Нилъ ругьунлъун руго, цIа-кан бахарабго, антибиотиказул (пенициллин, ампиокс, окситоцин ва гь.ц. дарабазул) уколал гьаризе. РукIуна, тохтурасухъецин инчIого, рокъорго дараби гьарулел гIадамалги. Хадуб зигардиги камуларо, уколаз кинабгIаги кумек гьабичIин абун. Грипп ва цогидал рахунел унтаби гIемерлъулеб заманги бугелъул, антибиотикал хIалтIизариялъул букIунеб пайда-заралалъул хIакъалъулъ бицана Республикаялъул урологияб централъул (РУЦ) тохтурзабаз.

Бокьахъе гьел уколал гьариялъул хIасилалда инсанасул чорхолъ рукIунел бактериялгун микробал гьезде ругьунлъула, ва унтарав чиясе антибиотиказ кумекги гьабуларо, ай микробазде дандечIезе гьезухъа бажаруларо. Гьеб лъугьун буго гьанжезаманалъул медицинаялда кIвар бугеб масъалалъунги.

Микробазде дандечIей загIип­лъиялъ квалквал гьабула унтиялдаса сах гьариялъе. Нилъеда бичIчIизе ккола: антибиотиказул кумекалдалъун инсанасул черхалъ гуро микробазде дандечIей гьабулеб - даруялъ дандечIей гьабула жалго микробазде. Пуланаб даруялде ругьунлъарал микробал я загIиплъуларо, я холаро. Гьелъул гIаксалда - гьел гIемерлъула ва унтарасдасан цогидав чиясдегицин рахуна. Гьединлъидал унтиялде данде дару гьабизе захIмалъула ва сверухъ ругездеги унти бахиналъул хIинкъи цIикIкIуна.

ГIадамаз уколал гьарула, тохтурасухъе инчIого, мегIер чваханиги, щекъер унтаниги, цIа-кан баханиги. Гьединаб унти загьирлъиялъе гIи­лла батIи-батIияб букIуна. Масала, гIемерисел унтабазе гIиллалъун ру­кIуна вирусал. Антибиотиказ вирусазе кинабгIаги зарал гьабуларо, ай гьел хвезаруларо ва загIиплъизаруларо.

Цебесеб нухалда «пуланал дараби хъван рукIана тохтурасин» яги «дие гьаб даруялъ кумек гьабунин, дуеги гьабилин» абун, дару гьабизе бегьуларо: инфекциялъе гIиллалъун батIияб вирус яги микроб ккун батизе бегьула. Лъаларо нилъеда чан къоялъ дару гьабизе кколебалиги. 

Гьедин гIадлу гьечIого дараби гьариялъул хIасилалда нилъер чорхолъе рещтIарал вирусалги бактериялги ругьунлъула батIи-батIиял антибиотиказде ва, унтараб мехалда, уколаз кумекги гьабуларо. Бактериязул къуват цIикIкIуна, ва гьел эркенго гьарзалъула унтарасул чорхолъ. Гьединлъидал дару гьабизе захIмалъула ва сах гьавиги халалъула. Гьебмехалда тIадеги анализал гьаризе ккола, унтарав вегизавизе ккола больницаялда. Инфекциялдаса сахлъизавиялъе хIалтIизаризе ккола жеги къуват цIикIкIарал дараби. Пайдаялда цадахъ гьезул букIине бегьула заралги. ЗахIматаб инфекция бугони, цогидал лугбалги унтизариялъул хIинкъиги букIуна.

Инфекциязде данде къеркьезе гуребги, пайдаял антибиотикал хIажалъула операциял гьарулеб мехалдаги, унтараб лагаялъул бакIалда цогидав чиясул лага лъолагоги, химиотерапиялъеги. Антибиотиказ кумек гьабулеб гьечIони, медицинаялъул гIемерал процедураби чиясул гIумруялъе хIинкъи бугеллъун лъугьуна.

ЦIа-кан бахинеги, гриппалъул унти ккезеги, магIарулаз абухъе, «къватIул унтиялъеги» гIиллалъун рукIуна вирусал. Антибиотиказ гьезие кинабгIаги зарал гьабуларо ва сахлъизеги квербакъуларо. Гьединлъидал унтарав чи ине ккола тохтурасухъе, сунца унти ккезабун бугебали лъазабизе. Бактериял сабаблъун унтун ватани, тохтурас гьабураб малъа-хъваялда рекъонкколел антибиотиказул уколал гьаризеги ккола. ТIадчIей гьабизе ккола тохтурас бихьизабураб роценалда дару хIалтIизабиялдаги, дару гьабиялъул болжал цIуниялдаги, гьекъолел дарабазда гьоркьоб бихьизабураб заманалдаги. Бегьуларо, тохтурасул малъа-хъваял гьечIого, вирусаз цIа-кан бахинабун бугони, антибиотикал хIалтIизаризеги. ЛъикIаб буго, рахунел унтабаздаса цIуниялъул мурадалда, сапунги бахун, кверал чуризе, рацIцIалъиялъул низам цIунизе ва заманалда вакцина гьабизеги.

Бажаруларо, нилъер чорхолъе бактериял лъугьиналде тIубанго данде­­чIезе: гьел кидаго хисарду­лел рукIуна. Амма бажарула гьел тIи­ритIунгутIиялъе тадбирал гIуцIизе. Гьелъул мурадалда тохтурас антибиотикал гьареян малъизе ккола, гьелъие кьучIаб гIиллаги цIехон. Медицинаялъул идараялдаги тIадаб буго рахунел унтабаздаса халкъ цIунизе ва кинаб даруялъ бактериял загIиплъизарулел ва чIвалел ругелали лъазабизе.

Ахиралдаги бокьилаан щивав дагъистаниясде гьадинаб хитIаб гьабизе: антибиотиказ вирусазукьа сахлъизаруларо. Гьединлъидал антибиотикал хIалтIизаре, гIицIго тохтурасул малъа-хъваязда рекъон. Жакъа антибиотикал гIакъилго хIалтIизаруни, метер гьез мун хвалил квачIикьа вахъила.

АхIмад АЙДЕМИРОВ, 

ХIажимурад ГIУСМАНОВ,

РУЦалъул тохтур-урологал