РечIчIухъанлъи

Дунялго балагьун чIараб къеркьей

6 октябралда бихьила лъица щив рехулевали

Жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ дунялалда бищунго къуватаб UFC лигаялъул тарихалда бищунго ахIи бахъараб къеркьей тIобитIизе буго анлъабилеб октяб­ралда Лас-Вегасалъул T-Mobil аренаялда, гьебгиха дагъистанияв ХIабиб НурмухIамадовасдагун Ирландиялдаса Конор Макгрегорида гьоркьоб. КIиявго спорт­смен ккола тIадехун рехсараб лигаялъул чемпионаллъун.
Дагьал церегIан къоязда тIоби­тIана къеркьеялда цебесеб пресс-конференцияги. UFCялъул президент Дана Уайтица ахIана цере спортсменал, ва бачIинахъего сценаялда микрофоналъул хважаин жив вукIин бичIчIизабуна ирландиялъулас, ай ХIабиб кIалъазего толев вукIинчIо. Макгрегорица рицунел гIахьучIазул, чарал харбазул дагъистаниясе цо кIудияб ургъелги букIинчIо. «Октагоналде лъугьиндал, кIиявго гьенив хутIидал, бихьила дур рекIел хIал», — ан калам къокъгьабулеб букIана НурмухIамадовас. Ирландиялъулас ракIалдещвезабуна дагьаб цебе цоги UFCялъул речIчIухъан Артем Лобовасдаги ХIабибидаги гьоркьоб ккун букIараб тунка-гIусиялъул ва гьелдаса хадуб жинца дагъистанияв рекIун вукIараб автобусалде гьабураб гьужумалъул хIакъалъулъ. «Лобов бихьинчи вукIаравани, дица габур чIвайдал, гьес данде жаваб гьабизе букIана. Мунги вуго мантащ. ВукIинчIевани, 40 чиги вачун вачIинароан автобусалде аскIове», — ян абуна ХIабибица.
Пресс-конференциялда щиб бицаниги, Макгрегорил кIал чIолеб букIинчIо. ХIатта ХIабибил эмен ГIабдулманапидецин ирга щвана гьесул. Ирландиялъула­сул рагIабазда рекъон, гьев хIин­къу­лев вуго Чачан Республи­кая­лъул бетIер Рамзан Къади­ро­васдаса. Гуребани, гьесда ца­­дахъги чIун, гьес суратал ра­хъи­лароанин рикIкIунеб буго Ко­норица. Щив хIинкъулев, щив къо­левали 6 октябралда Лас-Ве­гасалда бихьилин лъазабуна Нур­мухIамадовасги.