Раисат ГIусмановалъ 70 сон тIубаялде

Дагъистаналъулго жамгIията­лъулъ хасаб бакI кколел руччабазул цояйлъун рикIкIине бегьула гIемерал соназ тахшагьаралъул Къайимлъиялъул отделалъул нухмалъулейлъун хIалтIарай, республикаялъулго бесдалазул ургъел тIаде босарай, Хунзахъ районалдаса Раисат ГIусманова. «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» абураб регионалияб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулейлъун йикIаго, гьелъ ятимазе квербакъизе ва гьезул ихтиярал цIунизе гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ гIемер бицана республикаялъул ва федералиял СМИяз. Эбел-эмен хварал, нахъа кверчIвазе гIагарлъи гьечIел 170-гIанасел ясазе социалияб гостиницаялъул «ГIумрудул школалда» махщелгун тарбия кьуна ва аза-азар бесдал лъималазе квербакъана Р. МухIамадовналъ. Ахираб лъагIелалъ «Нилъер хъизан» абураб гIемерал лъимал ругел хъизамазе квербакъулеб регионалияб коммерциялъулаб гуреб гIуцIиялъул директорлъун хIалтIулей йиго гьей.

Гьал къоязда 70 сон бана Раисатица. Гьей къадруяй магIарулалъул гIумрудулъ гIемер буго гIолеб гIелалъ пайда босизе жо. Гьединлъидал магIарулазул тарихалъулъ лъалкI тарал, лъикIаб тарбия кьун, лъимал гIезарурал руччабазул хIакъалъулъ «ЧIужугIадан – баракат» абураб цIияб рубрикаялда гъоркь кьолеб буго Раисат ГIусмановалъулгун гьабураб гара-чIвари.


- Раисат МухIамадовна, мун Да­гъистаналда ва гьеб бахун къва­тIиехун лъикI лъала бесдал лъима­лазе, тIалаб гьабизе чи гьечIого ху­тIарал руччабазе квербакъулей ва гьезул ихтиярал цIунулей гIа­дан хIисабалда. Сунца тIамурай со­циалияб хIалтIи тIаса бищизе?

- МахIачхъалаялъул микьабилеб школалда байбихьул классазул учительницалъун хIалтIулей йикIана дун. Цо сордоялъ, цIалдохъабазул тетрадазул халгьабулаго, телевизоралдасан бихьана «Хозяйка большого дома» абураб Наталья Гундаревалъ роль хIалеб фильм. Доб букIана бесдаллъимал хьихьулеб интернаталъул директоралъул ва гьелъ хьихьизе вачарав васасул хIакъалъулъ кино. Гьеб бихьараб мехалъ, пикру бачIана диеги бокьилаанин гьедин лъималазул тIалаб гьабизеян. Ургъа­на киндай гьабилаян абун. Гьелъу­л хIакъалъулъ росасулгунги бицен гьабуна. Мунагьал чураяй дир эбелалъ гьесда абулаан, Раисатида ракIалде ккараб жо гьабизе квалквал гьабуге, гьабичIого гьей чIоларин, гIадада нужерго кIалъай ккечIого букIинеян абун (елъулаго). Гьев разилъана нижер дача бугеб бакIалда Лъималазул рукъ рагьизе. Гьеб букIана шагьаралда вакьадас нижее сайгъат гьабураб бакI.

Гьелъул жо ккечIо. 1996 соналъул ноябралда МахIачхъалаялъул Советский районалъул администрациялда Къайимлъиялъул (опека) отделалъул нухмалъулейлъун хIалтIизе ана дун. Заманалъ къан букIараб отдел рагьун букIин лъараб мехалда, кумек гьарун гIемерав чи вачIунаан гьениве. Къайимлъиялъул кумекалде ккарал хъизамазухъе хьвадулаан, гьединал лъималазул тIалаб гьабулаан. Гъорлъе лъугьанагIан рокьи ккана хIалтIухъ.

Лъималазул рукъалъул жо ккечIеб мехалда, ракIалде ккана, дирго васасе вацлъун вукIине цо васгIаги хьихьизе вачине. Дир кIиго ясги цо васги рукIана гьеб мехалда. Ункъабилеб лъимерлъун лъугьана ГIали. Гьеб мехалда бичIчIана дида, чияр, бесдал хутIараб лъимер хьихьизе бигьа гьечIеблъи. Гьебги хIисабалде босана дица дирго хIалтIулъ.

2004 соналда улкаялда «Къайимлъиялъул гIуцIиялъул бищунго лъикIав специалист» абураб конкурсалда тIоцебесеб бакI кьуна дие. Лъай кьея­лъул министерствоялъ хитIаб ба­чIана, гьелда гIахьаллъеян абун. Дун гьений хIалтIулеб 12 соналда жаниб тахшагьаралъул цогидал районазул къайимлъиялъул отделазул нухмалъулел 3-4 нухалда хисана. Дидехун божилъи цIикIкIараб букIана. Бесдаллъимал жидерго къайимлъиялде рачине бокьарал рачIунаан дихъе жидерго ихтиярал лъазе ва гьабизе бегьулеб жо цIехезе гIоло.

Изображение

- 15-ялдаса цIикIкIун соналъ дуца нухмалъи гьабуна «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» ДРООДалъе. Кин мун гьение ккарай?

- «Бесдалал гьечIеб Дагъис­тан» жамгIияб гIуцIи рагьиялъул хIур­­маталда тIобитIулеб тадбирал­да лъай-хъвай ккана гьелъул вакил­за­ба­зулгун. Гьенив дандчIвана ДРООДа­­лъе кьучI лъурав МухIамад ГIаб­дулхабиров. Гьев живгоги интернаталда гIурав, бесдал хутIарав чи вукIиналъ, жакъа къоялъги кIвахI гье­чIого гьабула гьес жамгIияб гIу­цIия­лъул хIалтIуе квербакъи.

Заманалдасан дун гьелгун данд­чIвана ва бицана бесдал лъималазе квербакъизе, гьезул ихтиярал цIу­ни­ялда тIад хIалтIулей гIадан йигин абун. Бесдалазул унтабигун захI­малъаби рихьун лъалаан дида. ХIал­тIудаса отпускги босун, байбихьана гьеб жамгIияб гIуцIиялде хьвадизе. КватIичIого тIамуна «Бесдалал гье­чIеб Дагъистаналъул» директорлъун.

ЖамгIияб гIуцIиялъул проект хIи­сабалда, социалияб гостини­ца рагьизе ракIалде ккана, нахъа гIагарлъи гьечIолъиялъ бетIергьабаз къва­рид гьарулел руччаби рихьидал. Гьезие квер­бакъизе пикру бижана дилъ, жамгIияб гIуцIиялде кумек гьарун, тIоцее ячIарай ясалъул рескъотIи бихьидал. Лъималазул рокъой гIурай, ине бакIги гьечIей гьей дихъего рокъое ячана гIумру гьабизе. Гьелъул ясги йикIана ГьитIичазул рокъое (Дом ребенка) хьихьизе кьун. Нижгун цадахъ рокъов вукIана дица хьи­хьизе вачарав васги. СанагIалъи бу­кIинчIолъиялъ, гIемераб мехалда гьей дихъго тун бажаричIо. Гьебмехалда дида ракIалде ккана, гьединал руччабазе кумек гьабизелъун, цогидазул хIалбихьиялдаса пайда босизе. Гьеб мурадгун щвана Санкт-Петербургалде «Пристань» абураб гурхIел-рахIмуялъул гIуцIиялде. Гьеб батана Лъималазул рокъор гIумру гьабулел рукIарал, балугълъиялъул ригьалде рахарал гIолилазе рагьараб гостиница.

Дагъистаналда рагьана бесдал хутIарал ясазе социалияб гостини­ца. Гьенир лъималгун цадахъ гIумру гьабизе риччалаан эбел-эмен гьечIел гIолохъанал руччаби. Рукъалъухъ ва кванихъ мухь босулароан ва жеги лъайги кьолаан. «Огонек» абураб проекталда рекъон, социалияб гостиницаялда ругел руччабазул лъи­мал хьихьизе къад хIалтIулеб ахги рагьана. Гьелъухъги мухь бо­сулароан.

Гъоркьисаялдаса нахъе «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялъул директорлъун тана дица гьеб хIалтIуе ругьун гьаюрай Светлана Маликова. Гьедин букIаниги, жамгIияб гIуцIиялъул хIалтIи жакъа къоялдаги гьабула гьезда цадахъ. Дунго чIаго йигебгIан заманалъ кумек гьабизе ракIалдаги буго.

- ГIемерал руччабазе кверба­къи гьабун батула дуца. Улбузулги лъималазулги ургъел тIаде бо­су­лелъул, жавабчилъиялдаса хIин­къу­лароанищ?

- Социалияб гостиница рагьарал­даса кинайниги 170-гIанасей чIужу­гIадан йикIана гьений гIумру гьабулей. РухI речIчIизегIан гьенирги тун, хадур жиде-жидер гIумруялде руссунаан гьел. Бищунго цIикIкIун кIиго лъагIалица толаан гостиницаялда гIумру гьабизе. ГIемерисел ясаз жакъаги хъван ва ахIун бачIуна, дир ахIвал-хIал цIехон ва баркала кьун.

Цо-цо хIалихьатал жалги камичIо гьенир. Москваялдаса бачIунеб автобусалдаса гъоркьеги рещтIинаюн, лъимергун нухда хутIарай гIадан полициялъулаз ячун ячIун йикIана социалияб гостиницаялде. Психикияб унти букIун буго гьелъул, гьеб дида лъалароан. Гьейги дирго ясалда аскIой тун, зигараялъ арай дихъе ясалъ ахIун бачIана, нусги босун жинде тIаде йортулей йигин гье­йин абун. ТIадюссине ккана. Гьейги больницаялде йитIана. Гьединал лъугьа-бахъинал чанги ккана. Амма, щиб кканиги, гьеб хIалтIи рехун телин абураб пикру бачIунароан.

Ингушетиялдаса, Чачаналдаса ва цогидалги республикабаздаса захIма­лъиялде ккарал руччабиги рачIунаан социалияб гостиницаялде.

Изображение

- Дуцаго ургъарал ва гIумруялде рахъинарурал проектазда гьоркьоб бищунго бокьулеб ва мун разияб кинаб кколеб?

- 15 соналъ гIахьаллъана проекталгун ва 16 грант бергьана. Гьезда гьоркьоб 7 грант букIана президентасулаб. ТIоцебесеб соналда гостиницаялъе 300 азарго гъурущ бергьана. Доб заманалда гьеб букIана улкаялдаго анкьабилеб социалияб гостиница. Северияб Кавказалдайин абуни цоги гьединаб бакI букIинчIо.

Бищунго дун разияб проект ккола «ГIумрудул школа». Гьелда рекъон, ясазда малъулаан рукъаризе, квен гьабизе, компьютералъул курсал. Юридикияб лъайги кьолаан. Цоцазе кумек гьабизе малъулаан. Ковидалъул заманалда азарго маска букъана ва бикьана. Бусен-къайиялъул 100 комплект букъун кьуна «Забота» интернаталъе.

ГIадамазе цIикIкIун кумек гьабизе щолел ва лъикIал проектал рукIана: «Огонек», «Сильные мамы», гьединго «Мы ищем таланты». Гьеб тIоцебе гьабуна 2010 соналда, хадуб 2013, 2017 соназда. Гьанжеги гьабулеб бу­го.

Дун ккола бесдал ва сакъатал лъималазда гьоркьор пагьму-гьунар бугел ратиялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб конкурсалъул жюриялъул вакил. Суздалалда Зураб Церителил галереялда санайил тIобитIула гьеб. Дагъистаналдаса 300-ялдаса цIикIкIун лъимер конкурсалде ба­чун, гьезул гьунар тIатинабуна. Гьел­да гIахьаллъизе рачана лъимал-инва­лидал, гIинкъал лъималазул школалъул цIалдохъаби, «Мирадж» жамгIияб гIуцIиялдаса лъимал. Су­ратал рахъизе, кучIдул ахIизе, кьур­дизе ва цогидаб махщел бугел лъи­мал гIахьаллъизе бегьула конкурсалда.

Исана СВОялъул гIахьалчагIазул лъимал рачине руго конкурсалде. Гьезие нухда гIарац къваригIун буго. (Газета гьор­кьобккун гьезие кумек гьабизе бо­кьарал ратани, гьаб номералде хъвазе бегьула: 89882935064, Раисат Му­хIамадовна).

- Дуца нухмалъи гьабулеб цIияб фондалъул аслияб мурад щиб?

- Гъоркьиса республикаялъул нух­малъиялъул тIадкъаялда рекъон, дун тIамуна хIукуматалда цебе ра­гьараб «Нилъер хъизан» абураб гIемер лъимал ругел, ресукъал хъизамазе квербакъулеб регионалияб коммерциялъулаб гуреб гIуцIиялъул директорлъун. Гьеб рагьулеб тадбирги кIодо гьабуна. Ихдал рарал чвахунцIадаздаса хадуб къварилъи ккарал ва заманалъ гостиницаялде гочинарурал гIадамазда гьоркьоса лъимал гIемерал хъизамазе квербакъана фондалъ. Гьезие ретIел-хьит щвезабуна ва лъималазе гьитIинабго байрамги гIуцIана. Руго, фондги гьоркьобккун, гIемер лъимал ругел хъизамазе кванил нигIматал рикьулел гIадамалги. Гьал къоязда гьединал хъизамазе квербакъиялъе 250-ялдаса цIикIкIун хинаб комбинезон (0-7 сон баразе) кьуна Хасавюрталда бугеб «Дива» тукадул бетIергьанчIужуялъ. Щуго ва цIикIкIун лъимал ругел хъизамаздаса лъималазе рикьула нижеца гьел. Гьезго бесдаллъималазе ва гьел хьихьаразе хинаб ретIелги кьун букIана. Гьел комбинезонал дандекколел лъимал ругез ахIизе бегьула дихъе. Дир кабинет буго Насрудиновасул къотIноб, 1А минаялда, 11 тIалаялда.

Изображение

- Дур хIалтIулъ бищунго захIма­таб жо щиб кколеб?

- Дие рекIее захIматаб жо ккола эбел-эмен хварал лъимал. Дица абула Аллагьас кьун батилин дие гьаб хасият. Гьезул эбел-эмен рахъинаризе бажарунгутIи – гьеб букIуна дие бищунго захIматаб жо. Цогидаб бокьараб жо гьабун бажарулеб дуниял буго гьаб. Кумекалъе чиги камуларо. РетIел къваригIани, квен къваригIани, гьебги щола. РакI гурхIула эбелалъ рехун тарал лъималазда. Ццим бахъуна лъималги гьезул эбелги рехун тарав инсуда.

- ЗахIматаб хIалтIул къоялдаса ха­дуб дуе къуват сунца кьолеб?

- Лъималазе цо-цо байрамал тIо­ри­тIулей дун йихьидал, гIемерисез абула, свакалей гьечIищан, щайгIаги дуе гьебан. Лъимал рохун рихьани, щибго свак лъаларо дида. Амма халатбахъараб унтудаса хадуб, дица социалияб гостиница къана.

БатIи-батIиял захIмалъабигун кумек гьарун, гостиницаялде рачIарал руччабигун хIалтIи гьабизе, гьезие квен ва рукъ кьезе гуреб, тарбия кьезеги кколаан. Гостиницаялда ругел руччабазул халгьабизе лъураб камераялдасанги щибаб къойил 24 сагIаталъ халкквезе кколаан дица. Гьанже гьединаб хIалтIи гьабизе гостиница рагьилищан цIехани, дида ракIалде ккола бажариларин дихъа гьеб хIалтIи. Свакан течIо дица гьеб. Психологияб рахъалъ захIматаб пиша букIана.


- ЖамгIияб хIалтIуда хурхун гIемерал сапараздеги ккун ятила мун. Бищунго рекIелъ цIунун хутIараб сапар кинаб букIараб?

- Гьеб букIана рагъул заманалда бесдаллъарал лъимал Дагъистаналде рачине мурадгун Сириялде гьабураб сапар. Нилъер республикаялда лъимал хьихьизе рачине бокьарав 500- гIанасев чи вукIана сияхIалда.

Суздалалде санайилго конкурсалда гIахьаллъизе лъималги рачун араб мехалда дир лъай-хъвай ккана «Духовное наследие святого Апостола» абураб жамгIияб фондалъул президент Валентина Ланцевагун. Гьелъ гIуцIун букIана «Сириялъул лъимал» абураб выставка. Дица гьелда гьикъана Сириялъул хIакъалъулъ, дагъистаниязе гьезул бесдал лъимал хьихьизе рачине бокьун бугин абун. Гьей лъагIалида жаний чанго нухалда щолаан Сириялде, риххарал килисаби цIигьаризе. Гьелъ Россиялда вугев Сириялъул вакиласда цIехон буго лъималазул хIакъалъулъ. Гьес абуна дунго ине кколин Сириялде ва гьениб цIех-рех гьабизе кколин абун. Республикаялъул хIукуматалъухъе ана дун гьеб мурадги бицун, добеги нахъеги рекIадухъ кьезе гIарац къваригIун бугин абуна. Гьез кумек гьабуна билетал росизе. Дое унелъул сайгъат-саламги къваригIунелъул, гур­хIел-рахIмуялъул фондаздаги би­цана сапаралъул мурад. Гьез гуманитарияб кумек хIисабалда ретIел кьуна, цогидаз тIахьал кьуна.

Сириялде дун ана Россиялъул рахъалдаса делегациягун. Ланцева йикIана нижер къокъаялъул нухмалъулейлъун. Россиялъул бусурба­базул республикабазул вакил хIи­са­балда йикIана дун гьезда цадахъ ун. Рагъ байбихьаралдаса нахъе тIоцее Сириялде гурхIел-рахIмуялъулаб мурадгун, гуманитарияб кумекгун ячIарай бусурбанчIужу йигин абун йихьизаюна дун гьений.

Гуманитарияб кумекгун ниж щвана госпиталалдеги, гурхIел-рахI­муя­лъул гIуцIабаздеги, цогидал ба­кIаздеги. Дагъистанияз битIараб сай­гъат-саламги гIарацги щвана Омейядазул мажгиталдеги. Гьез Къуръанги букIана дие сайгъат гьабун.

Ниж чIараб гостиницаялъул рестораналда зама-заманалдасан кIодо гьабун гьаракьгун кечI-бакъан биччалаан. Гьелъул магIна нахъа гурони бичIчIичIо. Кьвагьи рагIиларедухъ биччалеб букIун буго гьеб. Щивав чи цIунун, цо-цо чиги вукIана ни­жеда цадахъ. Гьенир нижеда данд­чIвана Россиялъул чанго солдат. Гьез абуна цIакъ хIинкъараб заман бугин, щиб кканиги нуж Бейруталдасан рокъоре нухарегIизе ругин. Цо къоялъ гьел рачIана нижеда аскIоре, къаси кьижичIого хIадурго чIаян лъазабизе. Гостиницаялдаса кIи­го метралъ довегIан 2000 хъачагъ вугин, гьел тIаде кIанцIиялда хIинкъи бугин абун. Гьеб сордо кин рогьарабали лъаларо. Гьение унаго, дирго лъималги гIагарлъиялда тIадкъана, васиятги гьабуна.

- Дагъистаниязул лъималазул цIе­ханищ Сириялда?

- Гьение уней йикIинги лъан, дихъе ячIун йикIана Дагъистана­лъул лъималазул ва эбел-инсул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ жавабияй Марина Ежова. Гьелъ гьарана дагъистаниязул лъимал ругеб бакI цIехеян абун. Цо-цо дандчIваязда бицун лъан гурони, официалиял баянал кьолел рукIинчIо нилъер лъималазул хIакъалъулъ. Сириялда дица гьелъул хIакъалъулъ цIехана дозул муфтиясда. Гьесухъе ниж щун рукIана официалияб дандчIваялде. Гьесие гьоцIдерил гулгунги сайгъат гьабуна. Гьес дие кьуна чIумал. Нилъер лъималазул хIакъалъулъ цIехедал, Сириялда гьечIин абуна ва ругеб бакI бицана. Дояса тIадюссарабго, гьелъул хIакъалъулъ бицана М. Ежовалдаги. Гьеб бакIалда ратунги руго лъимал.

Ниж доре щвараб мехалда, гьениб букIана химикияб гьужумги. Цебе бугеб жо бихьулеб хIал букIинчIо. Москваялда самолеталдаса рещтIараб мехалда гурони божизе бачIунеб букIинчIо чIаго-гIатI­го гьениса рорчIараблъиялда. Ха­дусеб нухалдаги, гуманитарияб ку­мекги босун, цадахъ йилълъаян абулеб букIана гьез, амма инкар гьабуна, цоги нухалъ гьение ине гIураб бахIарчилъи гьечIин абун.

- Раисат МухIамадовна, лъимал рехун тезехъин ругел, рескъо­тIиялде ккарал руччабазда щиб дуца абилеб?

- Цебе гIадин, гьанже дандчIва­ларо гьединал лъугьа-бахъинал. Цереялдаса цIикIкIун руго лъимал хьихьизе рачунел гIадамалги. Амма Дагъистаналда гьечIо гьез рачине лъимал. Лъимал рехун толин абизе кIоларо. Республикаялда буго хъизамазда хьихьараб 3000-гIанасеб бесдаллъимер. ИчIго лъимер буго Избербашалда Лъималазул рокъоб, 45 лъимер – «Забота» школа-интернаталда.

Чанго моцIалъ цее дун щун йикIа­на Буйнакскиялда бугеб ГьитIичазул рокъое. Гьениб бугоан анцIго лъимер. Рехун тараб гуро, заманалъ хьи­хьизе кьурал лъимал рукIана гьел. ГIемерисеб мехалда гьенир ру­кIуна бихьиназ рачинин абун махсарадеги ккун, рачинчIого тарал руччабазул лъимал. Гьез, жидеего хIалтIи щвезегIан, жанир рукIине бакIалъул санагIалъи ккезегIан гьенирги тун, нахъе рачуна лъимал.

- ГIумрудул ва хIалтIул хIал­би­хьиялъул хIисабги гьабун, кинаб малъа-хъвай гьабилеб дуца лъимал хьихьизе рачине ракIалда бугел гIадамазе?

- Лъимал хьихьизе бокьарал гIада­маз ургъун раче. Рачун хадур рукIуна жидее гьаб гьабулеб гьечIин, доб гьабулеб гьечIин гIарзахъдилел. Эбел-эменги хун, гIагарлъиялда гьоркьоб хутIараб лъимер кIодо-кIудица, им­гIал­забаз яги ункъачояз рачунел ругони бегьила. Амма хьихьизе чияр лъимер бачунел ургъе, хIадур ругищ нуж гьеб жавабчилъи тIаде босизе. Лъималги батIи-батIияб хасияталъул рукIуна. Лъимер бачун хадуса пачалихъалъ жидее кьезе кколеб жоялъул тIалабалда рукIуна цо-цоял. Дур ракIалъги къабул гьабун, гьеб лъимер дурго гIадин бокьун бачунеб батани, гьелъие пачалихъалъ кьолеб гIарцуде хьулги лъечIого бачине ккола. Пачалихъалъ кьечIого толаро гьезие кколеб жо. Хадур, гьел хьихьизеги бажаричIого, лъималаздаса инкар гьабулелги дандчIвала. Гьелдаса кIудияб мунагь гьечIин ракIалде ккола. Лъимада гIайиб гье­чIо. Дицаги рачун рукIана хьихьизе лъимал. Нилъеца гьезие гIоло гьабураб лъикIлъи бичIчIуларелги рукIуна. Гьеб бичIчIичIогоян, лъималазда гIайиб гьабизе бегьуларо. Гьезул букIуна жидерго кьибилалдаса бачIараб гIамал. Сундуего хIадур рукIине ккола. ЦIаруе гIоло лъимер хьихьизе бачунге.

ПатIимат СултIанмухIамадова