Дунялалъул чемпионаталда цересел хIалбихьиял 2-4 августалда Варшаваялда Вацлав Циолковскиясул хIурматалда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ турнир. Турниралъул тIоцебесеб къоялъ ургуялде вахъана ункъо россиялъулав ва гьезда гьоркьоса кIиго дагъистанияв ворчIана финалалде (МухIамадрасул Идрисовгун (61 кг) ХIажи Набиев (79 кг)). Киналго речIчIиязда цереккунисел бергьенлъаби росарав Идрисов финалалда дандчIвана Монголиялдаса Тувшинтугла Туменбилеггун. 6:2 хIисабгун гьеб къеркьеялдаги нилъерав бергьана....
