UFCялъул лъабго рачелги, «Манчестер Юнайтедалда» МестIерухъа ГIамирил цIарги, Айзанатил бергьенлъиги
UFCялда дагъистаниязул чарамул хатI
Исанасеб сон ракIалда чIана UFCялъул речIчIухъанлъиялда жаниб Ислам МахIачевас босараб кIиго бергьенлъиялдалъун: лъагIалил байбихьуда, 18 январалда, Бразилиялдаса Ренато Мойканодасаги бергьун, гьес цIунана тIадагьаб цIайиялда UFCялъул чемпионасул рачел.
14 маялда гьев ана цогидаб цIайиялъул макъамалде ва, 15 ноябралда Австралиялдаса Джек Делла Мадалленадасаги бергьун, цIияб рачелги цIунун, тарихалде ана. Гьев бергьана 28 нухалъ ва къуна гIицIго цо нухалъ.
Исана ичIабилеб марталдаги букIана нилъер миллаталъе къиматаб бергьенлъи. Гьеб къоялъ Лас-Вегас шагьаралда Бразилиялдаса речIчIухъан Алекс Перейрадасаги бергьун, чемпионасул рачел щун букIана Шамил районалъул ТIелекьа МухIамад Анкалаевасеги.
ГIабдулрашид ва цогидал
Эркенаб гугариялъул рахъалъ бищун ракIалда чIанин абизе бегьула июналъул ахиралда Москваялда тIобитIараб Россиялъул чемпионат: 10 шапакъаталда гьоркьоса ичIгояб босана нилъер гIолохъабаз. ИчIго дагъистанияв вахана пьедесталалъул бищун тIасияб хIокIиде. Щугоясе насиблъана гIарцул ва анкьгоясе мазгарул шапакъатал.
Дагъистаналъул спорталъул тарихалда гьединаб халатаб меседил чIел нилъер гугарухъабаз босараб хIужа ракIалда гьечIо. Гьанир гьел киназулго цIарал хъвачIониги, цохIо цIар рехсон тела: 97 кг ц1айиялъул вакил, «Танк» ГIабдулрашид Садулаевас цоги нухалъ бихьизабуна жиндирго гьунар ва, анкьабилеб нухалъги Россиялъул чемпионлъунги вахъун, спорталъул тарихалде ана иргадулаб бергьенлъигун.
Боксалъул рахъалъ ракIалда чIана 16 декабралда Германиялда букIараб дунялалъул чемпионаталъул къецал. Гьенив лъабго нилъер ракьцояс босана бергьенлъи. ЛъаратIа районалъул НитIиццухъа Муслим ХIажимухIамадовасги цIияб цIар хъвана боксалъул тарихалда, лъабго нухалъ дунялалъул чемпионлъунги вахъун.

Англиялъул премьер-лигаялда магIарулав
Исанасеб соналъул тIокIлъилъун рехсезе бегьила цоги къиматаб хIужа. Апрелалъул авалалда нилъер ракьцояв, гьунар бугев футболист ГIамир Ибрагьимовас профессионалияб контракт хъвана Англиялъул машгьураб «Манчестер Юнайтед» клубгун.
ГIамирил умумул ккола ГIахьвахъ районалъул МестIерухъ росулъа. Англиялде гочиналде цере гьесул эбел-эмен гIумру гьабун рукIана Буйнакск шагьаралда. Жеги гьитIинав чи ГIамир вукIаго, ана гьел гIумру гьабизе Великобританиялде. КватIичIого ГIамир кьуна футболалъул школалде, ва жеги гьитIинго гьес жиндирго букIинесеб гьунар загьир гьабуна гьениб. 15 сон бачIев чи гьев восана «Манчестер Юнайтед» клубалъул санаде рахинчIел футболистал хIалеб командаялде ва, гIемер заман балелде, гьесул хIаялъ асир гьаруна киналго. Ва кватIичIого гьесде пикру буссана «Манчестер Юнайтедалъул» аслияб клубалъул.
Щиб лъалеб, Криштиану Роналду ва Леонель Месси гIадал цIар рагIарал футболистазе гIадаб машгьурлъи щвезе бегьула ГIамириеги. Криштиану Роналдул профессионалияб карьераги байбихьидалха гьебго «Манчестер Юнайтед» клубалдаса.
Халкъазул спартакиада
21 сентябралда МахIачхъалаялда рагьана Дагъистаналъул Халкъазул спартакиада. Тахшагьаралъул «Труд» стадионалде вачIун вукIана гIемерав чи. Республикаялъул 16 районалдасагун шагьараздаса командабаз гIахьаллъи гьабуна гьеб тадбиралда.
Спартакиада рагьана батIи-батIияб заманалда Олимпиялъулал хIаязда чIел босарал ва гьенир шапакъатал щварал нилъер машгьурал спортсменаз.
Парадалда гIахьаллъана: МухIамадхан ГIарацилов, Сажид Сажидов, ХIайдарбег ХIайдарбегов, Сайпула Абсаидов, МухIамадхIасан Абушев, НурмухIамад Шанавазов, МахIач МуртазагIалиев, Шарип Шарипов, МухIамад Ибрагьимов, Ширвани Мурадов, Земфира МухIамадгIалиева, ГIабдусамад ХIадисов ва гIемерал цогидалги — дунялалъул, Европаялъул ва Олимпиадаялъул чемпионал, призерал.
Нилъер республикаялда тIоцебесеб нухалъ тIобитIулеб гьеб бергьун кIудияб спортивияб тадбиралъ хIакъикъаталдаги гIемерав чи данде гьавуна.
Хунзахъа Айзанатица кIудияб спорт квегъулеб буго
ЛъагIалил хIасилал гьарулаго, цоги цIияб хабар лъана. Нилъер ракьцояй, Хунахъа Айзанат Муртазаевалъ гьал къоязда бергьенлъи босана фехтованиялъул рахъалъ Россиялъул Кубокалъе гIоло къецазда. КIиго нухалъ тIатIала Россиялъул Кубокалъул чемпионлъун яхъарай гIадан ккола гьанже Айзанат. Россиялъул фехтованиялъул спорталъул тарихалда жаний гьей ккана тIатIалаго гьединал къецазда бергьарай ункъабилей спортсменкалъун. Гьелде щвезегIан гьединабго бергьенлъи босун букIана Мария Мазиналъ, Анна Сивковалъ ва Татьяна Гудковалъ.
Исана июналда Италиялъул Генуе шагьаралда Айзанат Муртазаева яхъана фехтованиялъул рахъалъ Европаялъул чемпионлъунги. 2019 соналдаса нахъе гьел къецазда нилъер пачалихъалъе бергьенлъи насиблъун букIинчIо, гьединлъидал Айзанатие щвараб меседил шапакъат цIакъго къиматаб кканин абизе бегьула.
Гьединго июлалъул ахиралда Грузиялъул тахшагьар Тбилисиялда тIобитIараб дунялалъул чемпионаталда командаялъулал къецазда Айзанатие щвана гIарцул шапакъат.
Гьединал хIасилалгун нухарегIулеб буго Айзанатица 2025 сон. Гьарула гьелъие тIаде щолеб 2026 соналъги цIиял бергьенлъаби, сундулъго икъбал ва гьединго Олимпиялъулал хIаязда бергьенлъи щвараб къоги жакъа гIадин гIагарлъун бихьизе.
Силдиб — UFCялъул чемпионазе кьучI лъолеб къебелъул рукъ
Исана ЦIумада районалъул Силди росулъ хIалтIизе биччана ГIабдулманап НурмухIамадовасул цIаралда бараб спортивияб комплексги. Гьеб ккола ГIабдулманапил вас, UFCялъул машгьурав речIчIухъан ХIабиб НурмухIамадовас Конор Макгрегорида тIад бергьенлъи босун щвараб гонораралъул гIарцухъ бараб кIудияб спорталъул кIалгIа. Ралъдал гьумералдаса 1880 метралъул борхалъуда мугIрул тIогьиб бугеб росу ккола ЦIумада районалъул Силди.
Спорткомплекс базе букIиналъул хIакъалъулъ ХIабибица бицун букIана 2018 соналдаго. Гьебго соналъ, эмен ГIабдулманап чIаго вукIаго, гьелъие кьучIги лъун букIана. Ва гьале анкьго соналдасан гьесул инсул росулъ бан бахъана киналго хIажаталщинал шартIаздалъун хьезабураб спорткомплекс.
Спорткомплекс базе байбихьарал тIоцересел соназго абулеб букIана UFCялъул турниралда цере сборал гьенирги тIоритIизе ругин абун. Дунялалдаго машгьураб ва гьабсагIат бищун ссиялда бугеб, спортивияб гIуцIиялъул къецазда цересел ругьунлъаби Дагъистаналъул бищун рикIкIада, мугIрул росулъ тIоритIизе рукIин абураб хабаралъго батIияб нур кьолеб буго гьелъие.
ЛъагIалил хIасилал гьаруна Ашахан Юсуповас
