ГIабдулрашид Садулаев, хIежги борхун, тIадвуссана Эркенаб гугариялъул рахъалъ Дунялалъул чемпионаталдаса хадуб Олимпиялъул чемпион ГIабдулрашид Садулаев, борхун хIежгун, тIадвуссана ва гьабсагIаталда вуго хIухьбахъи гьабулев. Гьединлъидал цIар рагIарав гугарухъанасул хIакъалъулъ республикаялъул информациялъул алатаздасанги къанагIат гурого бицунеб букIинчIо ва бичIчIулеб букIинчIо кинаб къимат Дунялалъул чемпионаталъе, гьениб ккараб хIасилалъе живго ГIабдулрашидицагун гьесул тренер Шамил ГIумаровас кьолеб бугебали. ГIабдулрашид вуцIцIухIун...
