«Клеткаялъур тIамун цIумал чIоларо» Анкьабилеб октябралда Лас-Вегасалда (США) букIана ХIабиб НурмухIамадовасда ва Ирландиялдаса Конор Макгрегорида гьоркьоб речIчIухъанлъиялъул къеркьей ХIабибие, ай ММАялда тIатIалаго 26 нухалъ бергьарав дагъистаниясе, гьеб букIана тIадагьаб цIайиялда UFСялда чемпионасул цIар ва рачел цIунизе гьабулеб тIоцебесеб къеркьей. Гьеб промоушеналъул чемпионлъун ХIабиб вахъун вукIана исана 7 апрелалда Нью-Йоркалда, Эл Яквинтидасаги бергьун. ХIабибиде божилъи букIана...

