Нилъеца гIемер хъвала газет-журналазул гьурмазда батIи-батIиял хъулухъалда ругел хIакимзабазул, амма нилъеда кIочон толел руго гIадатиял, жиндирго росдае ва росуцоязе пайдаял ишал гьарулел цо-цо жамагIатчагIазул ва гьезул устарлъиялъул хIакъалъулъ.

 Лъале-хъвалез гIемер бицунеб рагIун букIана Ташиса Юсупил хIакъалъулъ, гъира букIана росуцояз адабалда рехсолев гьевгун дандчIвазе.

Дагьал церегIан къояз ниж щвана Богатыревка росулъе. Росдал тIарада ругел хабалалъ буго берцинаб мажгит. Гьелъул къеда чIвараб чIегIераб мармаралъул хъорщода хъван ругоан гьадинал рагIаби:

«Юсуп, дур хIеренлъи, хIалтIул берцинлъи,

ХIалкIолев Аллагьас кьела дуй алжан.

Дур меседил кверал, камилаб махщел

Кидаго хутIила халкъалъул рекIелъ».

Щивха гьев кверал меседилав устар? Богатыревкаялдаса чанги чияс абуна, Юсуп вугила лъикIаб гIамалги махщел-устарлъиги бугев, жиндир хIакъалъулъ газеталда хъвазе мустахIикъав жамагIатчиян абун. Цинги гьесулгун лъай-хъвайги гьабуна. Гьев вугоан хIалимав, хIеренав, гIадамасул ракI батизе бокьулев, гIажаибаб хасияталъул намусав чи.

Юсуп МухIамадов гьавуна 1947 соналда ЛъаратIа районалъул бищунго рорхатазул цояблъун кколеб Бежуда росулъ. Гьеб буго ЧIарада районалъул къаралазулги, Шамил районалъул къелесезулги гIорхъоде кколеб бакI. Юсуп гIураб росу уна Таш жамагIаталда гьоркьобе.

Росулъ байбихьул школалдаги цIалун, мадугьалихъ бугеб Начада росулъ интернаталда микьго класс лъугIизабуна гьес. Цинги ичIабилеб ва анцIабилеб классазда цIалана райцентралъул школа-интернаталда.

ИчIабилеб классалда гьев цIалулеб мехалъ, авариялдеги ккун, хвана гьесул эмен, ва эбел хутIана щуго бесдал лъимергун. Юсуп вукIана яц-вацазда гьоркьов бищун кIудияв, ва гьесде тIаде ккана гIисинал вацазулги яцалъулги тIалаб гьаби.

- Юсуп, магIарухъ гIумру гьабулев вукIарав мун гIатIиракьалде кин ккарав?

- Школа лъугIидал, эбелгун цадахъ хIукму гьабуна, гIумру гьабизе бигьаяб бакI балагьун, гIатIиракьалде гочине. «Рахъа, магIарулал, гIатIиракьалде!» абураб ахIи балеб хIукуматги букIана доб мехалда. Гочине хIукму ккана Гъизилюрталде. Доб заманалда гьениб букIана гIемераб нижер гIагарлъиги, ва 1968 соналда рахъана сов­хоз «Комсомолец» абураб поселокалде. Доб заманалда совхозалда хIалтIаразе кьолаан мина базе ракь.

ЛъагIалица эбелгун цадахъ гьенирги хIалтIун, нижееги щвана ракь. ЛъагIалида жаниб рукъги бан, эбелгун яц-вацалги гьенире жанире рахъинарун, 1970 соналда дун ана Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе. Дун ккана Курилазде, согIаб гьава-бакъалъул Итуруп абураб чIинкIиллъиялде.

- Армиялдаса тIадвуссун хадув мун хIалтIизе киве лъугьарав?

- Гьениса вуссиндал, хIалтIана «МКД–3» абураб бакIал ралеб комбинаталда, ячана лъади, щвана жанив чIезе лъабго рукъалъул секция, гьавуна кIиго вас. Кинабго лъикI букIана. Амма ригьнал битI ккечIо, ниж ратIалъана ва, секцияги лъималазе тун, дунго къватIиве ана. Хадув дун вачIана гьебго «МКД-3» комбинаталъул МахIачхъалаялда букIараб участокалда хIалтIизе. Хъизан гьечIого данде ккелищха, цIидасан гьабуна ригьин, щвана жаниб гIумру гьабизе гIемертIалаяб минаялда рукъ ва гьелъги гьабуна ункъо лъимер. Гьедин цIилъана дир гIумру.

- ГIезегIан заманалъ хIалтIун ватила мун бакIал ралеб участокалда. Шапакъаталги щун ратилаха...

- ГIемерал соназ дун вукIана монтажниказул цебетIураб бригадаялъул нухмалъулевлъун. Дир цIар кидаго букIана республикаялъул ХIур­маталъул хъорщода. Щолаан гIемерал рецц-бакъ, шапакъатал. Дун ккола «Дагъистаналъул мустахIикъав бакIал ралевги», мустахIикълъана «Орден трудовой славы», «Отличник Союза энергожилстроя» абурал шапакъатазе. Рес букIана, улкаги биххун хутIичIелани, «СССРалъул ЗахI­ма­талъул БахIарчи» абураб цIар щвезеги.

- Мун ГIиракъалдаги вукIун вуго хIал­тIулев...

- Цо талихIалъ, пачалихъ биххилелде, дие рес щвана ГIиракъалде хIалтIизе ине. Гьеб букIана кIиго соналъе къотIигун, командировка гIадин, унеб къагIида. КъватIисел пачалъихъазда хIалтIизе щварал гIадамал лъикIаб ресалдаги рукIунаан доб мехалъ. Амма гьенибги дие талихI ккечIо. Байбихьана ГIиракъалъул рагъ, ва гьенире ун анкьго моцIидасан ниж тIадруссине ккана.

Гьенир щварал долларалги кьун, шагьарги секцияги чIалгIарав дица босана Богатыревкаялда мина. Доб букIана гьаниса Россиялде гIурусалги магIарухъа гIатIиракьалде нилъералги гочунеб заман. Къоло щуго сон буго дир гьаб бакIалда гIумру гьабун. Гьеб заманалда жаниб гIемераб лъикIабги квешабги бихьана. Амма къуркьичIо.

- Росуцояз гIемер бицунеб буго дуца гьарурал пайдаял ишазул хIакъалъулъ...

- Гьеб дида лъаларо, амма дие рес щвана росдае киридае батулеб бакI базе. Цо къоялъ росдал бегавулас абуна дида, хвел-хобалъул заманалда тазият тIобитIизе хинаб бакIги цадахъго гьитIинаб мажгитги базе бокьилаанин, гьеб иш тIаде босиларищан абун. Дунги разилъана ва жамагIаталъул кумекалдалъун рагIалдеги бахъинабуна. Гьеб буго киналго разияб, баркала-кириги гIемераб иш.

- Юсуп, росу-ракьалъе щиб дуца гьарилеб?

- Тазияталъул рокъоб кверкьеял дагьлъаги. Гьаб рагъ-кьалги хехго лъугIаги, нилъер гIолохъабиги бергьенлъигун ракълилаб гIумруялде руссаги ва росуги жамагIатги гъункараб, талихIаб, аваданаб заман тIаде щваги. Бищунго гьарула нилъер гIемермиллаталъулаб ватIаналда цолъи, гъунки.

ГьитIинго эменги къадаралде щун, бигьаяб гIумру букIинчIониги, цониги чиясе хIилла-рекIкI, хIалихьалъи гьабичIого, къадараб рагIи абичIого, гьабуна Юсуп МухIамадовас гIумру. Аллагьас сахлъиялда таги гьев лъикIав инсан

Рукъият ГIалисултанова