МахIач­хъалаялъул 160 сон

Байрам кIодо гьабизе буго 23-24 сентябралда

 

Гьелда бан, Рамазан ГIабдулатIипов дандчIвана тахшагьаралъул мэр Муса Мусаевгун.
ДРялъул бетIерас абуна, Муса Мусаев мэрлъун таралдаса нахъе тахшагьаралъул сипат хисулеб бугилан. «ГIумруялде рахъинарулел руго гIемерал проектал, руго гьезда гьоркьор президентасулги. КъватIазда низам чIезабулеб буго, азбарал къачIалел руго ва шагьаралда хьвадизе байбихьана жамгIияб транспорт. ХIадурун буго Уллубий Буйнакскиясул къватI къачIаялъул проект­ги. РакIбохизабула паркалги хIухьбахъиялъул цогидал бакIалги берцин гьарулел рукIиналъ. Байрамалде хIадурлъулаго, рес буго Россиялъул Федерациялъул бищун лъикIаб центр абураб цIаралъе хIакъикъаталдаги мустахIикълъизе», — ян бицана гьес.
Муса Мусаевас бицана, байрам кIодо гьабиялда бан, хIадурараб планалъул хIакъалъулъ. «ТIоритIизе руго концертал, Халкъазда гьоркьосеб фестиваль, культураялъулгун спорталъул байрам, салул скульптурабазул фестиваль ва лъималазе концерт. МахIачхъалаялъул аслияб майданалда букIине буго «Дир МахIачхъала, дир Дагъистан, дир Россия» абураб музыкалиябгун театралияб композиция», — ян бицана гьес.

ДРялъул бетIерасулги
хIукуматалъулги пресс-хъулухъ

 

***

«Каспий: букIинеселъе гIоло гьалмагълъи»
13-16 сентябралда республикаялда тIобитIана журналистазул форум

Гьединабго форум Дагъистаналда тIобитIун букIана 2002 соналдеги. Исана гьеб гIуцIана Дагъистаналъул Журналистазул союзалъ, ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул бихьизабиялда рекъон. Гьелда гIахьаллъана РФялъул Журналистазул союзалъул председатель Всеволод Богдановги, СКФОялъулги, Россиялъул цогидал регионаздасаги, Каспиялъул рагIаллъабазда ругел къватIисел улкабаздасаги журналистал.
Гьалбал щвана Гъуниб районалдеги «АхIулгохI» мемориалияб комплексалдеги. Дербенталда гьел гIахьаллъана Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо кIодо гьабиялъул байрамалда.
Поэзиялъул театралда тIобитIана форумалъул гIахьалчагIазул данделъи. Гьенир кьуна «Каспиялъул хIалимаб ракI» абурал премиял. Гьелъие мустахIикълъана гIемер лъималазул эбел-магIарулай Асият МухIамадоваги. Гьей ккола ЦIумада районалдаса, гIумру гьабулеб буго Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъ. Гьелъ гьабуна 15 лъимер ва гьабсагIаталда хьихьулеб буго 13.
РФялъул Журналистазул союзалъул председатель Всеволод Богдановасе ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас кьуна «Дагъистаналъе гIоло гьабураб хъулухъалъухъ» абураб медаль.

*** 

«Нилъер рукъ — Дагъистан»

14-15 сентябралда МахIачхъалаялдаги Дербенталдаги тIоритIана Ракьцоязул форумалъул тадбирал

Дагъистаналде рачIун рукIана къватIисел улкабаздаги Россиялъул батIи-батIиял регионаздаги гIумру гьабулел ракьцоял. Гьезул гIахьаллъигун Дербенталда тIобитIана «Ракьцоязул интеграция – Дагъистан цебетIезабиялъул кьучI» темаялда данделъи. Гьеб нухда бачана ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.
Форумалде хIадурун букIана «Нилъер рукъ — Дагъистан» абураб суратазул выставка. Гьелъухъ балагьизе щвана ДРялъул бетIерги форумалде рачIарал гьалбалги. Гьелдаса хадуб тIоритIана батIи-батIиял масъалабазда рекъон гIуцIарал данделъабиги. Форумалда бицана халкъазда гьоркьосел социалиялгун экономикиял ва маданиял бухьенал щулалъизариялъулги, Дагъистаналда туризм цебетIезабиялъулги хIакъалъулъ.