Эркенаб гугари

Анкьго меседил медаль

 

3-5 августалда букIана эркенаб гугариялъул рахъалъ улкаялъул чемпионат

Подмосковьеялъул Одинцово шагьарала 3-5 августалда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионат. Байбихьуда хIисабалде босун букIана улкаялъу­л гьеб аслияб турнир Кемеровоялда, хадуб Красноярскалда, Сочиялда, Москваялда тIобитIизе, амма гьеб тIобитIана Подмосковьея­лъул Одинцовоялда 3250 чиясе бакI бугеб волейболалъул спортивияб комплексалда. Дагъистаналдаса гугарухъабазе чемпионаталда щвана кинабниги 16 медаль: анкьго меседил, кIиго гIарцул ва анкьго мазгарул. 2018 соналъул Россиялъу­л чемпионаллъун рахъа­на: Завур Угуев (57 кг), МухIамадрасул Идрисов (61 кг), АхIмад Чакаев (65 кг), МухIамадрасул ГъазимухIамадов (70 кг), АхIмад ХIажимухIамадов (79 кг), Даурен Куруглиев (86 кг) ва ГIабдулрашид Садулаев (97 кг).
(Сезоналъул байбихьуда 92 кг цIайиялъул категориялда гугарулев вукIани­ги ва гьеб цIайиялда иса­на Красноярскалда Ярыгинил турниралда ва Каспий­скал­да Европаялъул чемпионлъун ва­хъун вукIаниги Одинцовоялда ГIабдул­ра­шид гугарана 97 кг цIайиялда). «Олимпиялъул хIаял байбихьизе хутIун буго кIиго сон ва гьанже дие заман щвана. Олимпиялъул цIайилъун кколеб 97 кг цIайиялда къецазда гIахьаллъизе», — ян абуна, кIиабилеб нухалъги Олимпиялъул чемпионлъун вахъине нигаталда вугев, ГIабдулрашидица.

Чемпионат ана тIадегIанаб даражаялда. Бергьана цереккун хIисабалде росун рукIарал киналго абуниги гугарухъаби, загьирлъана цIиял чемпионазул цIаралги. Дагъис­тан Республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас ургуялъул мастерал-дагъистаниязда баркана Россиялъул чемпионаталда бергьенлъиялда церерахъин.

БитIккечIо 2016 соналъул дунялалъул чемпион, 70 кг цIайиялда гугарулев вукIарав МухIамад КъурбангIалиевасе – гьев къуна, гугари бокьулезда жиндир хIакъалъулъ цебе гIемер рагIун букIинчIев, Красноярскалдаса Арбак Сатидаса. Къуна гьединго гьеб цIайиялда МухIамадил аслияв аслиял дандиявлъун кколев Северияб Осетиялдаса олимпиялъул чемпион Сослан Рамоновги. Финалалда гьесдаса бергьана ва 70 кг цIайиялда Россиялъул чемпионлъун вахъана 2015 соналъул дунялалъул чемпион, Хасавюрталдаса МухIамадрасул ГъазимухIамадов. Санкт-Петербургалдаса Анзор Хизриевасдаса финалалда хIалбащадаб къеркьеялда къуна 125 кг цIайиялда гугарулев вукIарав дагъистанияв Мурадин Кушховги.

Турнир тIобитIараб
тIоцебесеб къоялъул хIасил

Одинцовоялъул волейболалъул цент­ралда гьеб къоялъ лъабго ургуялде рахъана 57, 65, 74, 86 ва 97 кг цIайиязул категориязул гугарухъаби.
57 кг цIайиялда гъоркьисаги Рос­сиялъул чемпионлъун вахъун ву­кIарав Хасавюрталдаса Завур Угуевас исанаги бихьизабуна бищунго тIадагьаб цIайиялда улкаялъул къуватав гугарухъан жив вукIин. Гьес финалалда гIицIго цо балл кьуна Туваялдаса Хуреша-оол Дондук-ооле ва бергьана 7:1 хIисабгун.
65 кг цIайиялда финалалда гу­гарана кIиявго дагъистанияв. ХIа­луцараб къеркьеялда, 2013 соналъул дунялалъул чемпион Бекхан Гойгереевасдаса бергьана 2016 соналъул дунялалъул чемпион АхIмад Чакаев.
74 кг цIайиялда чемпионлъун вахъана асатIиназул гугарухъан Заурбег Сидаков.
86 кг цIайиялда меседил медалалъе гIоло къеркьолел рукIана ба­тIи-батIиял соназда Европаялъу­л чем­пионаллъун рахъун рукIарал Ма­хIачхъалаялдаса Даурен Куруглиев ва Владикавказалдаса Артур Найфо­нов. ХIалуцараб ва хIалбащадаб къер­кьеялда битIккана Куруглиевасе – гьев бергьана 2:1 хIисабгун.
97 кг цIайиялда финалалда Да­гъис­таналдаса олимпиялъул чем­пион ГIабдулрашид Садулаев ва 2018 соналъул Европаялъул чемпион Аланиялдаса Владислав Байцев гугаризе рукIин цебеккунго лъалеб букIана. Киналго кIваркьун балагьун чIун рукIана гъоркьиса тIобитIараб Россиялъул чемпионаталда 8:7 хIисабгун Байцевасдаса бергьун вукIарав Садулаевасулги Байцевасулги исана щибдай ккелебан. Исанаги тIокIлъи букIана дагъистаниясул – гьев бергьана 8:3 хIисабгун. Гьанже Садулаев ккола Россиялъу­л ункъцIул чемпион. Хаслихъе букIине бугеб дунялалъул чемпионаталда Будапешталда ГIабдурашид гугаризе вуго Кайл Снайдергун.

КIиабилеб къоялъ —  лъабго чемпион

Гьеб къоялъ Россиялъул чемпионасул цIаралъе гIоло къеркьолел рукIана 61, 70, 79, 92, 125 кг цIайиязул категориязул гугарухъаби.
23 соналъул ригьалде щвезегIан гIумру бугел гIолилазда гьоркьоб тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ дагьаб цебе тIобитIараб европаялъул чемпионаталда 61 кг цIайиялъул категориялда бергьарав дагъистанияв МухIамадрасул Идрисовас чIахIиязул къокъаялда Одинцовоялда гугарунги бихьизабуна тIадегIанаб мехщел. Финалалда гьев 7:3 хIисабгун бергьана хIалбихьи бугев гугарухъан ИсмагIил Мусукаевасдаса ва чемпионлъун вахъана.
70 кг цIайиялъул категориял­да цеве вахъарав Россиялъул цIи­яв чемпион МухIамадрасул Гъазиму­хIамадовасул рахIатхвезабулеб бу­кIана турниралда цебе тренировка­базда ккараб травмаялъ. ГIицIго чем­пионаталде хIадурлъиялъул ра­кIа­риялъул ахиралда гьес хIукму гьабуна чемпионаталда цевевахъине ва рекIекълъизеги рекIекълъичIо. МухIамадрасул бергьана Сослан Ра­монов, Давид Баев ва Разамбег Жа­малов гIадал хIалбихьи бугел гу­гарухъабаздаса ва, финалалда 9:0 хIи­сабгун Красноярскалдаса Арбак Са­тидасаги бергьун, чемпионлъун ва­хъана.
79 кг цIайиялда финалалда 3:2 хIисабгун АхIмад ХIажимухIамадов бергьана Гъарачаево-Чергесиялдаса Хусей Суюнчевасдаса.
92 кг цIайиялда чемпионлъун ва­хъана 7:5 хIисабгун фина­лалда Ка­бардино-Балкариялдаса Анзор Ури­шевасдаса бергьарав Се­ве­ри­­яб Осетиялдаса Батирбег Ца­ку­­­лов. Мазгарул медаль щвана Ма­­­хIачхъалаялдаса ГIалихан Жаб­ра­­­гIиловасе.
125 кг цIайиялда меседил медаль щвана, финалалда Мурадин Кушховасдаса бергьарав, Анзор Хизриевасе.
Улкаялъул чемпионаталъул хIаси­лал гьарулаго, эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Дзамболат Тедеевас бихьизабуна исанасеб турнир тIадегIанаб даражаялда анин ва гьенир цIиял чемпионалги рахъанин.
«Дунялалъул чемпионат тIо­би­тIизе хутIараб кIиго моцIалъ цебе – 7-9 сентябралда Польшаялда тIо­битIизе бугеб эркенаб гугариялъул рахъалъ Циолковскиясул мемориа­лалдаги гIахьалллъизе руго Дагъистаналъул гугарухъаби. Гьелдаса хадур жеги кIиго нухалъ ракIаризе руго ва гьениб баянлъизе буго щив кинаб спортивияб формаялда вугевали. Цинги гIуцIизе буго дунялалъул чемпионаталда гIахьаллъизе бугеб гугарухъабазул къокъа», — ян буна бетIерав тренерас.