIалдещвеялъул хъарщи. Тадбиралда гIахьаллъана хъвадарухъаби, шагIирзаби, журналистал, студентал, хъвадарухъанасул гIагарлъи, гьудул-гьалмагълъи, республикаялъул хIукуматалъул нухмалъиялъул вакилзаби, министрал ва хъвадарухъанасул асарал рокьулел цогидалги дагъистаниял. Тадбир рагьана ва нухда бачана Алексей Тимохиница. Дандеруссиналда кIалъана ва хъвадарухъанасул творчество ракIалде щвезабуна Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал...