Интернет – бажари бугеб сурсат

Россиялъул интернет-форумалъул
(РИФ) гIахьалчагIи данделъана лъабабилеб нухалда

 

Гьезде хитIаб гьабуна ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас.

«Форумалда гIахьаллъула IT-индустриялъул вакилзабиги, тархазул технологиял хIалтIизарулел бизнесменалги, журналисталги. Дагъистаналде рачIаралъухъ нужее баркала кьолеб буго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. «РИФ. Кавказ – 2017» форум лъугьун буго Интернеталъул ресал рихьизарулеб ва гьезул хIакъалъулъ бахIсал гIуцIулеб бакIлъун.
Форум машгьурлъулеб буго мах­щелчагIазда гьоркьоб – гьеб ккола СКФОялъул интернет-отрасль цебетIезабиялъул мурадалда Россиялъул Бухьеналъулгун коммуникациязул министерствоялъулги, Электронниял коммуникациязул ассоциациялъулги, Дагъистаналъул хIукуматалъулги цадахъ гьабулеб хIаракаталъул хIасил. Жакъа нилъеда цебечIараб аслияб масъалаги ккола гIатIидаб ва тIадегIанаб хехлъиялъул Интернеталдаса гIадамаз пайда босиялъе шартIал гIуцIи», — ян бицана А. Карибовас.
ДРялъул печаталъулги информациялъулги министр Рашид Акавовас кIварбуссинабуна миллиял газетаздегун журналазде. «Гьел кагътида къватIире рахъулел ругелъул, щивав чиясухъе информация щвезабизе захIмалъулеб буго. Жакъа гIуцIун руго миллиял газетазул интернет-сайтал, амма кIочене бегьуларо, Интернеталъулги гIорхъи букIунеблъи. Дир хьул буго, мадугьалихъ ругел республикабазул экспертаз нилъер газетал церетIезариялъе пайдаял гIакълаби кьеялде», — ян бицана министрас.
Форумалда исана гIахьаллъана РФялъул анкьго регионалдаса кIиазаргоялдаса цIикIкIун чи. КIиго соналъ тIоритIана семинарал. Гьезда жигараб гIахьаллъи гьабуна IT-технологиязул рахъалъ бажари бугев 120 экспертас. Гьез бицана «Одноклассники», «ВКонтакте, «Mail.Ru», «Яндекс.Деньги», «Instagram» абурал социалиял сетаздасан бизнес цебетIезабизе рес кьолел къагIидабазул хIакъалъулъ.