Дагьал церегIан къоязда Каспийск шагьаралда тIобитIана Халкъазда гьоркьосеб Каспиялъул IV цифровияб форум. КIиго къоялъ халатбахъараб ва 2000-гIанасев чи гIахьаллъараб форумалда рорхана гьанжесел цифровиял технологиязул хIакъалъулъ ва экологиялъул, экономикаялъул ва цогидал масъалаби тIуразе гьездаса пайда босиялъул суалал. Хас гьабун гьениб бицана цифровияб рахъалъ Дагъистаналда гьарулел тадбиразул ва хIалтIабазул хIакъалъулъ. Гьединго цифровияб форумалда тIоритIана гьанжесел технологиязул рахъалъ спортивиял къецалги.

Каспий ралъдал рагIаллъуда ругел пачалихъалгун

Каспиялъул цифровияб форумалде рачIун рукIана Казахстаналдаса, Азербайжаналдаса, Индиялдаса ва Ираналдаса гьалбалги. Тадбиразда гIахьаллъана Дагъистаналъул бетIер Федор Щукинги, министерствабазул вакилзабиги, улкаялъул батIи-батIиял регионаздаса гьалбалги.

Республикаялда ункъабилеб ну­халда тIобитIулеб Каспиялъул циф­ровияб форум рагьулаго, Фёдор Щукиница бицана Дагъистанал­да цифровиял технологиял кин хIал­тIизарулел ругелали: «Дагъистаналъул электроннияб лъай кьей» абураб сурсаталда жаниб лъун буго 2 млн цIалул материал. Интернеталдалъун хьезабун буго 1200 росу ва 3144 социалияб кIваралъул объект. ГIисинал росабалъ ран руго мобилияб интернет чIезабулел 132 станциял. Лъай кьеялъул 1841 гIуцIиялда чIезабун буго IT- инфраструктура. Интернеталдаса пайда босизе рес буго республикаялъулго мина-рукъалъул 94 проценталъул. ГьабсагIаталда цебечIараб масъала буго интернеталдалъун тIубараб республика хьезабизе».

Форум тIобитIулеб «Москва» кинотеатралда гIуцIун рукIана республикаялъул вузазда данде ракIарарал цIиял технологиял рихьизарулел, Дагъистаналъул халкъиял махщелазул выставкаби.

КъватIисел пачалихъаздаса гьал­бадерида дандбана «Север-Юг» транспорталъулаб нух цебетIе­за­биялъул, искусственнияб инте­ллек­талъул (ИИ) информация­лъу­лаб хIинкъи гьечIолъиялъул хIа­къа­лъулъ. Бицана Каспий ралъад нахъе унеб букIиналъулги гьелда хурхарал суалал цадахъ рекъон тIуразе рукIиналъулги хIакъалъулъ. Росдал магIишаталъе ва экологиялъе пайдаялъе рикIкIадаса, ай спутникалдаса ракьул халгьабиязулги бицана форумалда тIобитIараб хасаб тадбиралда.

Цифровиял технологияз кагътилаб басма нахъе цвиладай?

Форумалда тIоритIана СМИязул ва республикаялда киноялъул индустрия цебетIезабиялъул суалал рорхарал данделъабиги.


«Цифра ва кагъат. Цифровияб гIасруялда печать цебетIезаби» абураб тадбиралда рорхана цифровияб къагIидаялде руссиналъул лъикIал ва квешал рахъазул суалал. Бицана газетал, журналал, тIахьал цифровияб къагIидаялъул асаралда гъоркье ккеялъул, гIадатияб къагIидаялда макъалабиги хъван газетал къватIире риччай гуребги, цифровияб къагIидаялъ гIадамазухъе информация щвезабиялъе редакцияз гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ.

«Дагестанская правда» газеталъул бетIерай редактор Бурлият Токболатовалъ бицана, жакъа гIадамазе бокьараб информация интернеталдаса щолеб бугониги, гьениб гIоларого бугин хIакъикъияб баян, журналистаз гьабураб цIех-рех, ккара-таралъул хIисаб-суал. Бокьарав чияс интернеталда лъураб информациялда божизе бегьулареблъиги, гьереси бицун батанигицин, журналистасдаса гIадин гIадатияв блогерасдаса ритIухълъи ва хIисабкьей тIалаб гьабизе рес гьечIолъиги рехсана гьелъ.

«ЦIиял харбал интернет-гьиналда хехго тIиритIула, печаталда кьабурал макъалабиги цогидабги архивазда хутIула. Гьединлъидал интернеталда тIибитIизабун, хадусеб къоялъго кIочонеб информациялдаса гIасрабаз архивалда хутIулел макъалабиги гьелъулъ мухбирзабаз лъолеб щвалде щвараб магIнаги хутIула аслияблъун», - ан рикIкIунеб буго Токболатовалъ.

Рехсана жакъа газетал подписчиказухъе щвезариялъе «Россиялъул почта» сабаблъун кколеб бугеб квалквалалъул хIакъалъулъги.

Кагътил басмаялъул ва информация къватIибе кьезе хIалтIизарулел цIиял къагIидабазул къватIисел пачалихъазда кинаб ахIвал-хIал бугебали бицана цифровияб форумалъул гьалбадерицаги.

Азербайжаналдаса «Каспиа» централъул аналитик Тамилла Мамедовалъ бицана, анцIго соналъ цебе подписчиказе гIатIидал макъалаби цIализе рокьулел рукIун ратани, гьанже кIванагIан къокъал информациял тIаса рищулел ругин. Цифровияб къагIидаялдаса битIун пайда босани, гьелъ квербакъулеб бугин кагътилаб басма цIунизеги газет-журналаз къватIибе кьолеб информациялдаса пайда босулелги цIикIкIинеян абуна гьоболалъ.

Газет-журналазул ва гьез цифровияб къагIидаялдаса пайдаги босун рахьдал мацI цIуниялъе гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъги бицана гьеб данделъиялда. Россиялъул Журналистазул союзалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул председатель МахIамад Ибрагьимовас бицана жидерго аслияб хIалтIуде тIадеги, жакъа рахьдал мацI цIуниялъе ва цебетIезабиялъе республикаялъул газетаз гьабулеб бугеб хIаракаталъул хIакъалъулъ.

Гьелда хурхун лъикIаб пикру загьир гьабуна ДРялъул цифровияб цебетIеялъул, информациялъул ва печаталъул министр Юрий ХIамзатовас. Кагътил тIехь киназухъего щвезабизегIан, электроннияб къагIидаялдеги буссинабун «Яндекс - тIахьал», «Литрес» абурал цифровиял сурсатазда лъезе ва гьездаса цIикIкIун чиясе пайда босизе щолин рикIкIунеб буго министрас. Гьеб гуребги, миллиял газетаз жидерго хIаракаталдалъун, рахьдал мацI цIуниялъул мурадалда гIуцIарал тIахьалги «Дагъистаналъул басмаханаялъ» къватIире риччазе ругин абуна Ю. ХIамзатовас.

Дагъистаналъул батIи-батIиял ма­цIазда къватIибе биччалеб «Ма­гIарулай» журналалъул бетIерай редактор Хамис Шамиловалъги бицана цифровияб гIасруялда гIадамазухъе пайдаяб информация щвезабия­лъул хIакъалъулъ. «Телевидение баккараб заманалда гIемерисез абулаан тIокIалъ театразде унев чи вукIинарин, киналго телевизоралъухъ ралагьун рукIинин абун. Щибго хисичIо, гьелъул гIаксалда, театр лъугьана тIадегIанаб искусство бичIчIулел, лъай бугел гIадамал руссунеб бакIлъун, гьелъул къимат хвечIо. Гьебго жо букIана интернет баккидалги, телевидениялдаса пайда гьечIин, блогераз ккунин кинабгоян абун. Гьединги ккечIо. Телевидениялъ рес батана интернеталъул кумекалдалъун жидерго ресал ва балагьулел цIикIкIинаризе. Гьединабго ахIвал-хIал буго гьанже газет-журналазулги. Социалиял гьиназ ва блогераз газет-журналалги журналисталги хисиларо. Щибаб рахъалъул буго жидерго пайдаги лъикIлъиги. Газет-журналаз аслияб пишаялдаго цадахъ интернеталдаги гьабулеб буго хIалтIи», - ян абуна Х. Шамиловалъ.

Форумалда гьединго цебелъуна Дагъистаналъул кинопродюсеразул ва цогидал махщелчагIазул хIалтIиги. Цифровияб къагIидаялдаса пайда босун, Кавказалъул тарихалъул ва культураялъул хIакъалъулъ «Аманат» абураб компьютералъулаб хIай гIуцIиялъул хIакъалъулъги бицана.

Форумалъул хIасилал

Каспиялъул цифровияб форумалъул хIасилал гьарураб данделъи тIобитIана республикаялъул хIукуматалъул вице-премьер Ризван ГъазимухIамадовасул нухмалъиялда гъоркь.

«Гьанир ракIарун руго жидерго иш лъикIго лъалел гIадамал. Гьезул лъикIал пикраби ва ният-къасдалги руго. Гьединлъидал гьез лъикIал хIасилалги ва гIумруялде рахъинарурал лъикIал ишалги рихьилин хьул буго», - ян абуна, хIасилияб данделъи рагьулаго, Ризван ГъазимухIамадовас.

Ираналъулгун видео-кон­фе­рен­­цияги гIуцIун бицана цада­хъаб хIалтIулъ, эко­но­мика це­­бе­тIе­забиялъулъ цифро­виял къа­гIи­даби хIалтIизариялъул хIа­къа­лъулъ. Про­изводителаз къватIисел па­­ча­лихъазде къайи бичиялъулъ мар­кет­плейсал хIалтIизариялъул хIа­­­къалъулъги рех­сана гьениб. ГIа­да­­мазе гIумру би­гьалъизабулел циф­ро­­виял къа­гIидаби Дагъистаналда хIал­тIи­за­рулел ругеб куц бихьизабуна.

Форумалда тIобитIараб сессиялда хIукму гьабуна Каспий ралъдал рагIаллъиялда бугеб щуябго пачалихъалъ цогояб цифровияб бакI гIуцIизе ва гьелъул аслияб хIалтIи гьабулеб бакIлъун Дагъистанги тIаса бищана.

ПатIимат СултIанмухIамадова