МармаргьецIоялда цIар хъвала Фазул

Машгьурай магIарул шагIиралъул байрамкъо кIодо гьабизе буго

 

11 сентябралда ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов дандчIвана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъул васалгун. Гьез бицана шагIиралъул 85-сонилаб байрам кIодо гьабиялъул хIакъалъулъ.

МухIамад-Расул, МухIамад ва Жамбулат МухIамадоваз рес­публикаялъул нухмалъулесе сайгъат гьаруна Фазул су­ратгун къватIире ра­чIарал поча­лъул къайиялъул тIо­цере­сел экземпля­рал. Рамазан ГIаб­дулатIиповас, Фазу ГIалиевалъул гьунаралъе тIа­дегIанаб къиматги кьолаго, абуна гьелъул асараз жеги гIемер заманалъ къалъизаризе ругин дагъистаниязул ракIалин. «Гьей йикIана, лъикIай ша­гIирги, хъвадарухъан­ги, публицистги гурейги, дунялалда лъугьа-бахъунебщинаб жоялъул хIакъалъулъ хасаб пикру бугей гIаданлъунги. Гьей нилъеда кIо­ченаро», — ян абуна гьес.
Рамазанилги эбе­ла­­лъул­ги гара-чIва­ри­ялги ракIал­де­щве­зарун, Жамбулат МухIамадовас абуна, гьел гара-чIвариязул тIехь басмаялде бахъарабани, гьеб лъугьинаанин моралияб тарбиякьеялъул учебниклъун.
ДандчIваялда бицана Фазу ГIалиевалъе памятник лъеялъул хIа­къалъулъги. Гьеб кватIичIого эхетизе буго ша­гIиралъул цIар кьураб шагьаралъул ахикь.