МухIамад-Салам ГIумаханов ракIалдещвеялъе

Турниралда гIахьаллъана дунялалъул 16 улкаялдаса 140 спортсмен

 

Каспийскалда, ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорталъул ва гIолилазул кIалгIаялъуб, 6 июналда букIана пачалихъияв хIаракатчи МухIамад-Салам ГIумаханов ракIалдещвеялъе боксалъул рахъалъ ХХ-абилеб халкъазда гьоркьосеб турнир рагьиялъул тадбир. Гьелда гIахьаллъана Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги. Гьенир хIурматиял гьалбаллъун рукIана РФялъул Федералияб Собраниялъул Федерациялъул Советалъул председателасул заместитель Иляс ГIумаханов, АIВАялъул супервайзер, Армениялъул Олимпиялъул комитеталъул тIоцевесев вице-президент Дареник Габриэлян, РФялъул Боксалъул федерациялъул генералияв секретарасул кумекчи АхIмадхан ГIадилов, Россиялъул Боксалъул федерация- лъул хIурматияв президент Владимир Иванченко ва цогидалги.

Турниралъул гIахьалчагIазде, гьал­бадериде ва данделъарал киназдего хитIаб гьабуна регионалъул нухмалъулес. «Дие бокьун буго жиндирго хIаракатчилъиялдалъун жакъа Дагъистаналда боксалъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб гьаб турнир тIобитIиялъе ресал ратарал гьа-лъул гIуцIарухъабазе, гIахьалчагIазе, бокс бокьулел киназего баркала кьезе. Дагьаб цебе гьабго спортивияб кIалгIаялъуб тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат. Гьалбадерил хIурмат гьабулеб Дагъистаналъ къвал бала дунялалъулго спортсменазда. Турниралъул киналго гIахьалчагIазе дица гьарула бергьенлъаби ва тIолалго дагъистаниязе сахлъи», — ян абуна Владимир. Васильевас.
Чемпионат тIобитIиялъе гьабураб хIаракатчилъиялъухъ ва гьелда гIахьаллъаралъухъ гIуцIиялъулаб ко­митеталъе, республикаялъул нух­ма­лъулезе, тренеразе, спортсменазе баркала загьир гьабуна Иляс ГIумахановас.
«1996 соналдаса нахъе тIори­тIулел гьал турниразда рахъана цIар рагIарал гIемерал боксерал. ГIицIго ахираб щуго соналда жаниб «Халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер» абураб цIар щвана турниразда бергьарав 11 боксерасе. Республикаялъул нухмалъу­лесе ва турниралде хIадурлъарал киназего баркала буго гьадин берцинго ва тIадегIанаб даражаялда турнир гIуцIаралъухъ», — ан абуна И. ГIумахановас.
Турниралда гIахьаллъана Армениялдаса, Беларусалдаса, Казахстаналдаса, Гъиргъизиялдаса, Латвиялдаса, Монголиялдаса, Египеталдаса, Польшаялдаса, Швециялдаса, Норвегиялдаса, Эстониялдаса, Тажикистаналдаса, Узбекистаналдаса, Ин­ди­ялдаса, Азербайжаналдаса, Ро­с­­сиялдаса 140 боксер.
Чемпионаталъул хIасилазул хIа­къалъулъ хъвазе буго хадусеб номералда.
МухIамад Адиев

 

«Анжиялъул» бетIерав тренер

Россиялъул тIасабищараб олимпиялъул командаялдаги
хIалев вукIана МухIамад

МахIачхъалаялъул «Анжи» командаялъул бетIерав тренерлъун тIамуна МухIамад Адиев. 40 сон барав гьесулгун контракт хъван буго кIиго соналъе. Цеве МухIамад хIалтIулев вукIана Дагъистаналъул «Легион Динамо» футболалъул клубалда ва гьединго Грозныялъул «АхIмат» командаялда тренерасул ассистентлъун.
Футболист хIисабалда МухIамад Адиев 2000-абилел соназул байбихьуда хIалев вукIана «Анжиялда» ва гьев вукIана Дагъистаналъул болельщиказе бищунго рокьулел футболистазул цоявлъун. Россиялъул тIасабищараб олимпиялъул къокъаялда гъорлъ МухIамад хIана ункъо матчалда, дандиязул кавабахъе гьес кьабуна кIиго гол.
Тренерасулаб карьераялде Адиевас байбихьана 2010 соналда «Нижний Новгород» командаялъул тренерлъун хIалтIиялдаса. Хадув гьев вукIана Нижний Новгородалъул «Волга», Грозныялъул «Терек», МахIачхъалаялъул» «Легион Динамо» командабазул насихIатчилъун. 2017/2018 соназул сезоналда МухIамад вукIана «АхIмат» ФКялъул тренеразулаб штабалда гъорлъ.
«Гьадинаб клубалъул тренерлъун тIами, «Анжиялъул» президент ГIусман Къадиевас диде гьабураб божилъилъун рикIкIуна дица. «Анжи» буго гIезегIан машгьураб футболалъул клуб. Гьанир хIалтIана кIудияб хIалбихьи бугел тренералги, — ян абуна Адиевас «Новости» РИАялъе кьураб баяналда. – Баркала кьезе бокьун буго «АхIмат» клубалъул президент МухIамад Давудовасе. Дун гьесда вичIчIана ва, гьениб контракталъул болжал лъугIун букIинчIониги, гьес дун «эркенго лъедезе» виччана».
ГIагараб заманалда «Анжиялъул» цIияв бетIерав тренерас футболистазул лъай-хъвай гьабизе буго жиндирго штабалъулгун.
КIиго анкьалъ цебе «Анжиялъул» генералияв директорасул хъулухъал­даса нахъе ана Саид ГIаб­дулаев. гьесул бакIалде тIамуна цеве «СКА-Хабаровск» клубалъул генералияв директорлъун хIалтIулев вукIарав Олег Флегонтов.