Новость на родном

Туристазул читIир лъагIалица лъугIунгутIиялъе щиб гьабилеб?

        13 ноябралда «Анжи-Аренаялда» тIобитIана «Open Dagestan» абураб туризмалъул форум. Гьелда гIахьаллъана туроператоралги, гидалги, гостиницабазулгун кафеязул ва туристал раччулеб транспорталъул бетIергьабиги, эксперталги.    Гьез гьенир тIоритIана семинарал, мастер-классал. Бицана туристал сабаблъун Дагъистаналъул гIисинал росаби цIунизе бугеб кIудияб кIваралъул, гьанжего-гьанже гьалбадерил рукъзал рагьулел гIадамаз хасго магIарухъ хIисабалде щиб босизе кколебали, советияб заманалда туризм цебетIезабиялъул...

Новость на родном

Рукъзал руго, гIарац гьечIо

      Пачалихъалъ бесдалазе рукъзал росизе кьураб гIарац, гьелги росичIого, МахIачхъалаялдаса, Избербашалдаса, Хасавюрталдаса ва Хасавюрт районалдаса нахъбуссун республикаялъул бюджеталдего бачIине рес буго. Гьедин бицана гьал къоязда хIукуматалда тIобитIараб данде­лъиялда ДРялъул лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министрасул ишал тIу­ралев ЯхIя Бучаевас.     Гьеб идараялъул сайталда хъва­вухъе, республикаялда буго жанир чIезе рукъ къваригIараб 3223 бесдал лъимер. Гьезда...

Новость на родном

25 соналъ ссудулеб ругъун

     16 ноябралда Каспийскиялда ракIалде щвезаруна теракталъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъарал гIадамал. Официалиял кIалъаял гьенир рукIинчIо. Теракт ккараб бакIалда бан бугеб мармаралъул сиялда цебе, кьер-кьерал чирахъалги ракун, тIугьдул лъуна ФСБялъул гIурхъаби цIунулеб управлениялъул Каспийскиялда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Андрей Карпенкоца ва ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас.      1996 соналъул ноябралъул кватIараб сардилъ, Ленинил къотIноб бугеб гIемертIалаяб...

Новость на родном

ГIадамал хинлъи гьечIого тезе бегьуларо  

         17 ноябралда, ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана данделъи. Гьениб бицана 2021-2022 соназ хаслихълъиялдегун хасалиде ЖКХялъул объектазул бугеб хIадурлъиялъул хIакъалъулъ. Гьеб хIалтIи унеб бугеб куцалда хадуб халкквезе ва гьелъул иш рукIалиде ккезабизе гIуцIун буго хIукуматалъул нухмалъулев ГI. ГIамирхановасул нухмалъиялда гъоркь оперативияб штабги. Щибаб моцIалъ штабалъул гIахьалчагIаз хал гьабизе руго цере...

Новость на родном

ЦIалдохъабаз буцIцIараб талихIалъул гьогьомиялъукь

Унго-унгоги, гьаб ракьалда ругелщинал лъикIал гIадамал. Гьединаз гурищ дунялго ккун бугеб. Гьезул лъикIлъиялъ кIигъеж гьабун баччун букIуна гIумруялъул кинабго захIмалъи. Гьединал рихьидалги, гьезул- гун лъай-хъвай ккедалги, гьезул бицунеб рагIидалги, кидаго ракIалде рачIуна Ф. М. Достоевскиясул «Берцинлъиялъ хвасар гьабула дунял» абурал рагIаби. Щиб лъалеб, гьесги бицунеб букIун батила рухIияб бер- цинлъиялъул хIакъалъулъ. Нилъер щивасул къисматалдаги нур...

Новость на родном

БоцIи гIемерлъана, хур цIун бачIана

   Хасалихъе байбихьула хIисаб гьабизе, рикIкIине, нахърателал гьаризе. Гьедин гьабулеб буго исанаги Казбек районалъул хурухъабазгун боцIухъабаз. АбизегIан гIемер гьечIо гьезул бекьулеб ракь -8500 гектаралдецин баху­наро. Гьелда гьоркьоса 2030 гектаралда рекьун рукIана хаслихъе хьалел могьолал культураби. Гьелда гьоркьоса 1850 гектаралъул щибалдаса бакIарана 26,3 центнер ролъ­ул, кIикъоялда щу-щу цент­нер бакIарана 400 гектаралда бекьараб цIоросаролъул, 327 тонна бакъдебуссалъул,...

Новость на родном

ГIодов ккарав вухуларо

Риччанте нилъер лъимал рукIине лебалал, Биччанте гьез цIунизе Дагъистаналъул къадру. Расул ХIАМЗАТОВ       «Гьоболас къалеб бакI къазе кко­лаян» абула магIарулаз. ЧIахIиязул гIакълу-малъиялда рекъон, гьо­боласул букIине ккола хIалимаб, гIемер кIалъалареб хьвада-чIвади. ЯхI-намус тIагIинлъун рикIкIунаан чияр ясазухъ балагьицин.    Цебе годекIабахъ гIолилазе що­лаан яхI-намусалъул, захIмат бо­кьиялъул, къо хIехьеялъул дарсал. ГIумруялъул хIалбихьи щварал харабаз кьолаан гIакълу,...

Новость на родном

Коронавирус ва инсанасул ихтиярал

   Коронавирусалъул пандемия лъазабуралдаса нахъе унеб буго кIиго соналдасаги цIикIкIун заман. Гьелъ лъалаго хисизабуна нилъер гIумру: доре-гьанире ине, сухIматал гьаризе гьукъана, къана гIорхъаби. Гьеб киналъго рачана инсанасул ихтиярал мукъсан гьариялде. Экспертазул баяназда рекъон, 2020-2021 соназда бищун гIемер хIалтIизарулеллъун ккана «вакцинация», «самоизоляция», «маска» ва «перчатки» абурал рагIаби.     Гьеб хIинкъиялдаса халкъ цIуниялъул мурадалда Россиялда гIуцIана...

Новость на родном

Рокъосанго цIали букIине гьечIо

      Школлъимал рикIкIадасан цIалулеб низам лъазабизе гьечIин абуна ре­спубликаялъул бетIер Сергей Меликовас. Коронавирусалда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицине, 10 ноябралда ахIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда абуна гьес гьедин. ЦIакъго рес къотIараб хIал ккани гурони рокъосанго лъимал цIалулеб низамалде рачIине гьечIо.     Пандемиялда сверухъ ахIвал-хIал цIакъго гIорхъолъа борчIараб куцалда гьечIин бицана С. Меликовас.  ...

Новость на родном

Буртабазул зигара

      Болъихъ районалъул РахатIа бугеб буртабазул фабрикаялъул иш рес къотIараб хIалалде кко­леб бугин лъазабуна гьелъул нух­малъулев ГIали МухIамадовас.    -ГIолохъаби гьенире хIалтIизе рачIунел гьечIо. Цебе лъабнус­го чи хIалтIулев вукIараб фа­брикаялда жакъа хутIун вуго къогогIан чи, гьелги руччаби.       ТIадежоялъе, фабрикаялъул къайи-цIа хисичIогоги бана гIемераб мех, техника басралъун буго. ГIолохъабазе бокьулеб гьечIо...