Уругваялъул журналист Эдуардо Галеанол гIадатияб гуреб пикруялъ кIудияб асар гьабуна дие. Гьале гьесул пикру: «Дихъа лъугьунаро, цогидазухъа гIадин,  гьаб дунялалда гӀумру гьабун, лъицаялиго цӀияб жо  ургъун яги дагьаб гьитӀин гьабун бугин абун, басрияб къайи къватIибеги рехун, гьеб цIияб моделалде хисизе.

Нижее, чIахIияб гӀелалъе, бигьаяб масъала кколаро басрияб къайи къватIибе рехи.  ЦоцIул хӀалтӀизабулеб жоцин нижее киданиги букIинчӀо цо нухалъ хӀалтӀизабулеблъун. Нижеца гӀумру гьабулеб букӀана чвантиниб хунчIруз цIураб квербацIцIгун. Цо заманалда дун тохлъана, дунялалдаса къватӀиве ккана, ва гьанже дида лъаларо нахъеги кин гьениве жаниве лъугьиневали. Дун ккола хадусел гIелазги хӀалтӀизабизелъун къайи  босулеб букӀараб заманалъул чи...

Дир рес гьечIо щибаб лъагӀалида жаниб цо нухалъ магнитофон, щибаб лъабго моцӀидасан мобильник, щибаб цIияб соналде компьютер яги телевизор босизе... Нижер ресукъал умумуз лъималазе ирсалъе кьолаан къадада ралел сагӀтал, ве­лосипедал, фотоаппаратал, богорукъалъул къайи...

Дагьаб цебе дица цӀалана ахираб 40 соналда жаниб дунялалда рищни-къул гIемерлъун бугин, цебе тӀолабго инсанияталъул тарихалда жаниб букIинчIелдасаги цӀикӀкӀун. Жакъа гIадамаз къватIибе рехула басрияб къайи. ГьечӀо хьитал къачӀалев устар, гьечIо ургал, ай бусадул къайи гьабулев,  ретIел къачӀалев чи, къватIазда вихьуларо нусал рекIинарулев  чи...

Дун ккола гьеб кинабго букIараб ва щибго къватIибе рехулеб букӀинчӀеб бакӀалдаса. Абиларо гьеб лъикӀ букӀанин. Бигьаяб жо кколаро тӀолабго гӀумруялъ малъараб «нахъе цIуне, цо къоялъ хӀажалъизе бегьула» абуралдаса «кинабго цӀияб босе, басрияб къайиялдаса эркенлъе, кватӀичӀого цӀияб модель бачIине буго» абуралде рачIин.

Лъидаго лъаларо щиб пайдаяб, щиб пайдаяб гуреб букӀине бегьулебали. Дир гIелалъул чагIаз нахъе цIунулаан лъимадул ца, ясли-ахалда рахъарал суратазул альбомал, лъимадул тӀоцебесеб рас...

Кин дида ричӀчӀизе кколел цIиял мобильникал  росун цо-кӀиго моцӀидаса гьел хIаларел гӀадамал?  ГIетI тIечIого щвараб жо букIиналъ гуребдай гьез гьезул къимат гьабулареб ва цо нухалъ хӀалтӀизабулеллъун гьел лъугьунел?

Нижер къайи букIана цо нухалъ хӀалтӀизабулеб гуреб, цӀунулеблъун. Масала, газетал. Гьел хӀалтӀизарулаан сундуего - резиналъул чакмабазул тIикъваби гьаризе, цӀадал къоялъ чIарбида тIиритIизе, гордал чуризе, сунда бугониги тIад жемизе... ЧанцIулха дида цӀияб жо лъараб гьанал кесекалда тIад рекIараб газета  цӀалун яги ханазда  тIад жемараб газета   рагьун?

Нижеца ритIизарулаан гьетIарал магIал ва гьел цӀидасан хӀалтӀизарулаан. Жакъаги дие цӀакъ захӀмат букӀуна дирго басрияб къайиялъе хвалил хӀукму къотӀизе. Дица дирго мацӀ хӀанчӀула нижеца нахъе цIунулеб букIарабги жакъа къватIибе рехулеб бугебги къайиялъул ва нигIматазул хIисаб гьабун. 

Къайи гуребги, ригьналги, чиясул цIарги, хӀатта гьудуллъигицин лъугьун буго цо нухалъ хӀалтӀизабулеблъун.

ЦIи-цIияб бокьун, басрияб рихун, учузлъулеб буго чиясул къимат. ЗагIиплъун буго херал чагIазул адаб гьаби ва цӀияй чIужу ячуна, лъадул гьурмаде тIоцебесеб рукIкIел рехарабго».

Щайха ригьалде рахарал чагӀазе  захӀмалъулеб басриял жалаздаса ратӀалъизе?

ХерлъанагӀан дандекъала чиясул дунял. ГӀолохъанаб мехалда гьесул букӀуна хӀалтӀи, гьудулзаби, планал, лъугьа-бахъиназ ва цоцада хурхеназ цӀун букӀуна гӀумру.

Сонал анагӀан, загӀиплъула жамгӀиял бухьенал, дагьлъула гьоркьорлъаби, гӀемерисел херал хутӀула жалго – цинги гьезие къайи лъугьуна цебе букӀараб гIумруялъулгун бухьенлъун ва гьезул гӀумруялда тӀад халкквей гьабизе рес кьолеб жолъун. Гьезул рокъоб бугеб щибаб тIагIел ккола, кодобе босарабго, чӀаголъулеб ракӀалдещвейлъун, тарихлъун. Басриял тӀахьаз, сайгъатаз, кагътаз, хӀатта хвараб сагӀаталъ гьезие кумек гьабула хӀинкъиялъул, ургъелалъул, камиялъул рекӀел асаралда дандечӀеялъе. Гьеб къайи, тIагIел жиндир бугин абураб асаралъ  кьола херав чиясе рекIел хIалхьи.

Гьале пуланаб ваза кIодоэбелалъ, бищунго киб данде кколебали хӀукмуги гьабун, цо бакӀалдаса цоги бакӀалда лъезе бегьула. КӀудадаца ящикал жиндиего бокьараб куцалда гӀуцӀула. Хераз гьабулеб жо лъималазда магӀна гьечӀеблъун бихьулеб бугониги, гьеб ккола чӀахӀиял чагIаз жидерго гӀумруялда тӀад кверщел гьабулеб букӀин лъазе рес кьолеб къагӀида.

Басрияб цӀуниялъе рукIунел гӀиллаби

1. Нилъ ругьунлъун руго нахърател гьабизе.

2. Гьеб, кида бугониги, цо къоялъ пайдаялъе батула.

3. Гьелъ нилъеда ракӀалде щвезабула цебе букӀараб гIумру.

4. Гьеб ккола нилъее лъицаялиго сайгъаталъе кьураб жо.

5. Нилъ барахщула гьеб къватIибе рехизе.

Херал чагIазда бихьана рагъул гIакъубаги, ракъул кьогIлъиги, ретIел-хьиталъул къварилъиги. Гьел божуларо хIукуматалда ва хIакимзабазул харбазда, гьезие бокьула, къваридаб къо ба­чIаниян, нахърателгун рукIине. Гьеле гьеб ккола херал чагIазе щибго жо къватIибе рехизе бо­кьунгутIиялъе бугеб аслияб гIилла.

Нури Нуриев