РачIа дир цIадухъе, кучIдул цIалулел

МагIарул машгьурав шагIир МухIамад Гунащев гьавуралдаса исана тIубала 90 сон. МагIарул бакъназ мугIрузул борхалъуде бахинабураб, мугIрузул иццаз къойилго лъалъарал, магIарухъ роол гIидраялда рижарал тIугьдуз жидерго гьуинал махIал сайгъат гьарурал МухIамадил асаразулъ нилъеда батула, тIоцебесеб иргаялда, гIагараб миллаталъул бахIарчияб тарихалдаса бугеб кIудияб чIухIиги, рахьдал мацIалдеги магIаруллъиялдеги бугеб хIасратаб рокьиги, гIумруялъул къолденлъун намус бугей магIарулайги, магIарул тарихалда къадруялъул лъалкIал тарал мугIрузул васалги. Гьаб гьитIинабго макъалаялда бакI гIеларо М. Гунащевасул асараз дие гьабулеб асаралъул хъвазе. Бугониги, хIалбихьила гьес жиндирго шигIрабазул улкаялъул гъасда бакун тараб цIадухъ лъалхъизе…

 

Цо берцинай гIадан херлъулеб мехалъ…

ШагIирасул бищунго машгьураблъун лъугьараб кечIлъун, масала, дица рикIкIуна «Цо берцинай гIадан херлъулеб мехалъ» абураб кечI. РакIалде ккола гьеб кечI киназего бокьулилан, хасго Синдикъовас ахIулебги бугони. Пашманлъиялъул куназ угьараб бугониги, рекIее гьелъ гьабула хIикматаб асар. Щияй чIужугIаданалда гьениб батула жиндирго берцинлъиги гIолохъанлъиги:

— Цо берцинай гIадан херлъулеб мехалъ,

Хаслихълъи щвелалде, хер тIогьиллъула.

ТIадагьаб рилълъадул сси холеб мехалъ,

Рии тIагIиналде, тIегьги бечIала.

ЧIегIерал гъалазда гIалай хъвалелъул,

ХъахIаб махигъотIол тIинкIула магIу,

Меседил расазда саву кколелъул,

Сардида рецIцIула гьал рицIцIигъутIби.

Чанги гIолихъанас анищ гьабураб

ГIищкъудал бакъ буго хьухьикье кколеб,

Хьухьарал сардазда нур базабураб

Балайдул моцI буго тIаса бекулеб.

Пикрабаз ятила берцинай гIадан,

Заман щвелалдего, херлъулей йигей,

Хиялаз батила гьайбатаб лага

ГьадигIанго хехго нахълъулеб бугеб.

Кинан ятаниги, ле, гIолохъаби,

Хехлъуге херайин гьелде ахIизе.

Хириял гIолилал, кIвар гьабичIого,

КIодойилан гьелъул рекIелъ хIунсуге.

ШагIирасул гьаб хадусеб кечIги гьимана дир къисматалъе. Ва цинги угьдана гьебгун цадахъ:

— Баниги кIваричIо магIарде гIазу,

МагIардасан уна гIор авлахъалде.

ХъахIлъани кIваричIо чIегIерал расал,

Расулъ рокьи гьечIо, рекIелъ гурони.

РукIани кIваричIо дир нухда щобал,

Щобдасан баккула багIарбакъул нур.

ЩвечIони кIваричIо нилъ мурадалде,

Щвараз кьабе абе копол дуниял.

Керен угьун дуде хъварал дир мухъал

ХутIани щиб, гьудул, хъахIаб кагътида.

Курмул рокьул цIураз кодойги росун,

Риччанте цIализе цIа гIодоцине.

(«Рокьул цIа»)

Дагьалги лахIзатаз кIусулей йиго шагIирасул лирикаялъул асаразул цIадухъ. Гьез хинлъи кьолеб буго ботIрол расазда гIумруялъул саву кканагIан, чIаголъулел ругел дир пикрабазе. Гьаб кечI цIалидал, цебе бачIунеб буго магIарул ясалъул хIикматго берцинаб сипат. Гьединалго хIикматал дандекквеялги. Гьез дагьабги хIайранлъиги хIеренлъиги кьун буго гIолилалъул сураталъе:

— ГIинтIи тIегьан бугин тIадмагIарухъе,

ТIогьол гIурда мокъокъ, мун кинан йигей?

ТIалил най баханин борхалъабазде,

Бахчабазул тIавус, тIегьачIищ рокьи…

Сардил макьу тараб гIалхул чаница,

Чорхой тIадагьлъи кьун, куцарай гьудул,

Чундуз лъим гьекъолеб мугIрул иццухъа,

Унтарал сахлъула, дуца лъим кьуни…

(«ГIинтIи тIегьан буго тIадмагIарухъе»)

Дун кидаго асир гьаюла шагIирзабазул асаразулъ букIунеб гIанса-хIанчIил сипаталъ. Школалда цIалулеб мехалдасаго бокьана дие гьеб хIинчI. Дида гIемер батана гьеб Залму Батировалъул асаразулъги. Дица шагIиралда гьикъана кин бачIараб дур асаразулъе гьеб маргьабазул хIинчIилан. Гьелъ дие жаваб кьуна гьеб бугила рокьуе ритIухъаблъун даим хутIулеб гIищкъул гIаламатилан. Гьале жакъаги дун дандчIвана жинца дун даим асир гьаюлеб гIанса-хIинчIгун. Гьаб нухалда – Гунащевасул хIинчIгун. Гьебгун цадахъ дун хIалакуней йиго гIолохъанлъигун дандчIвазе:

КучIдузулъ ахIулел чIегIерберазул

ЧIорал щун, лъукъана дирги гьинал ракI.

Гьал мугIрузда гIураб гIамиркоялъул

ЦIар ахIулеб буго цIалеб хIухьелалъ…

(«Цо гIолиласул кечI»)

МугIрул намусалъул расен бикIараб

М. Гунащевасул гIамиркоялъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дица нуцIа рагьулеб буго шагIирасул рокьи ккараб магIаруллъиялде. Ва гьениб дида данде бачIунеб буго магIарул гIеретI. Лъел цIураб гIеретIгун нухарегIулаан улбуз лъимал, руччабаз росал сапаразде. МугIрул чIужугIаданалъе гIеретI букIана гьелъул гьайбатлъи дагьабги тIадегIанлъиялда лъолеб тIагIел-алатлъун. Гьале жакъа диде дандеги вачIунев вуго шагIир жиндирго шигIрабазул цIураб гIеретIгун. Гьес гьеб берцинлъиялъе ахIулеб буго рокьул гимн:

— Меседил гIертIида гIарцул къвалги бан,

КъулгIаде ячIуней мугIрул гIолилай.

ГIеретIгун чанцIул дур сурат бахъараб

Сверухълъи чIухIарал художникаца?…

Лъуралъуб рекъолеб, рукъ берцинлъулеб,

Лъала гьал мугIрузда магIарул гIеретI.

МугIрул намусалъул расен бикIараб,

Ясал ралагьани, гьумер бихьулеб…

(«ГIертIил хIакъалъулъ гимн»)

Гьаб берцинлъиялъухъеги гьоболлъухъ ахIулел руго нуж шагIирас, хIурматиял цIалдолел! Недегьлъи-хIеренлъиги согIлъи-хъачIлъиги цолъун лураб магIаруллъиялъул хIикматаб сипаталъ хIайран гьарула нилъер ракIал. ШагIирасе берцинлъи байбихьулеб буго гIагараб росдал гъанситохъан:

НакIкIигъотIол кIиго гIаркьелалъ кьуртIа

Кьун бугеб берцинлъи гьаб дунялалъе!

Цояб — авлахъалда, цо — мугIрул тIогьиб –

Цо дир инсул росдал, унго, берцинлъи!

(« Авлахъалъул цIваби, мугIрузул цIаял»)

Рахьдал мацIалде кечI хъвачIев шагIирги вукIунев ватилищха. Гьеб мацIалдалъидал кIалъалев шагIир жиндирго цIалдолезда. Гьеб мацIалъ угьдула гьесул шигIраби, гьеб мацIалда рохула гьел миллат берцин гьабулел магIарулаздаса. Кинабго — гьеб мацIалъ, рахьдал мацIалъ:

-… Амма рахьдал мацIалъ цIар ахIулаго,

ЦIорорал мугIрузда гIазу биуна.

ГIолилал гьимани, гьеб мацIалъ кIалъан,

КIанцIула гIазулъан гIищкъуялъул тIегь…

Дир зодил бацIцIалъи, цIумазул угьди,

ЦIвабзазде угьулеб эбелалъул кечI.

Эбел хун, бесдаллъи, мех бан, кIочонин,

Мун кIочон тей гурищ кIудаб бесдаллъи…

(«Рахьдал мацI)

Рахьдал мацIазда сверухъ жакъа букIине бугеб ахIвал-хIал лъарав шагIирасул рекIел бухIараб ахIилъун кколеб буго гьаб хадусеб шигIруги:

— МагIарухъе щвечIел магIарул лъимал,

МугIрузул берцинлъи бицалъ рагIарал.

Беричго, узданго нуж рихьаниги,

Угьула дун цо-цо нужехъ валагьун.

АхIулгохI нужее гъогъол гохI буго,

Гъуниб мегIер нужей цил мегIер буго.

Цо Хунзахъ хъаладул къиса лъалев чи –

КъанагIатав гьобол нужер бакIалда…

(«МагIарухъе щвечIел магIарул лъимал»)

 

ШигIраби-дарсазул гIакъиллъиялъухъ

 

Щивав шагIирасулго гIадин, Гунащевасулги руго шигIраби – дарсал. Гьесул шигIрияб улкаялде гьабураб сапар лъугIизе толеб буго гьел асараздалъун:

* * *

ЦIорол цIарагI гIодоб речIчIун бекани,

ЦIидасан къачIалев къебед щоларо.

Щвараб талихI щивас цIуничIонани,

ЦIидасан босизе рес рекъеларо.

* * *

Гьанже гьунаралъухъ чи вокьуларо,

Чванта цIураб гIарац цадахъ гьечIони.

Чилъиги гIакълуги гIад-хочI гьабула,

Ччорбазда кверал хъван, хъирщула чагIи.

* * *

Гьал цо бакъул къоял паркъун аралго,

Панкъил мочIу кьола дур садакъаде.

Санал тIагIиналде, тIинкIараб лъикIлъи

КIиго дунялалъе давла буго дур.

ЦIаланагIан, цIализе рокьулел шигIрабиги, реганагIан, регизе рокьулел тIахьалги, гIенекканагIан, гIенеккизе рокьулел МухIамадил рагIабазда ахIулел сариналги абадиялъго жиндирго цIалдолезе тун, ана МухIамад Гунащев абадияб рокъове. Гьевги вукIун вуго талихIав шагIир – гьесул асаразулъги жидерго роржен батана чанги магIарул машгьурав кочIохъанасда.

ГIадада батиларо ХIамзатил Расулица гьесул хIакъалъулъ абурабги:

— Гунащев МухIамад вуго, «толкач» гьечIого, жинцаго гIумруялде нух бахъарав чи, — ян.

«Толкач» гьечIого, нух бахъана гьесул шигIрабазги цIалдолезухъе.

Шамай Хъазанбиева