ГIуцIарухъан, магIишатчи, инсан
Сугъралъа ХIамзат ХIамзатовасулгун лъикIаб гьоркьоблъи букIанин абуниги, гьесие ва гьесул хIалтIуе къимат кьезе гIураб даражаялъул чи дун гуро. Щайгурелъул ниж кIиясулго «цIайи» букIиндал батIи-батIияб. Росулъ ниж рукIана мадугьалзаби, буго гIагарлъи, дагьал рукIинчIо дандчIваял. ГIумруялъул борхалъудасан ралагьидал, бичIчIулеб буго гьев хIакъикъаталдаги тамашаяв, гIажаибав инсан вукIараблъи. Гьунаргун махщелги, лъайгун бажариги бугел гIадамал гIемер рукIуна, амма ракьалда гъваридаб лъалкI тарал, кибего кверги берги гIунтIарал къанагIат гурони ратуларо.
Гьеле гьединавлъун вукIана ХIамзат ХIамзатов ва гьелъие нугIлъи гьабула гьесул хIалтIуцаги, гIумруялъул нухалъги, сверухълъиялъги. Гьесул букIана гIенеккарал пана гьарулеб бечедаб, гъваридаб, бацIцIадаб мацI. ГIурусалъ кIалъалелъул гьоркьобе жубазабулароан цониги магIарул рагIи, магIарулалъ кIалъалелъул борчIулароан цониги гIурус рагIи. ХъулухъчагIигун кIалъалаан «гьезул мацIалда», гIадатияв хIалтIухъангун – гьесда бащад. Лъалаан гIенеккизе, бажарулаан бокьараб бакIалда ритIухъаб калам гьабизе. Гьесулъ букIана кьваригун къвакIиги цадахъго хIеренлъиги. Гьесие кутакалда хириял рукIана росуцоял ва гьелдаго цадахъ гIадамал рикьулароан нилъераздегун чияразде, миллатазде. Гьес кидаго абулаан хIалтIуда («Дагъэнерго») бугин кIиго «миллат» - хIалтIулел ва кIвахIалал абун.
Гьесие хирияб букIана гIагараб росу, гьес гьарунщинал хIалтIабазул рахас буго цIакъго халатаб, амма рехсон тела кIигояб.
Гъуниб росулъе (20-гIанасеб километр) бахъана, цIигьабуна шагьранух, гьенибе тIуна хъил. Росдада аскIоб, ХицIиб мархьуда, 1741 соналда дагъистаниязул цолъарал къуватаз Надир-шагьасул боязда тIад бергьенлъи босараб бакIалда бана «ВатIан» абун цIар кьураб мемориалияб комплекс. Гьеб хIужаялъул кьучIалда, ХIамзатовасул хIаракаталдалъун, 15 сентябрь лъазабуна Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къолъунги.
Руго жеги гьарурал гIемерал ишал, рукIана гьаризе ракIалда рукIарал, цо-цо гIиллабаздалъун гьаричIого хутIаралги. Гьебго мисалалда, токалъул хIалтIи батаниги, мажгитал ран ратаниги, цогидал ишал тIуразаруниги, гьесул кумек щвечIеб росу гIемер батиларо республикаялда. Бахъана Жунгут-ГIаймаки-Хьаргаби шагьранух, гьебги хутIана жеги хIалтIизе биччачIого.
ХIамзатие цIакъго кIвар бугеллъун рукIана нухал ва иццал. «Дагъэнергоялъул» хасаб программаялда рекъон, къачIана 100-гIанасеб ицц.
«Дагъэнерго» гIуцIиялъул генералияв директорлъун хIалтIулаго, гьес цIигьабуна ва цIунана республикаялъул токалъул магIишат. Гьесул нухмалъиялда гъоркь ва гьесулго гIахьаллъиялдалъун рана ЧIикIаб, Миякьоб (2023 соналда гьелъие кьуна гьесул цIар) ва Гъуниб (Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб) ГЭСал, къабул гьабуна гIисинал ва гьитIинал ГЭСал раялъул программа.
Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул гIахьалчагIаз гьев рикIкIунаан хасаб пикру бугев, хъулухъалъухъ балагьичIого, чIванкъотIун гьеб МухIамадгIали МухIамадовасе загьир гьабулев магIарулазул вакиллъун.
ЖамгIияб советалъул нухмалъулевлъун тIамидал, ХIамзатида кIвана гьеб идараялъул даража ва къадру гIемерго борхизабизе, жамгIияталъе хIажатал, гьелъул тIалабал тIуралел дандчIваял тIоритIулеб майданалде гьеб идара сверизабизе.
Гьев вукIана ГIабдурахIман-хIажи Сугъуриясул ва МухIамад ХIамзатовасул цIаразда ругел фондазул нухмалъулевлъунги. Гьесул жигараб хIаракаталдалъун бажарана Москваялда Расул ХIамзатовасе памятник базеги. Гьеб рагьулеб тадбиралда гIахьаллъана Владимир Путин, Сергей Собянин, Рамазан ГIабдулатIипов.
Гьесулго гIахьаллъиялдалъун МахIачхъалаялда рана ГIабдурахIман Данияловасе, МухIамад-Салам ГIумахановасе памятникал. ХIамзатица гIуцIараб «Эпоха» басмаханаялъ къватIире риччана ва риччалел руго батIи-батIиял миллатазул авторазул тIахьал, школлъималазе учебникал, тарихияб литература. Гьев вукIана шахматазул федерациялъул президентлъунги ва МахIачхъалаялда гьес бана Анатолий Карповасул цIар лъураб Шахматазул рукъги.
Республикаялда тIоцере рагьарал пачалихъиял гурел школазда гьоркьоб букIана 2003 соналда гьес гIуцIараб ва инсул цIар лъураб школа-гимназия.
Росдал магIишаталда хурхунги гьесул рукIана гIемерал пикраби, планал, батулаан гьеб рахъалъ малъизеги бицинеги пайдаяб. Республикаялъул магIишатиябгун социалияб, творческиябгун культурияб, ай щиб бутIаялде ракканиги, кинаб росулъе щваниги, кибго батула ХIамзат ХIамзатовасул лъалкI. Гьеб кинабго гьабизе кингIаги гьесул заман гIолеб букIарабали лъаларо, амма гьес жинцаго абулаан сордо-къоялда жаниб бугин 24 сагIат, цIакъго бокьани, гьелде тIаде цоги сагIат батизеги кIолин абун. Гьесда гьеб кIвана ва батана.
Мунагьал чураяв ХIамзат ракIалде щвезавиялъул мурадалда, гьесул хIакъалъулъ дагьаб цебе къватIибе биччараб «Созидатель» абураб тIехьалъул цебелъей букIана 29 августалда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда. Гьелда гIахьаллъана ХIамзатовасул гIага-божарал, батIи-батIияб заманалда гьевгун хIалтIарал, гьесда аскIоре щварал, гьесулгун гьудул-гьалмагълъи ва лъай-хъвай букIарал, тIехь данде гьабиялда гIахьаллъарал. Гьезда гьоркьор рукIана РФялъул Федералияб Собраниялъул сенатор Иляс ГIумаханов, 1991-2023 соназда Конституциялъулаб судалъул судиявлъун вукIарав ХIадис ХIажиев, гIемерал соназ Пачалихъияб Советалъул членлъун ва гьелъул председателасул заместительлъун, ДРялъул Пачалихъияй секретарьлъун хIалтIарай Такъибат МахIмудова ва цогидалги.
Сатмар Амировасул, ПатIина Варисова-ГIинчиловалъул ва «Эпоха» басмаханаялъул директор Хадижат КъурахIовалъул хIаракаталдалъун къватIибе биччараб тIехь гIуцIун буго ХIамзатовгун хIалтIаразул, гьев лъикI лъалел рукIаразул ракIалдещвеяздаса.
КIалъазе рахъараз бицана ХIамзатовасул гIумруялъул, республикаялъул экономика ва хасго гьелъул кIвар бугеб бутIалъун кколеб энергетика цебетIеялъе гьес гьабураб хIалтIул, школал, ясли-ахал, мажгитал, мадрасаби разе, къачIазе, нухал рахъизе, тIахьал риччазе гьес гьабураб кумекалъул хIакъалъулъ. Чангояс загьир гьабуна гьадинаб пикруги - гьев вукIанин республикаялъул нухмалъулевлъун вукIине мустахIикъав чи, гьедин ккун букIарабани, Дагъистаналъул букIинаан тIубанго батIияб, гIемерго гвангъараб сипат.
Дида ракIалда бугеб куцалда, гьединаб суал кьедал, гьес гьабуна гьадинаб жаваб: «ГьабсагIаталда дун вуго дида лъалеб, дие бокьулеб, дидаса республикаялъеги дагъистаниязеги пайда щвезе рес бугеб хIалтIуда («Дагъэнерго»). Республикаялъе нухмалъи гьабизе бажарулел чагIи гIезегIан руго, гьез тIубазе тун лъикI гьеб хъулухъ», - ан.
Тадбиралда кIалъалаго, Иляс ГIумахановас абуна:
- ХIамзатилгун, гьесул хъизамалъулгун дир ва нижер хъизамалъул лъай-хъвай, гьудул-гьалмагълъи букIана цебегоялдаса нахъе. Аби буго, инсан цевеса индал гурони лъаларин гьесие хIакъикъияб къимат кьезейин абураб. Цо рахъ босани гурони, гьеб аби ХIамзатие дандекколаро. ЧIаго вукIаго, гьес ккуна хасаб бакI, гьесул ишаз кьуна гьесие къимат, гьесда кIвана тIадегIанаб къадру цIунизе.
Москваялда Расул ХIамзатовасе памятник балелъул дандчIвалел рукIарал захIмалъаби къезаризе гьес бахъараб хIаракаталъул, бихьизабураб бажариялъул нугIлъун вукIана дун. Гьеб буго кIудияб гьунар.
ХIадис ХIажиев:
- Дида ХIамзат лъалаан, амма лъикIаб гьудуллъи ккана дир гIагарай яс гьесул гIагарав васасе ригьнаде кьун хадуб. Гьев гIадинав гIуцIарухъан, магIишатчи дида гIемер дандчIвачIо. Дида лъалаан РАО «ЕЭС России» гIуцIиялъул нухмалъиялъ гьесул гьабулеб букIараб адабалъул. Гьелъие нугIлъи гьабула энергетиказ тIоритIулел рукIарал тIадегIанал данделъабазда тамадалъун ХIамзат ХIамзатов толев вукIиналъ.
Марат Шихалиев, ДРялъул энергетикаялъул ва тарифазул министр:
- ХIамзатов ккола Дагъистаналъул энергетикаялъул «эмен». Гьес гIуцIаралда, нухда бачаралда тIад хIалтIулеб буго жакъасеб токалъул магIишат.
Данделъиялъул ахиралда ХIамзатовасул вас, «РусГидро» ПАОялъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул директор Тимур ХIамзатовас тIехь данде гьабуразеги, данделъиялда гIахьаллъаразеги, кIалъазе рахъаразеги, тIолабго гIагарлъиялъул рахъалдасан загьир гьабуна баркала.
Баян
ХIамзат ХIамзатов гьавуна 1938 соналъул 25 августалда, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчиясул (Советияб армиялъул полковник) хъизамалда, МахIачхъала шагьаралда. Армиялда хъулухъ гьабун хадув цIалана ва лъугIизабуна Ленинградалъул гуми гьариялъул институталъул Каспийск шагьаралда бугеб филиал. 1974 соналдаса нахъе хIалтIана Дагъистаналъул токалъул магIишаталда, инженерасдаса байбихьун «Дагъэнерго» гIуцIиялъул генералияв директорасул хъулухъалде щвезегIан (1993-2006 сонал). Гьелда цадахъго 1998-2002 соназда вукIана ДРялъул Пачалихъияб Советалъул членлъун. ХIалтIана РАО «ЕЭС России» ОАОялъул республикаялда вугев вакиллъун, ДРялъул президентасул гIакълучилъун. 2011-2017 соназда вукIана ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул председательлъун. Гьесул магIишатияб, пачалихъияб ва жамгIияб хIаракатчилъи кIодо гьабуна цIакъго гIемерал шапакъатаздалъун ва цIараздалъун. Гьев ккола РФялъул, ДРялъул ва СНГялъул мустахIикъав энергетик, Петр ТIоцевесесул цIаралда бугеб ва ДРялъул пачалихъияб премиязул лауреат, Энергетикаялъул ветеран, Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчи.
ЦIакъго халатаб буго гьесие щварал шапакъатазул сияхIги - «За заслуги перед РД», «Миротворец» орденал, «Золотая звезда», «Золотая медаль», «За сохранение мира в Дагестане», «За благотворительность» медалалгун ХIурматалъулал грамотаби.
ГIумруялдаса ватIалъана 2018 соналъул 3 июлалда.
ГIабаш ГIабашилов