Бесдалалъухъе бегьараб квер

Дун йиго Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росулъа Пахруева ПатIимат. 2001 соналда, тIоцебесеб классалде ячун заман балелде, камуна дие эмен. Гьесул анищ букIана дун тохтурлъун яхъине, живгоги ракI унтарав чи вукIиндал батила. Инсул анищ тIубазе дие кумек гьабуна учительзабаз, гIагарлъиялъ, хасго дир эбелалъул эбел Юнусова Асиятица.

Берзул канлъи дагьлъун бугониги, гьелъие бокьула газета цIализе. Гьединлъидал бокьана гьаб баркалаялъул кагъат хъвазеги: Аллагьги разилъизе, дир бабаги йохизе – гьей гьаюраб къоги баркизе, цогидазе мисаллъунги букIине.

 

Жакъа бокьун буго, вацалгун яцал,

Газета гьоркьоб ккун баркала кьезе.

Дун гIезе гьаюрай, гIазизай бабу,

Гьаюраб къо баркун, кIодо гьайизе.

Кьеги дуе талихI, таги мун чIаго,

АнцIабго килищги канае бакун,

Нижер гьаб гIумруго берцин гьабизе.

Дир гIамал берцинай, дир рагIи гьуин.

Щибаб какда хадуб гьарулеб буго,

Аллагьилан ахIун, ХIабибан хIелун:

ЦIуне, Аллагь, Дуца хIеренай бабу

Унта-шокъалдаса, балагьаздаса.

Кьеги дуй Аллагьас жеги нусго сон,

Гордуда цIороялъ цIорода гIадал

Берцинал накъишаз гьаб нижер гIумру,

Нуралъ гIадин дуца гвангъизабизе.

Дир инсул ахираб анищ тIубазе,

Дир тохтур яхъине дуе бокьана.

Къана дуца дие къвакIараб рачел,

РекIелъа инаро дур хIаракатлъи.

Амма жакъа дун дур хьолбохъги гьечIо,

Мун гьаюраб къоги дуда баркизе.

БачIина газета духъе, рагьдухъе,

Дир гьал рагIабигун ва баркалагун.