Цо нухалда магӀарухъа тахшагьаралде ячӀарай курсцояй Заираца дида абуна, жидер росулъе вачӀун вукӀарав Зикрула абулев министрас жиндихъе ахӀун йигин, цадахъ йилълъаян. «Багъатар ХӀажиевасул хӀакъалъулъ баянал ругила жиндихъан абуна гьес. Дарсида цӀакъ хӀажат буго дие гьеб материал», – ин тӀаса йичӀичӀо гьей. Тахшагьаралъул администрациялъул минаялда бугила гьесул кабинетги. Унго-унгояв магӀарулав вугила, щвезе кколиланги бицун, ана аслияб...





