Социалиял гьиназда цIар дида лъаларев авторасул гьаб сурат батаралдаса нахъе, къойил чанго нухалда ялагьула дун гьалъухъ. Пикрабиги гIемерлъула, гьезие кумекалъе магIуги хьолбохъ чIола. Унго-унгоги, гIадатиял гIадамазул цолъиялъги, гьудуллъиялъги, рокьиялъги баччун буго дунялалъулго бакIлъи. Исанасеб сон ккола Россиялъул халкъал цолъиялъул лъагIеллъун. ГIемер бицуна, хъвала нилъеца халкъазул гьудуллъиялъул хIакъалъулъ. Гьелъие мисаллъун тIолабго дунялалъе ккола Дагъистанги. Жакъа улкаялъулго аслияб темалъун СВО кколелъул, бокьун буго, гьаб сураталъухъги ялагьун, рагъулаб гьудуллъиялъул хIакъалъулъ хъвазе. РакIалде щвезарилин дицаго хъвалеб букIаралдаса цо-цо лахIзатал.

«Нилъерилан» абураб рагIул, унго, берцинлъи!

Доб букIана жеги СВО байбихьилалде заман, 2021 соналъул ахир. Дир мадугьал СайгидмухIмадица хъулухъ гьабулеб букIана армиялда, Украинаялъул гIорхъода (гьев ккола СВОялъул гIахьалчиги). Рокъове кIалъалелъул, рокъосез бугеб ахIвал-хIал цIехедал, цо нухалда гьес бицаралъ гьанже-гьанжеги кIудияб асар гьабула дие.

- Гьаниве щвараб мехалда, бичIчIана дида унго-унгояб гьудуллъиялъул багьаги магIнаги. БичIчIана щиб жо гIумруялиги. Дир рагIабигицин гIолел гьечIо дирго гьудулзабазул лъикIлъиялъул хIакъалъулъ бицине. Дида гьаниб рагIуларо «дир» абураб рагIи. Кинабго – нилъер. Гьеб рагIулги берцинлъи. Нужеца диеги, цогидаз жидерго васазеги ритIун рачIунел посылкабиги нилъераллъунго лъугьуна. Цо дун вохулеб куцха гьале нилъер цоги посылка бачIанин Дагъистаналдасайилан Россиялъул цогидал регионаздаса гIолохъабаз абулеб мехалда. ГIадатлъун лъугьун буго гьаниб, масала, дун аскIов гьечIонигицин, дие бачIараб посылка жидецаго рагьулеб. Дагьаб цебегIан нужеца бачIараб посылкаги рагьун, гьениб батараб бакъвараб бакьги босун, гьебги бежа-белъун, заставаялда вукIарав дун ахIана цадахъ кваназе, мун кванан вахъинегIан, мун хисизе цогидав гьалмагъ витIилилан. Гьедин гьабула нижее, бусурбабазе как базе заман щведалги. Нагагь ниж как базе кватIулел ругони, жидецагоцин ракIалде щвезабула, нужее как базе заман щванилан. Какда хадуб нижеца, дугIаги гьабулаго, кверал цере ккун рихьидал, гьезги ккола, нужеца Аллагьасда жалги цIунейилан гьарейилан абун, жидецаги гьаризе бугила нуж цIунейилан. Цо-цо мехалда суннатал кIалалги ккола нижеца. КIал биччазе заман щолеб мехалда, гьел рачIуна заставаялда ругел ниж хисизе, нижеца кIал биччан бахъинегIан. Нагагь заставаялдаса нахъе ине рес кколеб гьечIони, хадургицин рачIуна, квенги босун.

Гьеб гурищ гIумруялъул магIна - цоцазе гьимиги, ракIбащадаллъун рукIинги, гьудуллъиялъул шагьрабаздаса церехун инги. Гьаниб гьудуллъиялъул тIубанго батIияб гьуинлъи букIунеб буго…

«Доб конфеталъул тIагIам жегиги кIочон гьечIо»

Дир вац ГIалибегги ккола СВОялъул гIахьалчи. Бихьинчилъиялъул орденги щвана гьесие. Гьес бицарабги ракIалде щолеб буго.

- Цо къоялъ радал командирас, дандеги ракIарун, лъазабуна нилъ метер рахъунел ругин кутакалда жавабчилъи цIикIкIараб сапаралдейилан – рагъул цересел кьеразде (передовоялде). РукIина камиялги, кигIан абизе захIмат бугониги. Амма ине ккола церехун. Гьезда гьоркьов бищунго кIудияв вукIана дун. ГIолохъабазухъ валагьун, щиб абилебали лъаларого, хутIун вукIана. Ва гьадин бегьизего бегьиларилан ракIалдеги ккун, гьезие ракI-макI, махсара-хочI гьабизе лъугьана дун. Гьезда цебе щукрудал какги бан, Аллагьасда цере квералги ккун, гьардезе лъугьана дун. Ва дин батIиял гIолохъабазги кверал цере ккуна, нужер Аллагьасда жал цIунейилан абейилан. Дица гьездаги абуна нужеца ниж цIунейиланги гьарейилан. Гьезги гьединго гьабуна. БукIана цо заман нижее квен босун рачIине эркенго рес гьечIеб. Нагагь рачIинейилан лъугьараздеги кьвагьдон, квен босун рачIунел нахъе къазе кколел рукIана. Гьединаб цо къоялъ бихьана гIолохъабазе захIмат букIин, амма гьез хIал лъазе толеб букIинчIо. ЦIакъ бокьун букIана, щиб бицунги, гьел релъизаризеги. Заманалдасан дица чватинибе квер бегьана ва гьениса босана цохIого цо батараб конфета. Дида аскIов вукIана микьгояв. ГьитIинабго конфет дица ичIго бутIаялде бикьана ва щивасе кьуна. Киналго цадахъ релъизеги релъана. Амма доб конфеталъул тIагIам зама-заманалдасан чIвала дида. Гьедин хъвала дихъе жакъаги, васалгIан дидаса гьитIинал, дир рагъулал гьудулзабаз, - илан бицуна гьес гьанжеги.

ГIаммаб хъизамалъул лъимал руго ниж

Макъалаби хъвалелъу­л, дун дандчIвала СВОялъул гIахьал­ча­гIигун, гIумру ВатIаналъул параха­лъиялъе гIоло кьурал гIолохъабазул уму­мулгун, улбулгун, лъудбигун, яцалгун, лъималгун. Цо-цо дун­го­ги кIалъала СВОялда ругел гIо­ло­хъабазухъе. Гьезул щивасул ка­ламалъулъ къварилъи-пашманлъи­ялдаго цадахъ дида бихьула цо балъгояб чIухIиги, жидер вас, вац, рос, бихьинчи гIадин, хванин абураб. Гьеб батила Аллагьас гьезие кьолеб сабруги къварилъи къезабизе къуватги.

Гьадин бицун букIана дие рагъулаб авлахъалдаса ТIанусиса Мажид МухIамадовас:

- Гьаниб я дин, я миллат цIехоларо. Ниж цо эбел-ВатIаналъул лъимал ругилан гурищ абураб 18 сон барав магIарулав МухIамадзагьид ГIабдулманаповас. Жакъаги гьедин буго – кинабго гIахьалаб: улбузул магIуги, умумузул бухIиги, лъудбузул рухIелги… Дие цIакъ кIудияб асар гьабула рагъулал гьудулзабаз цо-цо мехалда, эркенаб заманалда, ХIамзатил Расулил тIахьаздаса кучIдул цIалулеб мехалда. Хасго гьезие кIудияб асар гьабуна «Къункъраби» кечIалъги «Россиялъул солдатал» поэмаялъги. ШагIирасул асараздаса гьезда дагьабги мухIканго бичIчIана ва лъана мугIрузул улка. Цо кIудияб гIаммаб хъизамалъул лъимал гIадин руго ниж гьанир…

Солдатазул улбул,

сабру нужее!

Дагьал церегIан къояз дун щвана жидер васазул жаназаби моцIгIан заманалда рагъул авлахъалда ругел бахIарчиял солдатазул улбул ПатIимат АхIмадовалъухъе ва Халисат ГIумаровалъухъе.

- Щуго сон бана исана дир дарман Мурадица СВОялда, ай гьеб байбихьаралдаса нахъе дова вукIана. Ахираб заманалда гIемер гьарулаан дица гьесда, хъизан гIуцIизе заманги щун бугин, гIурабго заманги банин, рокъове вачIайилан. Чан нухалда дица гьараниги, жаваб цо букIунаан гьесул:

- Эбел, дун гIадал гурищ дида аскIор гьанир ругел васал. Гьезулги руго улбул. Дунги ани, дида цадахъ ругел гьелги ани, гьанив щив хутIизе вугев? Дир рагъулал гьудулзабазе гIоло гьарулеб буго дица дудаги:

- Эбел, мун дие цIакъ йокьула, гьарула дуда - ахIуге дун рокъове - гьадин бицана ПатIиматица дие.

Гьединабго магIнаялъул гара-чIвари букIана Халисатилгунги.

- Сайгидги вукIана СВОялда гьеб байбихьаралдаса нахъе. ГьитIинав ГIусманида гьанжего гьанже лъазе лъугьун вукIана эмен, гьесги балеб буго щуго сон. Цо кIудияб къварилъи нахъа букIин гьаналъго бицунеб бугеб гIадаб асар букIана дир ахираб заманалда. Чанги гьарана васасда, лъималги цIакъ урхъун рукIунин духъ, гIелин гьанже, вачIа рокъовейилан. ГIинтIамичIо дир гьа­риялъухъ:

- Эбел, гьанир ругел гIоло­хъа­баздаса кIудияв вуго дун. Ва кIудияб божилъи-хьулгун ралагьула гьел дихъ. Гьезул балагьиялъе гIологицин дун гьанив гьезда аскIов вукIине ккола. Намусалъ къабул гьабизехъин гьечIо. ЦохIо миллат гIадин руго ниж гьанир, цоцазе кумекги гьабун, миллат-дин цIехечIого, цоцаца хвасарги гьарун, - илан абуна Сайгидица.

Гьал улбузул хабаралъухъ гIе­не­ккидал, дида цебе чIана цоги эбелалъул сипат. Араб гIасруялъул 90-абилел сонал. МугIрузул улкаялде хъачагъаз гьабураб гьужум. Дагъистаналъул мугIрузда берал къанщарал Россиялдаса солдатал. Доб мехалда, цояз цоязе бицун, тIибитIун букIана ХIамилгIин магIарда берал къанщарав солдатасул бахIарчияй эбел Дагъистаналде ячIиналъул хIакъалъулъ хабар.

- Дир цохIо вугев васас жидер эркенлъиялъе гIоло гIумру кьурал Дагъистаналъул мугIрузде ячIинчIого кинха дун чIелей. Бокьун буго доб ма­гIардеги щвезе, - йиланги абун, ячIана гьей Дагъистаналде.

Гьаб гьитIинабго макъалаялда цоги нухалда ракIалде щвезаризе бокьун буго СВОялъул тIоцевесев БахIарчи НурмухIамад ХIажимухIамадовасул эбел Сапижатилгун букIараб гара-чIвариялдаса лахIзаталги. Дунги щвана Сапижатихъе, васасул зигара базе гIоло. МагIил бералги цIун, гьелъ бицараб жеги кIочене кIолеб гьечIо:

- Васги вукъун, жеги росулъго йикIана дун, зигараялъ Россиялдаса руччаби рачIараб мехалда. МахIачхъалаялде щведал, гьез абун буго, БахIарчиясул эбелалъухъе ра­чIун ругин жал, гьей ятизе жидее кумек гьабейилан. Дун жеги росулъ йигилан абидал, гьел дихъе районалде рачIана. Гьединго рачIунаан посылкаби Россиялъул регионаздаса дир васасул гьанжего гьанже гьаюрай ясалъе, БахIарчиясул ясалъейилан тIад хъван. Адрес тIад хъван гьечIониги, посылкаби нижехъе щолаан…

Даим цIунун хутIизе

бугеб хIикмат

Гьадинаб буго гIадатиял гIада­мазул гIадатияб гуреб гьудуллъи. Гьеб гьезухъа бахъизе кIолеб къуватги гьечIо. ТIадегIанас кумекги гьабулеб буго гьеб хIикмат даим цIунун хутIиялъе. Макъалаялъул ахиралдаги цоги нухалда ракIалде щвезаризе рокьун руго 90-абилел сонал.

ХIамилгIин магIарда чIварав, Россиялъул БахIарчи Сергей Костинил рагъулал гьудулзаби гIемер щола Дагъистаналде, гьев ракIалде щвезави мурадалда.

Гьале доб рагъулаб гьудуллъиялъул гуч. Сонги гьедин букIана. Жакъаги гьедин буго. Метерги гьедин букIина. Даим гьедин букIина.

Нахъеги ялагьулей йиго дун сураталъухъ. Нахъеги цере рачIунел руго, дин-миллат цIехечIого, кIудияб ВатIаналъул ва гIаммаб гъанситоялъул парахалъи цIунун, рагъулаб авлахъалда ругел, рагъулаб гьудуллъиялъе хилиплъи гьечIел цо улкаялъул бахIарчиял васал.

Шамай Хъазанбиева