ГIабдулрашид Садулаев, хIежги борхун, тIадвуссана
Эркенаб гугариялъул рахъалъ Дунялалъул чемпионаталдаса хадуб Олимпиялъул чемпион ГIабдулрашид Садулаев, борхун хIежгун, тIадвуссана ва гьабсагIаталда вуго хIухьбахъи гьабулев. Гьединлъидал цIар рагIарав гугарухъанасул хIакъалъулъ республикаялъул информациялъул алатаздасанги къанагIат гурого бицунеб букIинчIо ва бичIчIулеб букIинчIо кинаб къимат Дунялалъул чемпионаталъе, гьениб ккараб хIасилалъе живго ГIабдулрашидицагун гьесул тренер Шамил ГIумаровас кьолеб бугебали.
ГIабдулрашид вуцIцIухIун чIун вугеб заманалда, гьесул тренер Шамил ГIумаровас «Новое дело» газеталъул мухбирасулгун букIараб гара-чIвариялда гьадин абуна: «БитIараб бицани, ГIабдулрашид Дунялалъул чемпионаталде тIуван хIадур вукIинчIо. Гьеб бихьулеб букIана бащдаб финалалда ва финалалъул ункъил бутIаялда дандчIварал Кубаялдаса Пересида ва Армениялдаса Кетоевасда тIад бергьенлъи босизе гьесие захIмалъараб куцалъухъ балагьун», — ан.
— Гьедин батани, финалалда ГIабдулрашид къезе бегьулин абураб пикру букIун батилагуриха ботIролъ?
— БукIана. Олимпиадаялдаса хадур спортсменал гугариялде тIадруссинаризе, гьел, бугеб къуват рехун, ругьун гьаризе тIамизе захIмалъула. Гьедин ккана ГIабдулрашидилгунги. Снейдер гIадинал къуватал, залимал спортсменаздаса бергьине ккани, гIицIго Россиялъул чемпионаталда гугарун гIоларо, тIубараб лъагIелалъ гьоркьоса къотIичIого ругьун гьаризе ва батIи-батIиял турниразда цере рахъине ккола. Гьелде тIадеги ругьун гуреб цIайиялда, ай жиндие цIияблъун кколеб категориялда цеве вахъунев вукIинги хIисабалде босизе ккола.
— Дуца рикIкIунеб буго Садулаевас Олимпиялъул хIаяздаса хадуб гIемер заманалда хIухьбахъи гьабунилан, гурищ?
— БитIараб буго. Нилъер спортсменазе гIадатияб хIужа ккола гьеб. Цояз лъагIелалъ хIухьбахъи гьабула, цо-цоял кIиго соналъгицин ругьун гьаруларо. Олимпиялъул хIаяздаса хадуб ГIабдулрашид, жакъа цояз жидехъего ахIун, метер цогидазухъе ун, гугариги кIочон, тирулев вукIана ва тамахлъана. ТалихIалъ, цогидал нилъер атлетазда дандеккун, хехго тIадвуссана гьев ургуялде.
— Кин букIаниги, ГIабдулрашидица лъикIаб гугари бихьизабуна Дунялалъул чемпионаталда ва бергьенлъи босизе рес букIана.
— Къун ругьунав гьечIолъиялъ ва бергьенлъиялде бугеб гъираялъ Садулаевас ахириябги къуват ургуялда тана. Гьесул чорхолъ бугеб бихьинаб, магIаруласе хасиятаб гIамалалъги, къвакIиялъги, къуркьи гьечIолъиялъги цо лахIзаталъ кколеб букIана ГIабдулрашид Снейдеридаса бергьининцин, амма ахиралда хIухьел, жигар гIечIо.
— Россиялъул тIасабищараб командаялъе цогIаги меседил медаль щвечIо Парижалда букIараб гугариялъул рахъалъ Дунялалъул чемпионаталда. Гьедин бугеб заманалда гугари бокьулел рукIана ГIабдулрашид бергьине вукIиналда божилъиги гьабун. Гьеб пикруялъ тIадецуй гьабулеб, рахIатхун вукIанищ нилъер Олимпиялъул чемпион?
— Нижерги рукIана гьединалго хьулал ва Россиялъул тIасабищараб командаялъул капитан, миллияб командаялъул цевехъан вукIиналъ цо бакIаб гьир баччулеб хIисаб букIана ГIабдулрашидил.
— Чемпионаталдаса хадуб Россиялъул командаялъул бетIерав тренер Дзамболат Тедеевас абуна, ГIабдулрашид, лъагIелалъ 97 кг цIайиялдаги гугарун, ругьунабго 86 кг цIайиялде тIадвуссине кколин. Гьелда сверухъ дур пикру кинаб бугеб?
— Садулаевасда ракIалда гьечIо гъоркьияб категориялда цеве вахъине. Гьесда кутакалда захIмалъана Снейдеридаса къей. Гьединлъидал чанго килограммги тIаде бачIинабун, хадусеб Дунялалъул чемпионаталда американав къезавичIого толаро «Россиялъул танкас». Олимпиялъул хIаяздеги гьебго цIайиялъул категориялда ине ракIалда буго гьесда.