ЧIваге дун, баба
Эбелалъул тIалаб гьаби – демографиялъул масъала тIубаялъе хIажатаб шартI
РФялъул Федералияб Собраниялде гьабураб ХитIабалда Владимир Путиница рехсана улкаялда демография лъикIлъизабиялъе квербакъулеб цо чанго социалияб тадбир.
2024 соналде щвезегIан, улкаялда лъимал гьариялъул къадар цIикIкIинабиялъул мурадалда, президентасул пикруялда рекъон, гьаризе тIадал тадбирал ккола:
— лъимал хьихьулел хъизамазе пособие цIикIкIинаби;
— ипотекаялъул рахъалъан бигьалъаби гьари;
— сакъатал лъималги тIоцебесеб группаялъул инвалидал-лъималги хьихьулел хъизамазе пособие кIицIул цIикIкIинаби.
Гьелде тIадеги, лъабго ва цIикIкIун лъимал ругел хъизамазе федералияб бюджеталдаса кьезе буго, ипотекаялъулаб кредит бецIиялъул мурадалда, 450 азарго гъуруш, эркен гьаризе руго ракьул анлъго сотихалъухъ кьолеб налогалдаса ва гь.ц. Гьайгьай, гьел тадбираз лъикIаб асар гьабила. Экспертазул пикруялда рекъон, демографиялъул политикаялде букIуна кIиго батIияб бербалагьи: социалияб, ай лъимал ругел хъизамазул гIумру бигьалъизабулеб ва демографиялъулаб, ай лъимал гьаризе гъирабазабулеб.
Улкаялъул президентас рехсарал тадбиразда гьоркьоса бищунго лъикIаблъун дидаго бихьула ипотекаялъулаб кредит бецIиялъе кьолеб 450 азарго гъурушги мина базе ипотека кьейги. Мина баялъе кьолеб кредиталъул кIудияб кIвар букIина росабалъ гIумру гьабулел гIадамазе ва гъирабазабила кьолеб 450 азарго гъурушалъги.
Улкаялдаго гIумру гьабулеб буго (2018 соналъул ахиралде) 68 млнгун 200 азарго бихьинчиясги 78 млнгун 700 азарго чIужугIаданалъги, ай 10 миллионгун щунусазарго чIужугIадан цIикIкIун йиго бихьиназдаса. Социалияб статусалъухъ балагьичIого, щияй чIужугIаданалъул анищ букIуна хъизан гIуцIизе, лъимал ва лъималазулги лъимал хьихьизе. Гьелда рагIи абизе бакIги гьечIо, рецц-бакъ гьабун гурони. Амма гIумруялъул руго жиндирго законал ва тIалабал. Гьел тIуразаричIони, инсанасул тIолабго гIумру кIалагъоркье чIвазе рес буго. Цо-цояз жигар бахъула цеве ватарав чиясулгун цадахъаб гIумру гьабизе, щиб лъалеб икъбал ккезе бегьулин абураб пикруялда. Гьеб цадахъаб гIумруялда «гражданияб ригьинилан» цIарги чIван, ай законияб къагIидаялда кагъат босичIого, ЗАГСалда хъвай-хъвагIай гьабичIого, гьарула лъимал. Гьезул тIалаб-агъаз гьаби тIалъуларо инсуда ва лъималгун улбулги жалго хутIула. Буго цоги цIакъ кIудияб ва захIматаб бакIлъилъун жамгIияталде тIаде бегарабги масъала – ургьибе ккараб лъимер чIвай (аборт гьаби). РухIчIагоябщинаб жоялда тIалъула жиндаго хадуб наслу тезе. Ургьибе ккараб лъимер чIвазе гьукъун буго диназги – гьеб рикIкIуна кIудияб мунагьлъун. Дунялалъул цивилизацияги медицинаги цебетIураб заманалда бигьалъизе кколаан абортазул масъала тIубайги. ЧIужугIаданалъе рес буго, бокьичIого ургьибе ккараб лъимер гьабизеги гьабун, больницаялдаго тезеги. Амма халкъалда гьоркьоб тIибитIараб пикруялъги, пачалихъалъ гьеб масъалаялъул тIалаб гьабунгутIиялъги квалквал гьабулеб буго гьелъие. Камулел гьечIо, гьабураб параялъго жиндир лъимер чIварал улбузда тIасан уголовнияб дело рагьиялъул хIужабиги. Масала, Б. Атакуловалъ жиндир лъимер рехана рощнол къолонибе – гьебги хасало! ГьитIинав гьелъул вас цIорон хвана. Судалда гьелъ бицана, жий эбел-инсукьа хIинкъанин ва жиндир ресги букIинчIин лъимер хьихьизеян абун. Волгоград областалдаса С. Деминалъул букIана, ригьнада гьечIого, гьабураб анкьго сон бараб лъимер. Гьабуна кIиабилебги ва, ведроялда жанибги лъун, гьеб гъанкъана. О. Пилипенко, лъимер гьабизе хIарачIван лъугьиндал, гIадамаздаса гьеб хIужа балъго гьабиялъул мурадалда, рекIуна Москваялдехун унеб поездалда. Вагоналъул хIажатханаялъуб гьабула лъимер. Гьебги рехула унитазалде жанибе. Гьединал мисалал цIакъго гIемер руго. Гьединлъидал, судалъул экспертаз гьабураб анализалда рекъон, эбелалъ жиндир лъимер чIваялъул аслиял гIиллаби кколел руго психологиябги материалиябги хIал. Гьеб хIалуцинабулеб аслияб шартIлъунги гьез рехсолеб буго гражданияб ригьин, ай гьединаб ригьнада ругел эбел-инсул жавабчилъи букIунгутIи.
Экспертаз абулеб буго, гIолохъанал улбузе материалиял шартIал гIуцIани, лъимал чIваялъул хIужаби лъалаго дагьлъизе ругин абун. Гьединал шартIаллъун рикIкIуна лъимаде йигей чIужугIаданалъе медицинаялъул кумек чIобого чIезаби (кинаб статусалда гьей ятаниги), декреталда йигеб заманалда гIумруялъе хIажатаб къадаралда пособие кьей ва цогидал социалиял бигьалъаби гьари.
МухIамад КъурбангIалиев