«Бокьарасде гIайиб гIунтIизабизе бегьуларо»
«ХIакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъе рачIун рукIана гIемерал соназ цIех-рехалъул отделазда хIалтIарав подполковник, гьанже адвокатлъун хIалтIулев Унсоколо районалъул ГьаракIуниса Карим ГIабдуразакъовги гьесул кумекчи, Сугъралъ росулъа Элдар Ибрагьимовги. Инсанасул ихтияразул, уголовияб ва гражданияб рахъалъ цIиял законазул хIакъалъулъ бицана Карим ГIабдуразакъовас.
Карим гьавуна ва гIуна Гъуниб районалъул Гъуниб росулъ. Школалда цIалулеб мехалдаго анищ букIана юридикияб лъай щвезе, адвокатлъун яги прокурорлъун вахъине.
ДГУялда юридикияб факультет рагьараб заманалда, гьезул курсалъул букIана кIиабилеб выпуск. Рехсараб факультет рагьана 1971 соналда. Гьениб конкурс букIана кIудияб - цо бакIалда 13 чи. ГIабдуразакъовас тIаса бищана цIех-рехалъулаб хъулухъ.
ЗахIматалъулаб нух байбихьана Ленинский райотделалъул гьитIинав следовательлъун, хадув вахъана следовательлъун.
«ЛъикIал чагIи рукIана гьенир хIалтIулел, махщел камил гьабизе дие гIемер кумекги гьабуна. 1980-абилел соназда Кировский районалъул отдел рагьидал, гьенивги хIалтIана дун. ХIалтIи гIемераб букIана. Цого заманалда 15-20, цо-цо мехалда 30-ниги уголовияб дело букIунаан цадахъ бачунеб. ЦIогьоди гIемераб букIана доб мехалда. Цо заманалда гIемер рикъулаан подъездазухъа токалъул счетчикал. Гьел делабазул 60-70 процент рагьизе кIвана. Цо заман букIана ондатраялъул тIагърал рикъулеб. Нухда унев чиясулгицин, нахъасаги рачIун, бахъун тIагъургун тIурун унаан.
МахIачхъалаялда чанго соналъги хIалтIун, магIарухъе гочана хIалтIизе. Шагьаралда рукIана эбел-эменги. ГьаракIуниб букIана умумузул минаги. Дир ракI цIалеб букIана магIарухъе. 1992 соналда витIана Хунзахъ районалъул следовательлъун. Гьеб буго маданияталъул рахъалъ тIадегIанаб, цебетIураб район. Цогидал бакIазда гIадин, такъсирчилъиги букIунароан гьениб, цIакъ къанагIат гурони. Лъабго соналъ гьенивги хIалтIун, тахшагьаралде тIадвуссана.
Нижер нухмалъулев вукIана Ингишоса майор МухIамад Хайрулаев. Гьес гьениве вачIинахъего дие малъа-хъвай гьабуна. Гьанир гIумру гьабулел ругила цIакъ лъай бугел гIадамал. Дуца цогIаги жо мекъи абуни, гьаз, цо квешаб цIарги лъун, унила мун гьаниса нахъе, Гьениса нахъе унелъулги дир лъадиялда абун буго пуланай гIаданалъ, меседил лъалкIги тун унел ругин нуж гьанисаян», - ин байбихьана ГIабдуразакъовас къануназда хурхараб хIалтIи тIасабищиялъул хIакъалъулъ бицине.
Карим ГIабдуразакъовас адвокатасулаб махщалие ругьун гьавулев вуго кумекчи, вукIинесев адвокат, Элдар Ибрагьимов. ТIасияб соналъ гьесие щвезе буго адвокатасул статус ва хIалтIизе байбихьизе буго.
Юридикияб факультет лъугIаралдаса нахъеЭлдар Ибрагьимов вукIана батIи-батIиял хIалтIабазда. Дагъистаналда вуго 1000-ялдаса цIикIкIун адвокат. ЛъикIав адвокатлъун вахъине ккани, хIажалъула битIараб нух бихьизабулев насихIатчи. Карим ГIабдуразакъовасулгун лъай-хъвай ккаралдаса нахъе жив кумекчилъун вачеян гьарана гьес. Гьале бащдаб лъагIалидаса цIикIкIараб заман бугин гьесда цадахъ судалде, прокуратураялде, полициялде, батIи-батIиял идарабазде хьвадулевилан бицана Элдарица.
Жив херлъилелде, жинда лъалебщинаб жо гIолохъанаб гIелалда малъизе хIаракат бахъизе кколин рикIкIунеб буго ГIабдуразакъовасги.
«Хунзахъ лъабго соналъги хIалтIун, МахIачхъалаялде тIадвуссана. ХIалтIул рахъалъги дида тIадкъараб жо тIубана. Гьениб батана дир умумузул гIагарлъиги. Гьезул цояв ккола кицаби-абиял ракIарарав Зайирбег ГIалиханов. Умумузулго гьалбалги ратана. ГIагарал чагIи кинигин рукIунаан ниж, гъоркье-тIаде ун, берцинго.
1997 соналда хIалтIана УСБялда лъабго соналъ. Балъгояб хIалтIи букIана гьеб. Ришватал росулел, хIалихьатал ишал гьарулел жанисел хIалтIухъабазда гьоркьоб гьабулеб хIалтIи букIана гьеб. Чанги чи жанивги тIамуна, ришват босулев ватун. Нагагь управлениялъул хIалтIухъабазеги ришватал кьолел ругони, гьезулгун хIалтIи гьабулаан ФСБялъ.
БитIараб бицани, дие рекIее гIолароан нижерго хIалтIухъабазда тIад хIалтIи гьабизе, гьел кквезе. Амма хIалихьатал чагIиги камуларелъул, гьезиеги тамихI бихьизабун бугелъул, гьелда гьабизе жо букIинчIо. Бокьараб махщалилъ, хъулухъалъулъ дандчIвазе рес буго гьединал хIалтIухъаби. Гьединлъидал киналго полициялъулал яги тохтурзаби ришват босулел чагIи ругин абизе бегьуларо. Цо-цо чи камуларо гьединав», - ан бицана К. ГIабдуразакъовас.
- Карим, мун следовательлъун хIалтIулев вукIарав чи, кин вахъарав адвокатлъун?
- 1999 соналда, подполковникасул цIарги щун, пенсиялде ана дун. Гьебмехалда дица гьабизе байбихьана адвокатлъи. Щайгурелъул дида тIокIаб батIияб хIалтIи гьабизе лъаларо. Следовательлъун вугеб мехалда, дида бихьана цояб рахъ - гIайибияв, адвокатлъун хIалтIизе лъугьиндал, дица цIунизе ккана инсанги гьесул ихтияралги. Кинав чи гьев вукIаниги, гьесул руго законалъ рихьизарурал ихтиярал.
- Нилъеда телевизоралдасан рихьула, гIумруялъулъги дандчIвала, кинав чи ватаниги, мекъи вукIин лъалеб бугоницин, гьев чи судалда цIунизе адвокатас хIаракат бахъулеб букIин. Гьединал хIужаби рукIанищ дур хIалтIулъ?
- Адвокат вуго бокьарав инсан цIунулев чи. Нилъер къануналда рекъон, бокьарав чи цIунизе бегьула. Лъица букIаниги такъсирияб иш гьабулеб мехалда, я дун, я прокурор, я следователь гьенив вукIунарелъул. Гьединлъидал щивав чиясде гIайиб гIунтIизабизе бегьуларо. Гьесда дуца абизеги бегьуларо гьеб иш гьабун бугин, мукIурлъеян.
Чанги рукIуна такъсир гьабичIел, амма гьеб тIаде босарал чагIи. Гьединаб щаклъи ккараб мехалда, адвокатасе гьел мукIурлъулел ругониги, нижеца хъвай-хъвагIай гьабизе ккола гьеб жо мекъаб бугин, гьес гьеб жинцаго тIаде босараб гIайиб бугин абун. ТIубанго гьеб иш лъала гIицIго Аллагьасдаги гьев чиясдаги.
ГIайиб гIунтIизабун, ккурав чиясда тIоцебе следователас гIайиб чIезабула. Гьес хIукму гьабуларо гьев чи такъсирчи вугилан. ХIукму къотIизе бегьуларо следователасги прокурорасги. Гьедин, делоги рагьун, судалде щвараб мехалъ, судияс гьесда гIайиб бугин чIезабуни, Верховный Судалъги гьеб тасдикъ гьабуни, гьеб мехалда гурони гьев чиясда абизе бегьуларо такъсирчиян.
- Дуда лъалеб бугони, дуца цIунулев вугев чиясда гIайиб бугеблъи. Дур кумекалдалъун эркенлъулев гьечIищ гIайибияв? Гьев чияс хадубги гIадамазе зарал яги цоги такъсир гьабуни, Аллагьасда цебе дур ракI кин букIунеб?
- Гьеб буго адвокатасул балъголъи. Нижеда тIадаб бугелъул инсанасул ихтиярал цIунизе. Амма, гьересиял баяналги кьун, хIиллаги гьабун, цIунизе бегьуларо щивгIаги. Жинца цIунулев чи зулму гьабулев чи ватанигицин, гьесда жиндирго ихтиярал ричIчIизарулев чи вуго адвокат. ЦIех-рехалъул комитеталъулги рукIуна жиндирго балъголъаби, гIадамазе зарал ккеларедухъ. Гьединго адвокатазулги буго хасаб закон.
- Гьанже такъсиралги батIиял ратила. Дол счетчикал рикъулел рукIараб заманго лъикIаб букIинчIищ гьанжеялдаса?
- БатIи-батIияб заманалда хIалтIизе ккана дун. ХХI гIасруялде гIагарлъанагIан, цIикIкIине байбихьана гIадамал чIваялъул, ай зулмуялъул такъсирал. 1990-абилел сонал рукIана гIезегIан захIматал, такъсиралги цIикIкIараб мех. Нижер отделалъул хIалтIухъабазул 99 процент ракIбацIцIадго хIалтIулел чагIи рукIана. Камулароан цо-цо хIалихьатги. Ришватал росулеб гIадатги букIинчIо гIуцIабазда. Совет Союз биххун хадуса улкаялдаго гIадин, нилъер республикаялдаги байбихьана бикъа-хъамизе, жидеего цо-цо бутIа тIезабизе. Гьанжейин абуни, гьелда дандеккун гIодобиччараб заман бугин абизе бегьула.
Жакъа аслияб къагIидаялъ гIадамал гуккиялъул такъсирал руго гIемерлъун. Щибаб кIиабилеб дело буго хIилла-рекIкI, гIадамал гукки. ТакъсирчагIаз рикъула лъималазул пособиял, Эбелалъулаб капитал, хъулухъалдаса пайдаги босун, бюджеталъулал хIалтIухъабазги бикъун батула бюджеталдаса гIарац. Цо-цояз кредитал рикъула. Руччабиги руго гьединазда гьоркьор. Дагъистаналда гьеб рахъалъ профилактика гьабизе ккола. ГIемерисезе тамихI гьабулеб буго гьединал ишал сабаблъун. Судалде ккун вугони, гьезул лъималазеги гIагарлъиялъеги лъикI букIунаро.
- Ахираб заманалда социалиял гьиназда гIемерлъун буго росас чIужу юхиялъул, хъизамалда жаниб ккараб чIвай-хъвеялъул хIакъалъулъ информация. Цере рукIанищ гьединал хIужаби?
- Интернеталдаса нилъеда гьединал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ бицунеб рагIула, гьеб цIакъ къанагIат кколеб жо букIиналъ. Хунзахъ хIалтIулаго, цогIаги гьединаб лъугьа-бахъин ккечIо. ГьаракIуниб росулъги дир гIумруялда жаниб цогIаги гьединаб иш ккечIо. Адвокатлъун хIалтIулеб 23 соналда жаниб гьединаб зулму гьабурав яги жиндие зулму гьабурав чи цIунизеги ккечIо. Социалиял гьиназда гьеб ургъунго гьорозабун бицунеб жо буго. Шагьаралдаги гьединал лъугьа-бахъинал къанагIат гурони рукIунаро. Нилъер жамгIияталъул унти бугин гьебин абизе бегьуларо.
ПатIимат СултIанмухIамадова