Щиб гьабизе кколеб, Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул идарабазда ришватчилъи тIагIинабизе ккани? 2017 соналда ВЦИОМалъ (ТIолгороссиялъул жамгIияб пикруялъул цIех-рех гьабулеб центр) гьабураб цIех-рехалда рекъон, бищун гIемер ришватчилъи тIибитIун буго медицинаялъулги, лъайкьеялъулги, ГИБДДялъулги идарабазда. Тохтурзабазе ришватал кьола операция гьабуралъухъги, унтарасул халгьабуралъухъги, хIажатал анализал гьареян кагъат хъваралъухъги, больницаялда вегизавизе кколин направление кьуралъухъги, чIарахъанлъиялъухъги, школалде ва цогидал бакIазде кьезе справка...

