Новость на родном

ХӀакимчи, жамгӀияв хӀаракатчи, хъвадарухъан

Цо нухалда магӀарухъа тахшагьаралде ячӀарай курсцояй Заираца дида абуна, жидер росулъе вачӀун вукӀарав Зикрула абулев министрас жиндихъе ахӀун йигин, цадахъ йилълъаян. «Багъатар ХӀажиевасул хӀакъалъулъ баянал ругила жиндихъан абуна гьес. Дарсида цӀакъ хӀажат буго дие гьеб материал», – ин тӀаса йичӀичӀо гьей. Тахшагьаралъул администрациялъул минаялда бугила гьесул кабинетги. Унго-унгояв магӀарулав вугила, щвезе кколиланги бицун, ана аслияб...

Новость на родном

Тарихалде арал бергьенлъаби

UFCялъул лъабго рачелги, «Манчестер Юнайтедалда» МестIерухъа ГIамирил цIарги, Айзанатил бергьенлъиги UFCялда дагъистаниязул чарамул хатI Исанасеб сон ракIалда чIана UFCялъул речIчIухъанлъиялда жаниб Ислам МахIачевас босараб кIиго бергьенлъиялдалъун: лъагIалил байбихьуда, 18 январалда, Бразилиялдаса Ренато Мойканодасаги бергьун, гьес цIунана тIадагьаб цIайиялда UFCялъул чемпионасул рачел. 14 маялда гьев ана цогидаб цIа­йия­лъул макъамалде ва, 15 нояб­ралда Австралиялдаса Джек Делла Мадалленадасаги...

Новость на родном

ЛъагIалил хIакъикъат — «ХIакъикъаталда»

Гьале тарихалде ана цогиги лъагIел. БатIи-батIиял лъугьа-бахъиназдалъун хIалуцараб букIана гьеб дунялалдаги — нилъер улкаялдаги, Дагъистаналдаги. Дагьал рукIинчIо улкаялдаги республикаялдаги лъикIал лъугьа-бахъинал, пайдаял хIалтIаби, ишал, тадбирал. Нижеца хIаракат бахъана гьезул хIакъалъулъ газеталъул гьурмаздасан нужееги бицине. Баянаб букIахъе, 2025 сон Россиялъул президентас лъазабун букIана ВатIан цIунулезул лъагIеллъун. Гьединго, исана КIудияб Ва­тIанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса тIу­бана 80 сон....

Новость на родном

НекIсиял къавмазул лъалкIда хадув

29 декабралда 75 сон тIубана машгьурав гIалимчи-археолог, тарихиял гIелмабазул доктор, профессор, РАНалъул академик Хизри ГIамирханов гьавуралдаса. Гьев ккола Болъихъ районалъул ГIанди росулъа. ЦIалана Буйнакскиялъулги Хасавюрталъулги школазда. 1972 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университет, хадуб СССРалъул ГIелмабазул академиялъул Ленинградалда бугеб отделениялда аспирантура. Хизри ГIамирхановасул захIматалъулаб нух байбихьана Болъихъ районалъул Муни росдал школалда тарихалъул учительлъун ва цадахъго завучлъун...

Новость на родном

Бесдалалъухъе бегьараб квер

Дун йиго Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росулъа Пахруева ПатIимат. 2001 соналда, тIоцебесеб классалде ячун заман балелде, камуна дие эмен. Гьесул анищ букIана дун тохтурлъун яхъине, живгоги ракI унтарав чи вукIиндал батила. Инсул анищ тIубазе дие кумек гьабуна учительзабаз, гIагарлъиялъ, хасго дир эбелалъул эбел Юнусова Асиятица. Берзул канлъи дагьлъун бугониги, гьелъие бокьула газета цIализе. Гьединлъидал бокьана гьаб...

Новость на родном

КочIохъаби чIвала, кучIдул хутIула…

Щибалиго гIуцIиялъ лъаларо, пачалихъалъ лъаларо, 21 абилеб март бихьизабун рагIула Халкъазда Гьоркьосеб Поэзиялъул Къолъун. Гьедин хъван бугоан календараздаги. Гьеб къо поэтазул къо бугин, календаралъухъги ралагьун, рахъ-рахъалде ахIун баркулел гIадамалги руго. Гьел баркабиги къабул гьарун жал поэталин чIаралги руго. Амма дида цебе тIамизе захIмалъулеб буго гьедин жинда баркун букIарабани, щиб абилеб букIараб ХъахIабросулъа МахIмудицаяли. Санцин гьаричIого,...

Новость на родном

ЦIаралгун шапакъатал

      ГьанжегIагар ДРялъул бетIер Сергей Меликовас гъулбасана машгьурал цо-цо дагъистаниязе тIадегIанал цIаралгун орден-медалал кьезе хIукму гьабураб документалда. Масала, «За заслуги перед Республикой Дагестан» абураб орден кьуна ДРялъул халкъияй шагIир Залму Батировалъе. «Дагъистаналъул хал­къияй артистка» абураб хIурматияб цIар щвана Авар театра­лъул артистка ПатIимат ХIажиевалъе. ГIахьвахъ районалъул культурияб рукъалъул нухмалъулев Денга Махиев мустахIикълъана «За доблестный...

Новость на родном

ЦIиял анищалгун, цIиял къасдалгун

  Гьал къоязда хиса-басиял ккана «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда. Лъабго соналъ газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуразарулев вукIарав ГIумахан ГIумаханов, жиндиего бокьун, сахлъиялда бан хIалтIудаса нахъе ана. Гьесул бакIалде ячIана газеталда гIемерал соназ хIалтIарай, махщел камилай журналист Зульфия ХIажиева.  Гьайгьай, цIиял анищалгун, цIиял къасдалгун тIаделъаниги, магIарул цIалдолезе бокьулеблъун жакъа газета цIунун бажари — гьеб бигьаяб иш гуро....

Новость на родном

Дагъистаналъул мустахIикъав энергетик

  «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ ЧIикIаса КъурахIмаев ГIабдулагьида баркула «Дагъистаналъул мустахIикъав энергетик» абураб хIурматияб цIар щвей. Энергетика цебетIезабиялда тIад хIалтIулел вакилзабазул тухумалъул чи хIисабалда гьарула гьесие щулияб сахлъи ва хIалтIулъ бергьенлъаби.

Новость на родном

ГIумруялъ борцина гьелъул борхалъи

    Гьал къоязда 60 сон тIубала республикаялъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулев МухIамад ГIисаевас. Гьев ккола кIудияб ракIалъул сахаватав инсан. МухIамадил кумекалъулаб квералдалъун араб соналда «ХIакъикъат» газеталъул подписка гIурабго къадаралда цIикIкIунги букIана. ГIагараб Хунзахъ районалъе гьес хъван букIана 1000 газета. Гьединго гьев вуго газеталъул божарав гьудулги. Щиб къваригIелалъ гьесухъе аниги, гьеб тIубачIого цониги чи тIадги вуссунаро....